Буше́р[1] (парс بوشهر[buːˈʃehr] — Бушегьр[2]) — Ираналъул 31 провинциялдаса (останалдаса) цояб. Остан буго Парс заливалъул рагӀалда. Ракьалъул гӀатӀилъи — 22 743 км²[3]. Административияб марказ — Бушер шагьар, цогидал чӀахӀиял шагьарал — Боразджан, Бендер-Генаве, Хормудж ва цогидал. Останалда гъорлъ уна 9 шагьрестан. 2006 соналъ останалъул халкъалъул къадар бахана 886 267 чиясда[3].

Бушер
blank300.png|300px]]
БахӀрейнКъатӀарГӀуманКувейтТурцияЭрминистанАзарбижанТуркменистанАфганистанПакистанГӀиракъСагІудиязул ГІарабияЦолъарал ГIараб ИмараталКаспий ралъадПарс заливОрмуз проливГӀуман заливЮжный ХорасанЙаздСистан ва БалучистанКерманХурмузганПарсБушерХурасан-РезавиШималияб ХурасанГулестанМазандаранСемнанТегьранАлбурзКъумЧехармехаль и БахтиарияКохгилуйе и БойерахмедХузестанИламЛурестанЦентральный останИсфагьанГиланАрдебильКъазвинХамаданКерманшагьКурдистанВосточный АзербайджанЗенджанЗападный Азербайджан
[[file:blank300.png
Пачалихъ
Адм. марказ Бушер
БетӀер Esmail Tabadar[d]
Тарих ва география
ГӀатӀилъи 22 743 км²
Халкъ
Къадар 886 267 чи  (2006 сон)
Гъунки 38,97 чи/км²
Расмиял мацӀал парс
Luri
Цифрабазул идентификаторал
Телефоналъул код 0771
Бушер картаялда
 Медиафайлал Викигъамасалда
Бушер останалъул административияб бикьи

Тарих хисизабизе

Француз гӀалимзабаз 1913 годсоналъ гьарурал цӀех-рехазда рекъон чӀезабуна Бушералъул тарих Эламалъул заманалдаса байбихьулеблъи.

Административияб бикьи хисизабизе

Остан бикьула 9 шагьрестаналда:

  1. Бушер
  2. Генаве
  3. Дейер
  4. Дейлем
  5. Дешти
  6. Дештестан
  7. Джем
  8. Кенган
  9. Тенгестан

ЧӀахӀиял шагьарал хисизабизе

Экономика хисизабизе

Аслиял экономикаялъул отраслал — нарт ва газ бахъи, химикияб, нартул, гумузул, кванил, текстилияб промышленностал, бича-хиси, транспорт, энергетика, росдалаб магӀишат (чамастак, цитрусал, алоэ), ччугӀакквей, туризм.

Бушералда буго кӀвар бугеб порт (Бандар-ГӀаббасалдаса хадуб жиндир бугеб кӀвар борцун Ираналъул кӀиабилеб порт бугин абизе бегьула) ва Эркенаб экономикияб зона. Харг чӀинкӀилъиялда буго нартул завод National Iranian Petrochemical Company (инг.)авар. ва нартул терминал.

Бушералъул АЭС хисизабизе

Бушералда аскоб буго атомнияб электростанция[4][5].

Рихьизе бакӀал хисизабизе

Бушералда руго интересал некӀсиял мажгитал ва голландиязул хъалаялъул риххелал.

ХІужаби хисизабизе

  1. Халип:Книга:СГНЗС
  2. Инструкция по русской передаче географических названий Ирана. — М.: Наука, 1979. — С. 46.
  3. 3,0 3,1 Statoids.com (инг.)
  4. "АЭС «Бушер» (Иран)". Атомстройэкспорт. Халагьи 2010-11-01. (хвараб регӀел)
  5. М.Сторожевой (2010-08-23). "Немного о Бушере". AtomInfo.Ru. Халагьи 2010-11-01.

РегӀелал хисизабизе