Дагъистаналъул байрахъ

Дагъистан Республикалъул байрахъ ккола Дагъистаналъул пачалихъияб гІаламатлъун.

19 ноябралъ 2003 соналъул[1]
2:3
991
Цере рукІарал байрахъал

26 фебруар 1994[2] 
1:2

Байрахъалъул кьерал хисизабизе

2003 соналъул 19 ноябралъ 27 гъокрь хъвараб "Дагъистан Республикаялъул пачалихъияб байрахъ" абураб къануналда рекъон, Дагъистан Республикаялъул байрахъалъул кьерал[3].

Кьерал ГІурччинаб ХъахІилаб БагІараб
RGB 0-147-73 0-57-166 213-43-30
HTML #009349 #0039A6 #D52B1E

МагІнаби хисизабизе

ГІурччинаб кьералдалъун бихьизабулеб буго чІаголъи, дагъистаналъул ракьалъул гьарзалъи ва гьебго заманаялъ гьеб бачІуна исламалъул гІадатлъун билълъараб кьерлъун. КанчІхъахІилаб (хъахІилаб) — ралъдал кьер (руспубликаялъул бакъбаккул рахъ чурула Каспий ралъдаца), гьелъ тІоритІел гьабула дагъистаналъул халкъазул берцинлъиялде ва къадру-къиматалде. БагІараб кьералъул магІна демократия, МугІрузул улкаялъул халкъазул бихьинлъи ва яхІ букІин.

Тарих хисизабизе

Хьундасеб Кавказалъул имамат хисизабизе

 
Хьундасеб Кавказалъул имаматалъул байрахъ (1829—1859 сс.)

Хьундасеб Кавказалъул имарат хисизабизе

 
Хьундасеб Кавказалъул имараталъул байрахъ (1919—1920 сс.)

Россиялъул империялъул заманаялъ Чачанлъиялъул цІикІкІунисеб рахъ хІатта Сунж-хъалаги гъорлъе унаан Терский областалде ва жодорго хасал гІаламатал рукІинчІо гьезул.

1919 соналъул сентябр моцІалда чачаназул Ведено росулъ Узун-ХІажи имамас Хьундасеб Кавказалъул миллияб эркенлъи лъазабуна ва Хьундасеб Кавказалъул имарат гІуцІана. ЧІванкъотІун гІорхъаби чІезабичІеб цІияб лъазабураб жиндирго пачалихъалде Узун-ХІажица гъорлъе рачана Дагъистаналъул мугІрузул мухъал, мугІрузул Чачанлъи ва Гъалгъайазул бутІа. Имират гІуцІун букІана ГІусманиялъул империялъе мутІигІаб шаргІияб пачалихълъун.

Хьундасеб Кавказалъул имараталъул байрахъ букІана хасаб кІодолъи-гьитІинлъи чІезабураб гІурччинаб кьералъул ххамил кесекалда хъахІаб кьералъул моцІги гьелда тІад хъахІаб кьералъул лъабго цІваги бахъараб.

 
Дагъистан АССРалъул байрахъ 1925 с.

1925 хисизабизе

 
Дагъистан АССРалъул байрахъ 1925 с.

1927 хисизабизе

 
Дагъистан АССРалъул байрахъ 1954—1991 сс.

ДАССРалъул 1927 соналъул конституциялда букІана Руспубликаялъул бичахисиялъул ва рагъулаб байрахъалъул баян. Гьеб букІана билбагІараб кьералъул ххамил кесек, жиндир квегІаб бокІнида байрахъалъул гІералда аскІоб меседил кьералъ «Дагестанская Автономная Советская Социалистическая республика» абун хъвараб байрахъ.

1937 хисизабизе

ДАССРалъул 1937 соналъул конституциялда рекъон республикаялъул пачалихъияб байрахълъун букІана РСФСРалъул пачалихъияб байрахъ, гьебги букІана багІараб ххамил кесекалда байрахъалъул гІералда аскІосеб рахъалдасан гІодосан эххедехун канчІхъахІилаб чІоло биччараб байрахъ. ЧІоло лъугІараб бакІалдасан, квегІаб рахъалъул тІасияб бокІнида бахъун букІана нилъ ва гьецІокъ ва гьелда тІадги щугІаркьелаб цІва. Нилъалда ва гьецІокъалда тІад меседил хІарпаздалъун хъван букІана «ДАССР» абун, гІурус, авар, лъарагІ, лезгин, падар. лак, тат ва табасаран мацІазда.

1954 хисизабизе

 
Дагъистаналъул байрахъ 1994-2003 сс.

1978 хисизабизе

1978 соналъул 30 маялъ ДАССРалъул ТІадегІанаб Советалъул VIII сессиялъул IX данде ракІариялда къабул гьабуна цІияб Конституция. ГІаммаб куцалда байрахъги гербги щибго хиса-баси гьабичІого хутІана, кинго байрахъалда хъвай-хъвагІи гьабур рукІарал мацІал цІикІкІана, гьеб лъугьана 11 мацІ: гІурус, аварский, падар, даргин, лъарагІ, лак, лезгин, нугъай, табасаран, тат ва чачан мацІал.

1994 хисизабизе

Дагъистан Республикаялъул байрахъ буго ункъабго бокІон битІараб ххамил кесек, горизонталиял гІурччинаб, хъахІилаб ва багІарб кьеразул чІалал жинда ругеб; гІеблъи борхалъиялъул 1:2 бащадаб

Гьанжесеб къагІида хисизабизе

Байрахъалъул гьанжесеб къагІида билълъинабуна 19.11.2003 с. № 27 гъоркь бугеб Дагъистан Республикаялъул пачалихъияб байрахъ" абураб къануналда рекъон.

Дагъистан Республикаялъул байрахъ буго ункъабго бокІон битІараб ва лъабго цоцада бащадаб горизонталиял чІалал жинда ругеб ххамил кесек: тІасияб — гІурччинаб кьералъул, гьоркьохъеб — хъахІилаб ва гъоркьияб — багІараб кьералъул. