ГӀарани гьоркьохъеб школа, ХӀамзатил Расулил цӀаралда бугеб

ГӀарани школа[a]Хунзахъ мухъалъул ГӀарани бугеб гьоркьохъеб школа, жибги аваразул кӀудияв шагӀир ХӀамзатил Расулил цӀаралда бугеб. ГӀарани школа ккола Хунзахъ мухъалда ругел кӀудиял школабазул цояб ва бищун кӀудияб жиндир интернат бугеб школалъун.

ЦӀалул бакӀ
ГӀарани гьоркьохъеб школа-интернат, ХӀамзатил Расулил цӀаралда бугеб
ГӀарани Школа
Школалъул сурат
ТӀубараб цӀар Муниципалияб пачалихъалъулаб гӀаммаб лъай кьеялъулаб гӀуцӀи «ГӀарани гьоркьрхъеб гӀаммаб лъай кьеялъул школа-интернат, ХӀамзатил Расулил цӀаралда бугеб»
Цогидал цӀарал гІур. Аранинская средняя общеобразовательная школа-интернат имени Расула Гамзатова
История
  • 1930 — ГӀараниб школа рагьи
  • 1939 — Гьоркьохъеб школалъул статус щвей
  • 2021 — Реконструкциялда хурхун школалъул хӀалтӀи чӀезе тей
  • 2023 — ЦӀияб школа рагьи
ГӀуцӀи
Тайпа Гьоркьохъеб школа
Директор ПатахӀилазул МухӀамадил СалихӀал
ЦӀалурахъ бачуней МухӀаммадгӀалилазул ГӀалил Зарипат
Малъарухъаби 48 чи (2021)
ЦӀалдохъаби 210 (2020)
Интернат Буго
Адрес
Бугеб бакӀ ГӀарани, Хунзахъ мухъ
Унгояб адрес 368273, Дагъистан, Хунзахъ мухъ, ГӀарани
Сайт https://s1arn.siteobr.ru

ГӀараниб тоцебесеб школа рагьана 1930 соналда, 1939 соналъ гьеб гьабуна гьоркьохъеб школалъун; 2021–2023 соназда тӀобитӀана школалъул реконструкция: кьуччӀдасанго бана цӀияб школаги, гьелда хурхарал карталги, 2023 соналъул 1 септембралдаса буго хӀалтӀулеб цӀияб школа.

2016 соналъул январалдаса байбихьун ва 2021 соналде щвезегӀанги, 2023 соналъул 1 септемралдасаги ГӀарани школалъе нухмалъи гьабулей йиго директор ПатахӀилазул СалихӀат.[1][2]

История хисизабизе

ГӀарани росулӀ школалъул история байбихьана 1930 соналъда. Гьеб соналъ совет хӀукуматалъ киназего гӀаммаб бабихьул лъайщвеялъул канон бахъизегӀан, щибабго росулӀ букӀинчӀо школа. Гьел соназ ГӀаранир, хъалалъул рукӀана кинабго мухъалъул гӀуцӀаби ва лъабго лъай кьолеб бакӀ:

  1. Авар субтехникум;
  2. Рекьарухъабазул гӀолилазул школа (гьенире росулаан 3–4 класс лӀугӀизарурал);
  3. МугӀрузул мухъазул росабазе кадраби хӀадурулеб школа;

ТӀоцебесеб байбихьул школа рагьана 1930 соналъул 1 сентябралъ МухӀамадилазул МуртазгӀалил рокъоб, Гиничукь, ГӀарани, ЦӀада росдал 7–16 сон барал лъималазе. Гьел рикьун рукӀана бугеб лъаялда рекъон. Дарсал кьолел чагӀи рукӀана:

  • ТӀалхӀатилазул Мухтар
  • ХӀажилазул МухӀамад
  • МухӀамадилазул МухӀидин
  • Чупанилазул Запир

Школалъул нухмалъулев вукӀана ИлӀаса Шамилилазул ГӀали; гьединго гьений хӀалтӀулей йикӀана гӀурус учительница Дора.

1934 соналъ Авар субтехникум бахъана Шурабе, Рекьарухъабазул гӀолилазул школалъул гьабуна тӀобачӀеб гьоркьохъеб школа (ТӀГЬШ), гьелъул директорлъун лӀугьана авар фолклор данде бакӀарарав, авар мацӀалъул тӀахьал хъварав ГӀалиханилазул Заирбег (ДАССР-алъул мустахӀикъав малъарухъан).

