Басил Асадил цӀаралда бугеб халкъаздагьоркьосеб аэропорт

Халкъаздагьоркьосеб аэропорт "ХІмеймим"
ГӀараб: مطار باسل الأسد الدولي
IATA код: LTKICAO код: OSLK
МагІлумат
Пачалихъ Сирия
Тайпа рагъулаб
Эксплуатант Россиялъул ГЬККЪ
Бугеб бакІ Лазикъия
Ралъдал уровеналдаса борхалъи 48 м
Координатал 42°49′00″ ш. гӀ. 047°39′08″ бб. х.HGЯO
Сирия: жеги гьечӀо позиционияб карта.
Терминалал 1
БакІалъул заман UTC +2.00
Роржунел-чІолел мухъал (РЧМ)
Номер Размерал Бахчи
17/35 2797х45 м бетон

Басил Асадил цІаралда бугеб халкъаздагьоркьосеб аэропорт (ГӀараб: مطار باسل الأسد الدولي; IATALTK, ICAOOSLK) — аэропорт буго, Сириялъул Ракьдагьоркьосеб ралъдада бугеб аслияб порт-шагьар Лазикъиялдаса 25 километраялъ бакъдехун. Аэропорталда цун буго ХІмаймим абураб поселок, гьединлъидал аэропорталдеги къокъго ХІмеймим абунги тола.

халкъаздагьоркьосеб аэропорталъе кьун буго Басил Асадил (1962—1994) цІар, Сириялъул вукІарава президент ХІафиз Асадил вас ва гьанже вугев президент Башар Асадал вац. Роржунел-чІолел мухъазул халалъи буго 2797 метра, ралъдал кІалалдаса борхалъи — 48 метров[1].

2015 соналъул 26 августалда Россиялъул Федерациялдаги Сириялъул ГІараб Жумгьурияталдаги гьоркьоб гьабураб, Россиялъул Фнднрациялъул ЯргъидгІуцІарал Къуватал Сирияллъул ракьалде рехиялъул къотІиялъул 2 бутІаялъул 4 пункталда рекъон, «ХІмеймим эродром кьун буго нахъ буссин гьечІеб куцалда Россиялъухъе».

2015 соналъул 30 сентябралдаса байбихьун аэродромалда парахатго буго Сириялда бугеб Россиялъул ГЬККЪалъул авиациялъулаб къокъа, Россиялъул Сириялда рагъул операциялда гІахьаллъи гьабулеб[2].

 
Аэродромалда россиялъул авиациялъул рагъулаб иш
  1. ^ WorldAeroData.com. (12 Sep 2006.). "Bassel al Assad INTL" (in английский). WorldAeroData.com. Архивация оригинал (2016-03-04). Щвей 2016-06-15. {{cite web}}: Check date values in: |date= (help); Invalid |url-status=хвараб (help)
  2. ^ Правительство Российской Федерации. Правительство Сирийской Арабской Республики. . — Т. Международные Договоры Российской Федерации.