Январь
(«Январ» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
← январ → | ||||||
Ит | Тл | Ар | Хм | Рз | Щт | Гь |
1 | 2 | 3 | 4 | 5 | 6 | 7 |
8 | 9 | 10 | 11 | 12 | 13 | 14 |
15 | 16 | 17 | 18 | 19 | 20 | 21 |
22 | 23 | 24 | 25 | 26 | 27 | 28 |
29 | 30 | 31 | ||||
2024 с. |
Январ — юлианияб ва григорианияб календаразда лъагІалил тІоцебесеб моцІ. Жодор 31 къо бугел анкьабго моцIалъул цо моцI.
Дагъистаналъул тарихалда январь моцI
хисизабизе- 1262 соналъул 13 январалда Терек гӀурул рагӀалда Хулагидазул ва Меседил Ордаялъул ханзабазул аскаразда гьоркьоб рагъ ккана.
- 1742 соналъул январалда Табасараналде ва Ахтиялде данде Ираналъул аскараз рагъ байбихьана.
- 1804 соналъул январалда ЦӀоралде ана генерал Василий Гуляковасул бетӀерлъиялда гъоркь рагъулаб экспедиция. Гьенив Закатала округалда 15 январалда генерал В.С. Гуляков чӀвана.
- 1811 соналъул январалда Табасараналда байбихьана восстание.
- 1829 соналъул январалда Дагъистаналъул ханзаби Сурхайие ва Абу-СултӀан-Нуцалие чӀезабуна гӀарцулаб харж. 1830 соналъул январалда имам ГъазиМухӀамадица гӀандисезда шаригӀат * [[босизабуна.
- 1833 соналъул январалда ГьоцӀалъ ахӀараб гӀалимазул данделъиялда ХӀамзат-бег лъазавуна имамлъун.
- 1841 соналъул 1 январалда гӀуцӀана Каспиялъулаб область.
- 1878 соналъул январалда «Тушманасулгун гьарулел ишазулъ тӀокӀлъиялъе гӀоло» гӀурус Императорасул армиялъул генерал-лейтенант Балакиши Араблинскиясе (Али-бек) (1828-1902) кьуна ГӀазизай Аннал 2-абилеб даражаялъул орден.
- 1897 соналъул 1 январалда Ереваналда гьавуна Дагъистаналъул политикияв хӀаракатчи, 1942-1948 соназда КПССалъул Дагъобкомалъул тӀоцевесев секретарьлъун хӀалтӀарав ГӀазиз ГӀалиев.
- 1910 соналъул 17 январалда гьавуна Дагъистаналъул политикияв ва жамгӀияв хӀаракатчи ХӀажагӀали Даниялов.
- 1914 соналъул 3 январалда гьаюна РСФСРалъул ва Дагъистаналъул халкъияй артистка Барият Мурадова.
- 1914 соналъул 6 январалда гьавуна Дагъистаналъул хъвадарухъан Анвар Аджиев.
- 1916 соналъул 14 январалда гьавуна Дагъистаналъул хъвадарухъан Хизгил Авшалумов.
- 1918 соналъул январалда Темир-Хан-Шураб тӀобитӀараб мугӀрузул халкъазул ӀӀӀ съездалда ХӀоцоса Нажмудин цӀидасан вищана тӀолгодагъистаналъулго имамлъун.
- 1921 соналъул 20 январалда, 1920 соналъул ноябралда Темир-Хан-Шураб тӀобитӀараб съездалдаса хадуб, ВЦИКалъул Декреталда рекъон, гӀуцӀана Дагъистаналъул Советияб Социалистияб Республика.
- 1926 соналъул 7 январалда гьавуна Дагъистаналъул росдал магӀишаталъул институталъул ректорлъун гӀемерал соназ хӀалтӀарав профессор МухӀамад Жамбулатов.
- 1931 соналъул 14 январалда Москваялъул Кремлялда «10 соналда жаниб Дагъистаналъул цебетӀеялъул хӀакъалъулъ» абураб докладгун цеве вахъана Дагъсовнаркомалъул председатель Жалалудин Къоркъмасов.
- 1934 соналъул январалда хъвадарухъан, кавказовед А. Аршарунил бетӀерлъиялда гъоркь Дагъистаналде бачӀун букӀана СССРалъул Хъвадарухъабазул союзалъул къокъа.
- 1935 соналъул январалда ДагъЦИКалъул членаллъун рищана хъвадарухъаби С. Стальский, ХӀ. ЦӀадаса, А. МухӀамадов, Р. Нуров ва Б. Астемиров.
- 1938 соналъул 30 январалда гьавуна 1987-1997 соназда Дагъистаналъул хӀукуматалъул вукӀарав председатель, политикияв хӀаракатчи ГӀабдуразакъ Мирзабегов.
- 1939 соналъул январалда СССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул хӀукмуялдалъун ЦӀадаса ХӀамзатие кьуна «ЗахӀматалъул БагӀараб Байрахъ» орден.