 
ХӀамзатил Расул, жиндир цӀаралда ГӀарани школа бугев.

ГӀарани тӀобачӀеб гьоркьохъеб школалъул тӀоцебесеб школлӀугӀи букӀана 1935 соналъ. Гьеб соналъул школа лӀугӀаразда гьоркьов вукӀана Хунзахъа МуртазгӀалилазул МухӀамад, жиндие кӀудиб ватӀанияб рагъулӀ 9 орден щварав. ГӀарани ТӀ. Гь. школа лъугӀарал гӀемерисез гӀахьаллъи гьабуна кӀудияб ватӀанияб рагъулъ, гьезда гъорлӀ ЛъагӀелухъа ГьитӀинавасасулазул ХӀайдарбег, ГӀахьалчӀиса Сайпулагьилазул МухӀамад, БакьайчӀиса ГӀалилазул МалламухӀамад ва Баринилазул ГӀабдулвахӀид.

1939 соналъ ГӀарани тӀобачӀеб гьоркьохъеб хисун гьабуна ГӀарани гьоркьохъеб школа; директорлъун тана тӀоцебе жиндие тӀадегӀанаб лъайги щварав, чӀахӀиял классазда математикаги кьолев вукӀарав ИлӀаса ХӀажилазул МухӀамадсайгид. Гьеб заманалъ школалда хӀалтӀулел рукӀана ЧӀохъа ГӀалилазул ИсхӀакъ (физикалъул мугӀалим) ва Маклакилазул ГӀумар (математикаялъул мугӀалим), МухӀамадилазул Бадави, НурмухӀамадилазул Камалудин (военрук), МухӀамадилазул Сайгид (бабихьул классазул мугӀалим), ЗайнулгӀабидилазул АхӀмад. ХӀалтӀулел рукӀана гӀурус мугӀалимзабиги: Сталинград областалдаса Адукова Н. С. ва Воронеж областалдаса Смирнова Н. А. Школалъул цӀулурахъ бачуневлъун вукӀана ХӀамзатил МухӀамад, ЦӀадаса ХӀамзатил вас.

1939–1940 соназда ГӀарани школалда хӀалтӀулев вукӀана ХӀамзатил Расул, байбихьул классазул малъарухъан хӀисабалда.

Рагъда цересел соназ ГӀарани школалда гьединго хӀалтӀулев вукӀана хадув жив Совет пачалихъалъул бахӀарчилъун вахъарав гӀурус мугӀалим Михаил Федин.[3]

1942 соналъ ГӀарани школалъул директорлъун вукӀана Степовой М., гьесда цадахъ хӀалтӀулей йикӀана гьесул чӀужу Самарченко О., математикаялъул мугӀалим.

Рагъдаса хадусел соназул тӀоцебесеб школа лӀугӀи букӀана 1946 соналъ. Гьеб 10-леб классалда вукӀана микьго цӀалдохъан. Школалда тӀадегӀанаб лъай бугел мугӀалимзабиги рукӀинчӀого, цӀалдохъаби ине кколаан экзамен кьезе ЧӀохъе. Гьезда цадахъ гьениве ун вукӀана директор ГӀалисултӀанил МухӀамад.

2008 соналъ лъай кьеялъул миллияб проекталдалъун ГӀарани школалъе кьуна президентасул грант.[3]

2021 соналъ байбихьана ГӀараниб цӀияб школа базе, гьелда хурхун, ГӀарани школалъул коллективги, цӀалдохъабиги рикьа-къотӀана цогидал школабазде.

2023 соналъул 1 септембралда тӀобитӀана цӀияб школа рагьи, букӀараб коллективги гьенибе нахъбуссана.

Школалъул гӀуцӀи хисизабизе

БукӀараб школа хисизабизе

 
ГӀарани школалъе 2007 соналъ лъай кьеялъул инновациял рилъинарулел лъай кьолел гӀуцӀалабазул къецазда беренлъи ккураб школа хӀисабалда кьураб

ГӀарани школалъул букӀана 90 бакӀ бугеб интернат, боголрукъ ва 120 бакӀ бугеб кваналеб рукъ. БукӀана магӀишаталъулаб амбар ва гараж. Школалде бачун букӀана лъим. Жиндир заманалда рукӀана автодром ва лъабго машина.

