Гьидерил сверелавар мацӀалъул диалектазул цояб, жиб бакъдасеб тӀадгаруде гъорлӀе унеб.[1][2] ЦӀар бачӀараб буго сверел жаниб лӀугьараб ГьидалӀ абураб исторкияб регионалдаса.

ТӀибитӀиги гаргаралги

хисизабизе
Свералил ареал Шамилил мухъалда

Гьидерил свералил тӀибитӀул ареал ккола гьанжесеб Шамилил мухъ. Гьенире гъорлӀе ккола ГьентӀа, ГӀурада, Лъахъ, МачӀада, НакӀкӀикь, ТӀидиб, ХӀотода росаби, жал це гьидерил бодул рукӀарал, Зивуриб.[3] Гьединго гьидериллъун рикӀкӀуна ЧӀарада мухъалъул ГӀурухъ-cотӀа росдал кӀалъги.[4] Мадугьалихъ руго хьондехун къахӀисезул жубараб гарагар, бакъаккудехун — къаралазул сверел, бакъдехун — къелесезул жубараб гаргар, бакътӀерхьудехун — бакълъухъезул сверел.

Гьидерил свералил гаргарал ккола: гӀурадиссезул, лъахъассезул, гӀурухъсотӀассезул, мачӀадисезул, хучадиссезул, зивурисезул.[3] Гьезул дифференциация буго гӀемер халлъулареб, дагьабго батӀалъи буго гьаркьилаб куц-мухъалъул. Бищунго гьеб ххалъула Лъахъ росдал гаргаралъулӀ, гьенир данчӀвала хутӀаразулӀ гьечӀел /qχː/ (Хъ), /tsː/ (Цц) фонемаби.[5]

Фонетика

хисизабизе

Рагьукъал

хисизабизе

Гьидерил свералил рагьукъазул системалда гьечӀо стандарталъул гъугъаб алвеоларияб аффриката /t͡s/ (ц) ва элъул хӀалуцараб форма /t͡sː/ (цц), гъугъаб палато-алвеоларияб аффрикаталъул хӀалуцараб форма /t͡ʃː/ (чч), гъугъаб хӀалуцараб алвеоларияб латералияб аффриката /t͡ɬː/ (лӀ), гъугъаб хӀалуцараб увуларияб аффриката /q͡χː/ (хъ), гъугъаб веларияб плозивалъул хӀалуцараб форма /kː/ (кк). Руго стандарталда гьечӀел рагьукъал гьаркьалги: билабиалаб абруптив /pʼ/ (пӀ), зирараб палато-алвеоларияб аффриката /d͡ʒ/ (дж), гъугъаб алвеоларияб латералияб абруптивияб аффриката /t͡ɬʼ/ (кьӀ).[6]

Рагьукъазул хӀалуцен гьидерил диалекталда буго загӀипат, магӀна батӀахъулеб рол гьезул буго цо чанго рагӀулӀ, гьединлъидал цогидазде дандеккун свералил буго хассаб тамахлъи. Гьеб рахъалдалъун гьидерил сверел гӀагараб буго гӀандалазулалде.

Аналог Гьидерил Стандарт Аналог Гьидерил Стандарт
с = ц со
гӀарас
бисле
цо
гӀарац
бицине
лълъ = лӀ лълъутӀ
лълъугьле
белълъене
лӀутӀ
лӀугьине
билӀине
сс = цц ссебе
бессле
ссин
ццебе
беццизе
ццин
х = хъ нахе
хамле
хвеле
нахъе
хъамизе
хъвезе
щ = чч щукӀле
бурщле
бещщле
ччукӀизе
буччизе
беччизе
хь = кь гӀенехьле
михь
бахьле
гӀенеккизе
микк
баккизе

Рагьарал

хисизабизе

Гьидерил свералида буго стандарталдаго гӀадин щуго рагьараб гьаракь: тӀасияб борхул /i//u/, тӀаса-гьоркьохъеб борхул /e//o/, гъоркьияб /ä/, гьединго руго назаллъаралги: /ũ/, /õ/, /ã/, фонематикияб кӀвар эзул гьечӀо.[6][7] Сверел буго одулеб, стандарталда /u/ бугелъуб гьидерил гаргаралда хӀалтӀизабулеб /o/:

  1. КӀижубараб рагӀулӀ, тӀоцебесеб кьабизабулеб гьаракьгун: гӀазо — гӀазу, сино — сину, росо — росу.
  2. Цо-цо вербазул кьабизабулеб тӀоценбесаб жубда: богьле — бугьине, бохӀле — бухӀизе, букъле — юукъизе.
  3. ЦӀарсазда: чо — чу, ччӀужо — чӀужу, гӀорщенаб — гӀурччинаб.

Стандарталъул /o/ бугелъул гьидерил свералида цо-цо бакӀалда батула /u/: хӀуб — хоб, къуну — къоно, бурухб — борохь. ВербазулӀ /u/ букӀуна гьединго /e/ хисунги: гьубуле — гьабизе, нучуле — нечезе.

МугъчӀваял

хисизабизе
  1. ^ МикагӀилилазул 1959.
  2. ^ Атаев, Б. М (2020). "Некоторые фонетико-морфологические особенности диалектов аварского языка" (PDF). Вестник Института языка, литературы и искусства им. Г. Цадасы (22). ДФИЦ РАН: 8–13. doi:10.31029/vestiyali22/1. Щвей 2024-03-02.
  3. ^ a b Магомедов, М. А.; Магомедова, М. М. (2018). "Проблемы диалектного членения аварского языка" (PDF). Филологические науки. Вопросы теории и практики. 1 (9#87). Тамбов: Грамота: 123–126. ISSN 1997-2911. Щвей 2024-03-02.
  4. ^ МикагӀилилазул 1959, гь. 296.
  5. ^ МикагӀилилазул 1959, гь. 297.
  6. ^ a b МикагӀилилазул 1959, гь. 300.
  7. ^ Магомедов, М. М. (2011). "Особенности вокализма гидского диалекта аварского языка". Известия Дагестанского государственного педагогического университета. Общественные и гуманитарные науки (3): 116–119. Щвей 2024-03-07.

Библиография

хисизабизе
  • МикагӀилилазул, Ш. И. (1959). "Гидский диалект Южного наречия" [Бакъдасеб тӀадгарул гьидерил сверел]. Гъоркь: Бокарев, Е. А. (ред.). Очерки аварской диалектологии [Авар диалектологиялъул хъвай-хъвагӀаял]. Ленинград: СССРалъул гӀелмабазул академиялъул пресса. гь. 510.