- 1943 соналъул 25 январалда ДАССРалъул СНК ва ВКП(б)ялъул обкомалъул бюроялъул хӀукмуялдалъун республикаялъул МТСалдаса Ставрополь краялъе кумекалъе механизаторалгун цадахъ битӀана 300 трактор.
- 1944 соналъул январалда, Сталинград цӀунулаго, бахӀарчиго рагъана ва нус-нус фашистал гъурана дагъистаниял — Совет Союзалъул БахӀарзал, летчик Амет-Хан Султаницаги пулеметчи Ханпаша Нурадиловасги.
- 1947 соналъул 27 январалда гьавуна Дагъистаналъул Халкъияв БахӀарчи, сахлъицӀуниялъул ва жамгӀияв хӀаракатчи АхӀмад Саламов.
- 1951 соналъул 4 январалда Шамил районалъул КъахӀиб росулъ гьавуна СССРалъул Художниказул союзалъул член, Ленинилаб Комсомолалъул премиялъул лауреат, Дагъистаналда рагъулаб искусствоялъул школалъе кьучӀ лъурав ХӀусейн МухӀамаев.
- 1951 соналъул январалда СССРалъул Министрзабазул советалъ, гьоркьоб лъун, халгьабуна «ДАССРалъул росдал магӀишат цебетӀезабиялъул хӀакъалъулъ» суалалъул.
- 1951 соналъул январалда Швейцариялда хвана Тарковский шамхалазул ахирисев вакил – НухӀбег Тарковский. 1951 соналъул 19 январалда Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъ гьавуна Россиялъул БахӀарчи, Дагъистаналъул жамгӀияв хӀаракатчи, космонавт МухӀамад ТӀолбоев.
- 1954 соналъул 1 январалда гьавуна Дагъистаналъул халкъияв артист, Музыкантазул союзалъул председатель Хан Баширов.
- 1955 соналъул 26 январалда гьавуна Дагъистаналъул рохьил магӀишаталъул Комитеталъул председатель ГӀалибег ХӀажиев.
- 1962 соналъул 5 январалда гьавуна Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутат МухӀамад Асиятилов.
- 1962 соналъул 14 январалда гьавуна гӀелмияв хӀаракатчи, Дагъистаналъул университеталъул ректор МуртазгӀали Рабаданов.
- 1976 соналъул 10 январалда сардилъ Дагъистаналда 5 баллалде бахараб гучалда ракьбагъарана.
- 1976 соналъул 14 январалда гьавуна Хунзахъ районалъул бетӀер СагӀид Юсупов.
- 1990 соналъул январалда ахӀана Дагъистаналъул бусурбабазул тӀоцебесеб съезд. Гьенибго гӀуцӀана бусурбабазул динияб идара (ДУМД) ва вищана муфтий.
- 1991 соналъул 29 январалда СССРалъул гӀелмияб Академиялъул Президиумалъ хӀукму гьабуна СССРалъул гӀелмияб Академиялъул Дагъистаналъул филиал СССРалъул гӀелмияб Академиялъул Дагъистаналъул гӀелмияб Централде сверизабизе ва гьелъул Президиумалъул председательлъун ХӀажи ХӀамзатов тасдикъ гьавизе.
- 1992 соналъул 24 январалда Россиялъул хӀукуматалъ къабул гьабуна «Репрессиялде ккарал Дагъистан АССРалъул халкъазул ихтиярал цӀуниялда бан гьаризе кколел цебесеб кӀваралъул тадбирал» абураб хасаб хӀукму.
- 1996 соналъул 9 январалда радал сагӀат 6-ялде бащдаб хӀалтӀараб заманалда С. Радуевасул ва Х. Исрапиловасул бетӀерлъиялда гъоркь яргъид гӀуцӀараб хъачагъазул къокъа Гъизляр шагьаралде тӀаде кӀанцӀана.
- 2003 соналъул 22 январалда Москваялда Дагъистаналъул Пачалихъияб Советалъул председатель МухӀамадгӀали МухӀамадовасе кьуна Халкъазда гьоркьосеб Академиялъул «ХӀурматияв академик» абураб цӀар ва диплом.
- 2007 соналъул 22 январалда Дагъистаналъул хӀукуматалъ, мухӀкан гьабун, къабул гьабуна «ЦӀияб Лак» районалдаса цӀигӀуцӀулеб районалде гочине кколев 10662 чиясдасан гӀуцӀараб сияхӀ (2 982 хъизан).
- ХӀуригат бахъун хадуб Советияб хӀукумат щвана Кавказалдеги. 1920 соналъул ноябралда Темир-Хан-Шураб тӀобитӀараб съездалдаса хадуб, ай 1921 соналъул 20 январалда ВЦИКалъул Декреталда рекъон, гӀуцӀана Дагъистаналъул Советияб Социалистияб Республика. СССРалъул заманалда гьеб кколаан РСФСРалъул цо бутӀалъун[1].
ХIужаби
хисизабизеЯнвар Викикъамусалда | |
Январ ВикитІехьалда | |
Январ Викицитатаялда | |
Январ Викигъамасалда | |
Январ Викихарбазда |