Школалъул букӀана цебетӀураб лъай кьеялъулгин материалияб аслу. БукӀана цӀалул устархана (90 м2) ва 0,8 гектар бугӀеб бакӀ, цӀалдохъабазе хӀалтӀаби гьаризе. Школалда цебетӀураб букӀана спортги, школалъул азбаралда рукӀана волейболалъеги, футболалъеги, гимнастикаялъеги майданал, школалъул стадион, спортзал, гугарухъабазул зал, кьвагьдеялъул зал.

Жибго школалъул минаялъуб букӀана 23 классалъул рукъ, 17 паспорт бугеб кабинет, 15 компьютер бугеб класс. ГӀураб къадар букӀана цӀалуе къварегӀунебщинаб материалалъул.

ГӀарани школа букӀана мухъалъул аслияб школазул цояб. Гьенир гьарулаан мухъалъул спорталъулал къецал, гугарухъабазул къецӀал. Щибаб соналъ гьабулаан математикалъул батӀи-батӀиял мухъазда гьоркьосеб олимпиада.[4] Жиндир заманалда гьабулаан Хунзахъ мухъалъул щибаб олимпиада.

Школалда жигаралда ва кӀудияб кӀваралда хӀалтӀулаан батӀи-батӀиял горсвераби; лъикӀал хӀасилал рихьизарулаан мухъалъул ва мухъазда гьоркьосел къецазда кечӀ ахӀиялъул горсвериялъ (Дагъистаналъул маданияталъул министерлъиялъ гьелъие 2002 соналъ кьуна 3-леб даражаялъул диплом, 2003 — 2-леб даражаялъул).

ГӀарани школалъул цӀалдохъабаз гӀахьаллъи гьабулаан ва бергьенлъаби росулаан мухъалъул олимпиадабазда ва цогидал цӀалул къецазда.

Гугари цебе тӀеялъе чӀезарун рукӀана киналго шартӀал. ЦӀалдохъабаз гӀахьаллъи гьабулаан ва бергьенлъаби росулаан мухъалъулги республикалъулги къецазда. Ахираб 10 соналда жаниб, ГӀарани школа лъугӀизабурав 4 чи вахъана спорталъул мастерлъун, цояв — спорталъул мастерасде кандидатлъун, кӀигояв — Дагъистаналъул чемпионлъун, 1 — Россиялъул Жанублъиялъул къецазул лъабцӀул бергьаравлъун.

ЦӀияб школа хисизабизе

ЦӀияб ГӀарани школа, националияб проекталда гъорлӀ, бана евростандарталда рекъон.[5] буго лъабтӀалаяб. Щибаб этажалда руго цӀалул классал, музеял, батӀи-батӀияб тематикиял бокӀнал. Буго кӀигониги спортзал, кӀудияб актияб зал, кванил блок. Школалда цӀализе бегьула 308 чи цӀалдохъабазул. 78 чиясе гӀолеб гӀаммрукъги буго. ТӀубараб школалдаго чӀезабун буго цӀорорабги бухӀарабги лъим ва ц. Руго васазеги ясазеги рацӀцӀа-ракъалъи гьабизе ратӀа-ратӀаго рихьизарурал рукъзал, дарсазде хӀадуризе хасал бокӀнал.[6] Школалда цебе лъун буго ХӀамзатил Расулил барелиеф.[5]

Коллектив хисизабизе

Директорзаби хисизабизе

ГӀарани школалъул директорзабилъун рукӀана:

  1. ХӀажилазул МухӀамадсайгид
  2. Сулейманилазул Каримулагь
  3. ТӀалхӀатилазул Мухтар
  4. Степовой Михаил
  5. МухӀамадилазул Бадави
  6. Юсупилазул МухӀамад
  7. ГӀалисултӀанилазул МухӀамад
  8. ХӀажилазул МуртазгӀали
  9. ГӀабдурахӀманилазул ГӀабдурахӀман
  10. Хуршилазул ГӀабдула
  11. Сиражудинилазул МухӀамадгӀали
  12. Ясулазул ХӀажи
  13. ГӀамирханилазул МухӀамад
  14. Шахшалазул ХӀамзат
  15. Расулилазул Ислам
  16. ХӀамзалазул ГӀбдулатӀип
  17. Насухилазул МухӀамад
  18. РахӀматулагьилазул Заурбег
  19. Мусалазул Сулейман
  20. ПатахӀилазул СалихӀат (2016 соналдаса).

