Волфганг Амадеус Моцарт

Волфганг Амадеус Моцарт (гер. Wolfgang Amadeus Mozart, [ˈvɔlfɡaŋ ʔamaˈdeːʊs ˈmoːtsaʁt][a], 27 январ 1756, Залцбург — 5 декембер 1791, Вин) — классикияб периодалъул цӏар арав ва кӏвар бугев композиторав. Къокъабго гӏумруялда жаниб гьес хъвана жиндир мехалъул рукӏаралщинал жанразул 800-идаса циккӏун хӏалтӏи. Гьесул гӏемерисел композициял рикӏкӏуна симфонияб, концертантияб, камерияб, оператияб, ва хоралаб репертуаразул тӏогьарлъун. Моцарт рикӏкӏуна Бакътӏерхьул музикадул гьисториялда бищун кӏудиял ва цӏарщел бугеб композиторазул цоявалъун,[1] гьесул музикалъулӏ буго "мелодикаб берцинлъи, элъул формалаб элеганлъи ва гьармониялъулги текстуралъулги бечелъи".[2]

Гьавуна Залцбургалда, гьанжесеб Австриялъул, Моцартица лъимерлъудасаго бихьизабуна цӏакъаб махщел. Кӏолол тӏагӏалаби ва чагъана лъикӏ хӏалтӏизабулев гьес щуго сон баралдаса хъвазе байбихьана музика, гьесухъ гӏенеккулаан Европалъул къиралиял чагӏиги. Инсуца гьев цадахъ вачана Европалда кӏудияб турнеялде, хад Италиялде бухьараб лъабго сапаралда. 17 сонил ригьда гьев вукӏана Залцбургалъул гьиндив музикантлъун, хад гьев тира-сверана дагьабги лъикӏаб хӏалтӏи балагьизе.

1781 соналъ гьев рещтӏана Виналда, гьениб щвана Моцартие цӏарщелги. Гьенир тӏамурал тӏарамагъадисел соназ хъвана гьес щиндир бищун цӏар арал симфониязул, концертазул ва операбазул цӏиккӏанисел. Гьесул Реквием хутӏана хъван бахъинчӏого, гьев, 35 сон барав чи, хведал.

Мугъчӏваял хисизабизе

  1. Хъанчалелъул Йогьаннес Хрисостомус Волфгангус Теофилиус Моцарт латин: Iohannes Chrysostomus Wolfgangus Theophilus Mozart. Моцартил битӏараб царулӏ буго жуба-гъубай.

Цитацион хисизабизе

  1. Buch 2017, "Introduction".
  2. Eisen & Sadie 2001.

Иццал хисизабизе