ВатӀан цӀунулезул къо

«ВатӀан цӀунулезул къо» — санайил 23 февралалъ Белоруссиялда, Хъиргъизистаналда, Россиялда ва Тажикистаналда тӀобитӀулеб байрам[1][2].

ВатӀан цӀунулезул къо
ВатӀан цӀунулезул къо
Ленин ва Луначарский
(А. И. Савельевасул сурат)
Тайпа Пачалихъияб
Лъуна 1922 соналъ
КІодо гьабула санайил
Къо-моцІ 23 феврал
Хурхараб буго тІоцерел рагъазда БагІар армиялъул Германиялъул аскаралгун 1918 соналъул феврал моцӀалъ.

Асслияб информация хисизабизе

ГӀадатлъун лъугьухъе, щибаб соналъул 23 февралалда Россиялъул гӀемер миллатазулаб халкъалъ ва бахӀарчиял яргъилал къуватаз кӀодо гьабула ВатӀан цӀунулезул къо. Бищунго хӀурматиял байрамазул цояблъун ккола гьеб. ВатӀан цӀунулезул къоялъ нилъер халкъалъ кӀодо гьарула пачалихъалда цере Россиялъул солдатазул чӀахӀиял гьунарал. Советиял солдатаз бахӀарчилъи бихьизабуна КӀудияб ВатӀанияб рагъда, гьелда цересел рагъазда. БахӀарчиял умумузул мустахӀикъал ирсилаллъунги рукӀун, улкаялъул яргъилал къуватазул хӀурматияб байрахъ борхатго ккун буго жакъа Россиялъул армиялъ. Гьелъ жиндирго хӀурматияб борчлъун рикӀкӀунеб буго Россиялъул гӀадамазул эркенлъи ва хӀинкъи гьечӀолъи ясбер гӀадин цӀуни. Гьеб армиялда мустахӀикъаб къагӀидаялда рагъулаб хъулухъ гьабулеб буго аваразул васазги.

Гьеб байрамгун хассго баркула КӀудияб ВатӀанияб рагъул гӀахьалчагӀазда, Венгриялда, Чехословакиялда, Афгъанистаналда, Тажикистаналда, Чачан республикаялда рагъулал тунка-гӀусиязда гӀахьаллъаразда, Чернобылалъул авариялъул зарал лъугӀизабиялда хӀалтӀаразда [3].

ХІужаби хисизабизе

  1. О 4-й годовщине Красной Армии // Собрание узаконений Рабочего и крестьянского правительства. Отдел первый. — 1922. — 6 марта (№ 11). — С. 203
  2. 23 февраля в России отмечается День защитника Отечества. (хвараб регӀел) «РИА Новости» // rӀa.ru (23 февраля 2015 года)
  3. «Сагаси гьуникад» казият; № 6 (10458); 17 феврал 2017 сон