Халип:Административияб цолъи

Гъизилюрт мухъ (лъар. Чир-юрт якъ) (1944 с. щвезегӀан Кумторхъала мухъ) — Дагъистаналъул муниципалияб мухъ.

Административияб центр — Гъизилюрт шагьар.

Ракьхъвай хисизабизе

Мухъ буго Дагъистаналъул централияб бутӀаялда ва гьелъ гӀорхъи цо гьарула Хасавюрт , Бабаюрт, Хъумторкала, Казбек ва Шурагьиб мухъазулгун. Ракьалъул къадар — 524 км².

Тарих хисизабизе

Мухъ гӀуцӀана 1944 соналъул 5 июлалъ ДАССР-аялъул ТӀадегӀанаб Советалъул Президиумалъул хӀукмоялдалъун Хъумторхъала мухъалда цӀарги хисун, Гъизилюрт росулъе мухъалъул центрги бахъун. 1863 соналъул 1 февралалъ РСФСР-ялъул ТӀадегӀанаб Советалъул Президиумалъул амруялдалъун мухъ биххизабуна, гьелъул ракьал кьуна Хасавюрт мухъалъе. 1966 соналъул 30 декабралъ кьураб амруялдалъун цӀидасан гӀуцӀана. 1992 соналъул 18 сентябралъ ДАССР-аялъул ТӀадегӀанаб Советалъул Президиумалъул хӀукмоялдалъун, мухъалъул бакъбаккул рахъалда ругел ракьаздалъун гӀуцӀана Хъумторхъала мухъ.

Халкъ хисизабизе

Миллияб гӀуцӀи

2010 соналъ тӀобитӀараб тӀолгороссиялъул халкъазул хъвай-хъвагӀаялъул хӀасилалда мухъалда руго (Гъизилюрт шагьар рикӀкӀинчӀого)[1]:

Миллат Къадар,
чи
Кинабниги
халкъалдаса бутӀа, %
магІарулал 51 599 83,39 %
лъарагІал 6 469 10,45 %
буртиял 1 541 2,49 %
лакал 908 1,47 %
даргинал 326 0,53 %
гӀурусал 175 0,28 %
куралал 140 0,23 %
цогиял 396 0,64 %
рихьизаричӀел 322 0,52 %
кинниги 61 876 100,00 %

Муниципалиябгун-ракьалъул гӀуцӀи хисизабизе

  1. Акнада
  2. Гелбахъ
  3. ЦІияб Силди
  4. Эркенлъиб
  5. КІулзеб
  6. Миякьуб
  7. Гъоркь Чирюрт
  8. ЦІияб ЧІикІаб
  9. СултІанилросу
  10. Чантросу
  11. ЦІобокь Миякьуб
  12. НичІаб
  13. СтІалиб

ХІужаби хисизабизе

  1. "Перепись 2010 года. Дагстат. Том 3". Архивация оригинал (2017-10-11). Халагьи 2015-11-26. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)

Ссылкаби хисизабизе

  1. перенаправление Шаблон:ТӀинчӀ-Дагъистан