Гъугъаб увуларияб аффрикат — рагьукъаб гьаракь, жиб цо-цо кӀалъалеб мацӀалда хӀалтӀизабулеб. Интернационалаб фонетикияб алфабеталда гьеб гьаракь бихьизабизе хъвалеб симбол буго ⟨q͡χ⟩ ва ⟨q͜χ⟩, бащадабго X-SAMPA симбол буго q_X
. ХӀучч гьечӀого букӀинеги бегьула, ⟨qχ⟩ ИФА-лда ваqX
X-SAMPA-лда.
Гъугъаб увуларияб аффрикат |
---|
|
|
|
|
X-SAMPA | q_X |
---|
Интенсивияб гъугъаб увуларияб аффрикат |
---|
|
|
|
Стандартаб аваралда кибго данчӀвала цохӀо интенсивияб гъугъаб увуларияб аффрикат, ИФАлда эб бихьизабула ⟨q͡χː⟩ гӀадин.
Буго гьединго гъугъаб пре-увуларияб аффрикат[1] цо-цо мацӀазда, эб гьаракь бахъула дагьабго цебегӀан прототипаб гъугъаб увулариябаффрикат бахъулелъуса, прорототипаб гъугъаб веларияб аффрикат бахъулеб гӀадин цебегӀан гуреб. Интернационалаб фонетикияб алфабеталда гьечӀо батӀаяб симбол гьеб гьаркьие, бихьизабизени бегьула ⟨q̟͡χ̟⟩ яги ⟨q͡χ˖⟩ (кӀиябго симболалъ бихьизабула цебесеб ⟨q͡χ⟩) яги ⟨k̠͡x̠⟩ (гьунтӀараб ⟨k͡x⟩). Эквивалентиял X-SAMPA симболал руго q_+_X_+
and k_-_x_-
.
Гъугъаб увуларияб аффрикаталъул ружби:
- Элъул абул куц буго аффрикатаб: эб гьаракь бахъула хӀухьалил чвахи тӀобан чӀезабун, хада цинги хӀухьалил чвахи абул бакӀалъул дандекъараб каналалъусан биччан, турбуленцияги лӀугьинабун.
- Элъул абул бакӀ буго увуларияб: бахъула мацӀалзул нахъисеб рахъ (дорсум) увулалда хъван.
- Элъул фонация буго гъугъаб: эб бахъула гьаркьил рухьадазул сороди гьечӀого. Цо-цо мацӀазда гьаркьил рухьадал активго рикь-рикьун рукӀуна, гьединлъидал гьаракь кидаго букӀуна гъугъаб separated; цогидазда рухьадал руго тамахал, гьез тӀаде босизе бегьула аскӀор ругезул гьаракьлъи.
- Эб буго кӀалзул рагьукъаб: эб бахъулаго хӀухьел къватӀибе бачӀуна цохӀо кӀалдисан.
- Эб буго централаб рагьукъаб: бахъулаго хӀухьалил чвахъи уна битӀун мацӀазул централтӀасан, хьолбохъан гуреб.
- ХӀухьел чвахул механизм буго пулмонияб: эб бахъула цохӀо интеркосталалги (хьалагӀучӀазда гьоркьосел) абдоминалалги (чохьол) ччорбаздалъун хӀухьел къватӀибе цун, цӀиккӀанисел гьаркьалго гӀадин.
МацӀ |
РагӀи |
ИФА |
МагӀна |
Баянал
|
Узбек |
quruq |
[q̟uɾ̪uq̟͡χ̟] |
'бакъвараб' |
/q/ гьаркьил аллофон рагӀул финалалдаги рагьукъазда цебесеб позициялдаги.
|
- ^ "Пре-увуларияб" рагӀул бакӀалда абун букӀине бегьула "цебесеб увуларияб", "пост-веларияб", "гьунтӀараб веларияб" яги "нахъисеб веларияб". Бигьалъиялъе гьаниб хӀалтӀизабун буго термин "пре-увуларияб".