ГӀанди сверухълъи (гІур. Анді́йскій о́кругъ) — Дагъистаналъул вилаяталда ва Совет Дагъистаналда гъорлӀ букӀараб административияб цвел (округ), жиб 1861–1928 соназда букӀараб. Административияб центер букӀана Болъихъ.[1]

сверухълъи
ГӀанди сверухълъи
Пачалихъ Халип:Флаг / Россиялъул империя
Сардарат Кавказалъул
Вилаят Дагъистаналъул
ГъорлӀе бачуна 3 наиблъи
Центер Болъихъ
Территория
ГӀатӀилъи 3 587.37 км² (0,12 %)
БакӀ 3-б 
Тарих
ГӀуцӀи 1860
ТӀагӀинаби 1928
Демография
Къадар 57 875 чи  (1916 сон)
8,11 %
Гъунки 16 чи/км²
Росдалаб агьлулъи 100 %
Миллат(ал) аварал
Конфессия(л) бусурбаби (суниял)
ГӀанди сверухълъи картаялда

Дагъистаналъул вилаяталда гъорлӀ ГӀанди сверухълъи гӀуцӀана 1861 соналъ, гӀурусаз 1858–1859 соналъ оккупатинарурал Авар болмухъаздаса 1921 соналъ гьеб ана Совет Дагъистаналде гъорлӀе. 1926 соналъул декембералда сверухълъиялъул жанубияб рахъ батӀа гьабун гӀуцӀана Эчеда район. 1928 ноябралда Дагъистаналъул АССРалда гьабуна кантуниябе рикьи ва киналго сверухълъаби гӀадин, ГӀанди сверухълъиги тӀагӀинабуна.

Административияб рикьи

хисизабизе

1895 соналъ сверухълъиялда букӀана 7 наиблъи: ГӀанди (центр — ГӀанди), Бакълъул (центр — МелъелтӀа), ЦӀунтӀа (центр — Кидеро), КӀкӀаратӀа (центр — КӀкӀаратӀа), Технуцал (центр — Болъихъ), ТӀинди (центр — ТӀинди), Ункъракьгин ЧӀамал (центр — Гьаквари).

1899 соналъ гӀуцӀана 3 бутӀа: Бакълъул, КӀкӀаратӀа–Технуцал ва Ункъракь–ЦӀунтӀа.

Демография

хисизабизе

Россиялъул империялъул ценз (1897)

хисизабизе

1897 соналъул Россиялъул империялъул агьлулъиялъул къадар рикӀкӀиналъул бяназда рекъон, Авар сверухълъиялъул агьлулъи букӀана 49 628 чи, гьезул 24 537 бихьинчи ва 25,091 чӀужугӀадан. Халкъалъул цӀикӀкӀанисезул рахьдал мацӀлъун букӀана Авар.[2]

Авар сверухълъиялъул лингвистикияб гӀуцӀи (1897 сон)[2]
МацӀ КӀалъалезул къадар %
Авар 48,637 98.00
Чачан 711 1.43
Украин 84 0.17
ГӀурус 64 0.13
Тум 27 0.05
ЛъарагӀ 24 0.05
Татар[a] 15 0.03
Армен 12 0.02
Гуржи 12 0.02
Дарги 9 0.02
Тат 8 0.02
Лит 5 0.01
Пол 5 0.01
Герман 1 0.00
Курал 1 0.00
Цогидал 13 0.03
КИНАВНИГИ 55 899 100.00

Сверухълъиялъул марказ Болъихъ гӀумру гьабун вукӀана 1225 чи.[3]

Кавказияб Календар (1917)

хисизабизе

Кавказияб Календаралъул 1917 соналъулаб басмаялда рекъон, 1916 соналъ Авар сверухълъиялда гӀумру гьабун вукӀана 57 875 чи, гьезул 29 747 бихьинчи ва 28 128 чӀужугӀадан, гьел киназдасаго 56 950 чи вукӀана кидаго гӀумру гьабун вугев, 925 чи вукӀана заманалъ чӀарав:[4]

Халкъ Къадар %
Шималкавказиял 57,555 99.45
ГӀурусал[b] 278 0.48
Цогидал европиял 38 0.07
Арменал 4 0.01
КИНАЛНИГИ 57 875 100.00

Баянкьелал

хисизабизе
  1. ^ Хадуб Азер мацӀилан гьабураб.
  2. ^ Кавказияб Календаралъ ратӀа гьарун гьечӀо гӀурусал, украинал, ва белорусал.

МугъчӀваял

хисизабизе
  1. ^ Цуциев, Артур (2014). Atlas of the Ethno-Political History of the Caucasus [Кавказалъул этно-политикияб тарихалъул атлас]. Буссинаби: Нора Селигман Фаворов. Ню Гьавен: Йел Университеталъул басма. ISBN 9780300153088.
  2. ^ a b "Демоскоп Weekly - Приложение. Справочник статистических показателей". www.demoscope.ru (in русский). Щвей 2022-07-03.
  3. ^ Демоскоп Weekly — Приложение. Справочник статистических показателей (гІурус). Дата: 24 декембер 2009. Архивация: 16 септембер 2011 сон.
  4. ^ Кавказский календарь на 1917 год [Кавказияб календар 1917 соналъе] (in гӀурус) (72nd ред.). Туплис: Кавказалда Е.I.V. канцеляриялъул типография, пачалихъалъулаб рукъ. 1917. гьл. 186–193. Архивация оригинал (4 Новембер 2021). {{cite book}}: Check date values in: |archive-date= (help)CS1 maint: unrecognized language (link)