Гуржистаналъул хӀукумат

Гуржистаналъул хІукумат» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

Гуржистаналъул хІукумат (гуржи: საქართველოს მთავრობა, романизация: sakartvelos mtavroba) — Гуржистаналда бугеб тІубазабиялъулаб хІакимлъиялъул бетІераб идара, жиндица пачалихъалъул жанисебги къватІисебги сиясат бачунеб. Гьеб гІуцІун буго премьер-министерасдасаги — хІукуматалъул бетІер — ва цогидал министерзабаздасаги, жидеца жавабги хІисабги Гуржистаналъул парламенталджа цебе кьолел.[1] ХІукуматалъул гьанжесел ихтиярал ва тІадалжал рекъезарула конституциялде 2017 ва 2018 соналъ къабул гьарурал тІадежубанжалаз.[2] 1991 соналъул 14 маялдаса 1996 соналъул 9 новембералде щвезегІан тІубазабиялъул хІакимлъи букІана рехсолеб Гуржистаналъул Республикаялъул Министерзабазул кабинет (საქართველოს რესპუბლიკის მინისტრთა კაბინეტი) хІисабалда.[3]

Гьанжесеб хІукуматалъе нухмалъи гьабулев вуго ГьерекІли Гарибашвили, хІакимлъуда жив 2021 соналъул 22 фебруаралдаса вугев.

Конституциониял гІурхъелал хисизабизе

ГІуцІи хисизабизе

Гуржистаналъул хІукумат гІуцІун буго премьер-министерасдасаги цогидал министерзабаздасаги. Премьер-министр ккола хІукуматалъул бетІер. Жидеца министерлъиязул жавабги кьолел ва пачалхъияб нухмалъиялъул хасаб секторалъе бетІерлъиги гьабулел министерзаби гурелги, хІукуматалде гъорлІе вачун вукІине бегьула цо яги чанго пачалихъияв министер, жидеца хІукуматалъ хасаб кІвар бугел масъалаби тІураязда хадуб хал кколел.[1] ХІукуматалъул гъорлІчиясе конституциялъго гьукъун буго сиясияб партиялда гурони хъулухъалда вукІне. ХІукуматалъ жиндирго вакиллъи чІезабула пачалихъалъул админинистративиял бутІабазда штаталъул вакил яги губернатор тІамиялдалъун.[1]

ХІукуматалъул бетІерлъун кколев премьенр-министерас хъулухъалде тІамула ва хъулухъалдаса рахъула министерзаби ва хІукуматалъул цояв гъорлІчиясда тІадкъала вице премьер-министерасул тІадал ишал. Премьер-министер ва хІумат ккола Гуржистаналъул парламенталда цебе хІисаб кьолеллъун.[4]

Божиялъул вотум хисизабизе

ЦІидасан бищараб парламенталъул киналниги ихтиярал тасдикъ гьарун хадуб хІукуматалъул жиндирго ихтиярал кьола парламенталъухъе ва жиндирго тІадал ишал тІуралел букІуна цІияв прьемьер-министер хъулухъалде тІамизегІан. Премьер-министер хъулухъалдаса гІодов чІараб яги гьесул ихтиярал цогидаб къагІидаялъ чІезарураб вакъигІат ккани, хІукуматалъул хІалтІи гьаби давам гьабула цІияв премьер-министер тІамизегІан.[5] Кинахун кканиги, кІиго анкьида жаниб парламенталъ билІинабизе ккола божиялъул вотум хІукуматалъе, жиб хал гьабизе кьураб парлементалъулал рищиязда бищун лъикІал хІасилал ккараб сиясияб партиялъ премьер-министерлъуде вихьизавурав кандидатас. Божиялъул вотум къабул гьабиялъе къваригІуна парламетналъул гъорлІчагІазул гІемерисел гьаркьал.

ЦІараб заманалде парламенталъул божиялъул вотум къабул гьабичІони, Гуржистаналъул президентас парламент биххула данде кколеб болжал лІугІидал кІиго анкьидаса хеккоги лъабго анкьадаса кватІунги гуреб заманалда ва лъазарула иргадулал гурел парламенталъулал рищиял. ХІукуматалъе божиялъул вотумалдаса хадуб кІиго къоялъда жаниб Гуржистаналъул президентас тІамула премьер-министер. Нагагь цІараб заманалда жанив президентас премьер-министер тІамичІони, гьев тІамуравлъун лІугьуна живго.

БожунгутІиялъул вотум хисизабизе

ХІукуматалъе божунгутІиялъул вотум биІинабизе бегьула парламеталъул киналниги гъорлІчагІазул къадаралъул лъабго бутІа гьабун цоялдаса цІикІкІараз гьединаб суал цебе лъедал. БожунгутІиялъул суал цебе лъейгун цадахъ инициатораз премьер-министерасул хъулухъалде кандидат вихьизавула, гьес бихьизабула цІияб хІукумат.[6] Парламенталъ къабул гьабичІонани хІукуматалъе божунгутІиялъул вотум, парламенталъул гьелго гъорлІчагІазул букІунаро ихтияр божунгутІиялъул вотум хал гьабизе хадусеб анлІго моцІида жаниб.[6]

Гьанжесеб кабинет хисизабизе

Министерлъи Министер Хъулухъалда
Премьер-министер ГьерекІли Гарибашвили 22 фебруар 2021
Жанисел ишазул министер ВахтІанг Гомелаури 8 септембер 2019
Регионалияб цебетІеялъул ва инфраструктураялъул министер ГьерекІли Карселадзе 22 фебруар 2021
Экорномикаялъул ва щулияб цебетІеялъул министер Натела Турнава 18 април 2019
КъватІисел ишазул министер Давид Залкалиани 20 юн 2018
Финансазул министер Лаша Хуцишвили 1 април 2021
ЦІунелалъул министер Джаваншер Бурчуладзе 22 фебруар 2021
Лъайкьеялъул, гІелмуялъул, маданияталъул ва спорталъул министер Михаил Чкенкли 13 новембер 2019
Сверухълъел цІуниялъул ва росдал магІишаталъул министер Леван Давиташвили 15 декембер 2017
Вице-премьер, юстициялъул министер Рати Брегадзе 1 априль 2021
Оккупхинарурал территорияздаса гочине ккаразул ишазул, захІматалъул, сахлъи ва жамгІияб цІуниялъул министер Екатерине Тикарадзе 18 юн 2019
Рекъел гьабиялъул ва ватІанчилъияб ращалъиялъул пачалихъияв министер Теа Ахвледиани 6 август 2020

ХІужжаби хисизабизе

  1. 1,0 1,1 1,2 Article 54 of the Constitution of Georgia (2018) {{гуржистаналъул хӀукумат}}
  2. Constitutional Changes Passed on Final Reading (en), Civil Georgia (19 January 2019).
  3. Халип:Cite act
  4. Article 55 of the Constitution of Georgia (country) (2018) {{гуржистаналъул хӀукумат}}
  5. Article 56 of the Constitution of Georgia (country) (2018) {{гуржистаналъул хӀукумат}}
  6. 6,0 6,1 Article 57 of the Constitution of Georgia (country) (2018) {{гуржистаналъул хӀукумат}}