Школалъул директорлъун 2016 соналдаса 2021 соналде щвезегӀанги, 2023 соналдаса нахъеги йиго ПатахӀилазул МухӀамадил СалихӀат. 1984 соналда гьелъ лӀугӀизабуна Дагъистаналъул педагогикияб университет (биологиялъулги химиялъулги факультет), хад гьей цӀалана Московалъул Рагьараб социалаб университеталъул психологиялъул катедралда, лӀугӀизабуна университет багӀараб дипломалда 1984 соналда. ЦӀалун хадуса МухӀамадил СалихӀат хӀалтӀана лъагӀалица ЦӀадаса ХӀамзатил музейлда, хад ТӀануси школалда биологиялъул малъарухъанлъун 24 соналъ. 2016 соналъул январалде щвезегӀан гьей йикӀана Хунзахъ мухъалъул лъайкьеялъул методикияб централъул нухмалъулейлъун.[1] СалихӀат ккола Россиялъул лъайкьеялъул мустахӀикъай малъарухъанлъун.[7]

Малъарухъаби хисизабизе

Цересел соназда хисизабизе

ГӀарани школалъул рагъулъ гӀахьаллъи гьабурал мугӀалимзаби.

  • ХӀайдарбегилазул Мансур
  • ХӀусейнилазул ГӀумардибир
  • Сиражудинилазул МухӀамадгӀали
  • ЗайнулгӀабидилазул АхӀмад
  • МухӀамадилазул Наби
  • МухӀамадилазул ГӀалибулат
  • ХӀамзатилазул МухӀамад
  • ГӀабдулмажидов ГӀабдулмажид
  • ХӀажилазул МухӀамадсайгид
  • ГӀабдурахӀманилазул ГӀабдурахӀман
  • Гьиматилазул МухӀамадрасул
  • Аталазул МахӀач
  • Аталазул ХӀусейнхӀажи
  • Абакарилазул МухӀамад
  • Халидилазул НурмухӀамад
  • Сулейманилазул Каримулагь
  • ГӀусманилазул ГӀусман
  • ГӀусманилазул Заку
  • МалахӀусейнилазул МухӀамад
  • МухӀамадилазул Басир
  • ХӀажилазул МуртазгӀали

Рагъул соназги, гьезда хадусел соназги гӀемерисел мугӀалимзаби рукӀана къватӀиса рачӀарал, бакӀалъул лъайкьеялъул система кколеб къадаралъул букӀинчӀо. ГӀарани школалда хӀалтӀулел рукӀарал къватӀиса рачӀарал малъарухъаби:

  • Степовой М.
  • Самарченко О.
  • Серебрякова Б.
  • Серебрякова С.
  • Шардюкова
  • Сухина П.
  • Штефаненко Т.
  • Чалова В
  • Урюпина
  • Кодинцова Д.
  • Астратянц
  • Ниженка
  • Орел В.
  • Катин В.
  • Цупенова Р.
  • Бахталовская
  • Бухтова А
  • Крутова В
  • Кузнецов А.
  • Кузнецова У
  • Чантурия Л.
  • Заурбеков Арсланали
  • Скориков
  • Толмачева А.
  • Кириченко
  • Сухенко
  • Федин М.
  • Цогоева
  • Семиренова
  • Афанасьева

Гьанжесеб мех хисизабизе

2021 солналде щвезегӀан ГӀарани школалда хӀалтӀулев вукӀана 48 мугӀалимги 18 техникияв хӀалтӀухъанги. МугӀалимзабазул персоналалъул рукӀана: тӀадегӀанаб педагогияб лъай бугев 44 мугӀалим, гьоркьохъеб педагоияб лъай бугев — 4, тӀадегӀанаб категориялъул 6 мугӀалим, тӀоцебесеб категориялъул 24 мугӀалим, кӀиабилеб категориялъул — 17; РСФСРалъул лъай кьеялъул отличник — 1 чи; Дагъистаналъул лъай кьеялъул «отличник» — 3 чи; Россиялъул халкъияб лъай кьеялъул мустахӀикъав хӀалтӀухъан — 2 чи.[3]

Лъайкьеялъул рахъалъ хӀалтӀи бачунейлъун (завуч) йиго МухӀамадгӀалилазул ГӀалил Зарипат, Дагъистаналъул халкъияб лъайкьеялъул "отличник" цӀар щварай.[7]

ЦӀалдохъаби ва школа лӀугӀарал хисизабизе

ГӀарани школалъ 2021 соналде щвезегӀан къватӀиве виччана 3000 гӀансев цӀалдохъан, 2021 соналъ букӀана 81-абилеб "къватӀире-риччай" (81 выпуск).

