ГӀабдуллагь ибн ГӀабдул МутӀтӀалиб

ГІабдуллагь ибн ГІабдул МутІтІалиб» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

ГІабдулла́х ибн ГІабд аль-МутІтІа́либ аль-Курайши́й (гӀар. عبدالله بن عبد المطلب‎‎; 545(0545), Макка570, Мадина) — МухІаммад аварагасул эмен ва ГІабдул МутІтІалибил вас.

Напсиял баянал
базарган
545
Макка
570
Мадина
25 сон
гІарабав, къурайшияв, Гьашимияв
ГІабдул МутІтІалиб
ФатІима бинт ГІамр
Амина бинт Вагьб

ТІадеги баянал
МухІаммада авараг гьавилалдего хвана

Биография хисизабизе

Къурбаналъе вачин

ГІабдуллагь вукIана ГІабдул МутІтІалибие кутакалда вокьулев васлъун. Гьев гьедун вукIана, жиндие 10 вас гьавуни цояв къурбаналъе гьавизе вугоян. Цо чанго соналдасан, васал кIудиял гIедал гьесда ракIалда щола жиндицаго кьун букIараб къотIи. Гьев анцIасулго кинав вас къурбаналъе хъвезе вугеван можоро рехидал, гьеб ккола ГІабдулллагьиде. Къурайшиязул гIакълуялда нахъ вилълъун ГІабдул МутІтІалиб нахъ вуссуна жиндицаго гьабун букIараб къотIиялдаса ва жиндирго васасул бакIалда гьес къурбаналъе хъола 100 варани[1][2].

ЧIужу ячин

Цогиязда данде ккун ГІабдуллагь батIа вахъулев вукIана гIажаибаб берцинлъиялдалъун, лъикIаб, берцинаб тIабигIаталдалъун. Гьединлъидал гIемерисел руччабаз нахъе чIвазе вукIинчIо гьев ригьинги босун вачIун вукIаравани.[3]. 569 соналъ Абдуллагьица ячана цIар рагIарай яс Амина бинт Вагьб ва гьел кIиязего гьавуна хирияв МухІаммад авараг  . Кинго вас гьавилалдего ГІабдуллагь хвана[1].

Хвел

Холеб мехалда ГІабдуллагь ибн ГІабдул МутІтІалибил букIана 25 сон. ТарихчагIазул баяназда рекъон, ГІабдуллагь вахъун вукIан бича-хисиялъе Шамалдехун, гьенивеги щвечIого нухда захIматго унтун, Мажинаялде щвараб мехалъ хвана гьев.Цоги баяназда рекъон ГІабдуллагь холеб мехалъ аварагасул   букIанин хъвалеб буго 2 моцI[1].

ХІужаби хисизабизе

  1. 1,0 1,1 1,2 А. Али-заде 2007.
  2. Абдалла и Амина Archived 2014-11-29 at the Wayback Machine — Mukmin.Narod.Ru
  3. Рождение и детство Пророка Мухаммада Archived 2011-08-12 at the Wayback Machine — Muhammad-SAS.Ru

Адабият хисизабизе