Меседил медаль щварал цӀалдохъаби хисизабизе

Школалда цӀаларал хисизабизе

  • ХӀамзатил Расулаваразул кӀудияв шагӀир, Социализмалъул хӀалтӀул БахӀарчи, Андрей ТӀоцевеахӀарасул Орден щварав, Ленинил ва Пачалихъияб шапакъатазул лауреат, халкъаздагьоркьосел «Фирдоусил», «Христо Ботевасул» ва «20 гӀасруялъул поэзия» шапакъатазул лауреат;
  • ГӀалилазул Гьимбатил МухӀуДагъистаналъул тӀоцевесев президент;
  • МухӀамадов МухӀамадил АхӀмад — СССРалъул гӀелмабазул академиялъул член-корреспондент, ДПУ ва ДППУ-ялъул ректор;
  • ХӀамазатилазул ХӀамзатил ХӀажи — СССРалъул ва Россиялъул гӀелмабазул академиялъул член-корреспондент, Дагъистаналъул историялъул, мацӀалъул ва литературалъул институталъул директор;
  • МухӀамадилазул МухӀамадил Дибир — историкиял гӀелмабазул доктор;
  • Шигьабудинилазул ХӀамзатил МухӀамад — историкиял гӀелмабазул доктор, ДППУялъул катедралъул нухмалъулев;
  • Айтберилазул Айтберил МухӀамад — филологиял гӀелмабазул доктор, ДППУялъул катедралъул нухмалъулев;
  • ГьитӀинасулазул МухӀамадил Наби — медицикиял гӀелмабазул доктор;
  • ГӀалилазул Набил Расул — медикиял гӀелмабазул доктор;
  • Хочбарилазул МухӀамадил Загьид «Мостстрой» гӀуцӀиялъул генералияв конструктор;
  • ГӀумарилазул МухӀамадкъадил МухӀамад — гӀелмабазул доктор, Новгородалъул Росдал магӀишаталъул Академиялъул профессор;
  • КъурбангӀалилазул ХӀосенил МухӀамад — исторкиял гӀелмабазул кандидат, Москваялъул култураялъул университеталъул доцент.

МугъчӀваял хисизабизе

Комментариял
  1. Гьединго ГӀарани школа, ХӀамзатил Расулил цӀаралда бугеб, 2023 соналдаса школа-интернат; тӀубараб цӀар: Муниципалияб пачалихъалъулаб гӀаммаб лъайкьеялъул гӀуццӀи «ГӀарани гьоркьрхъеб гӀаммаб лъайкьеялъул школа-интернат, ХӀамзатил Расулил цӀаралда бугеб», гІур. Муниципальное казенное общеобразовательное учреждение "Аранинская средняя общеобразовательная школа-интернат им. Расула Гамзатова", къокъго гІур. Аранинская СОШ-интернат им. Р. Г. Гамзатова
Иццал
  1. 1,0 1,1 "Лъай-хъвай гьабе: цӀиял директорзаби". Росдал захӀматчи. No. 3-4 #9846-9847. Хунзахъ. 22 Январ 2016. гь. 1. Халагьи 2024-02-11. {{cite magazine}}: Cite has empty unknown parameter: |registration= (квеки)
  2. "Инстаграмалда ГӀарани школалъул гьумералдаса публикация". instagram.com. 2016. Халагьи 2024-02-08.
  3. 3,0 3,1 3,2 "История школы" [Школалъул история]. aranin.dagschool.com (in русский). Архивация оригинал (2024-02-08). {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  4. "Математикалъул олимпиада ГӀарани школалда". instagram.com. Халагьи 2024-02-08.
  5. 5,0 5,1 "Новая школа на 308 мест открылась сегодня в селе Арани Хунзахского район" [308 бакӀ бугеб цӀияб школа рагьана жакъа Хунзахъ мухъалъул ГӀараниб]. Хунзахъ мухъ. Официалаб сайт. 1 Септембер 2023. Халагьи 2024-02-11.
  6. ГӀалиева, Н. (5 Фебруар 2024). "НИЖ ЦlАЛИЛА, ХӀАЛТӀИЛА НИЖЕР ЦЕРЕСЕЛ ГӀАДИН". Росдал захӀматчи. Хунзахъ. гь. 1. Халагьи 2024-02-11. {{cite magazine}}: Cite has empty unknown parameter: |registration= (квеки)
  7. 7,0 7,1 "Школалъул рахъалъ". s1arn.api.siteobr.ru. МЛъГӀ "ГӀарани школа". Архивация оригинал (2024-02-07). Халагьи 8 Фебруар 2024. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)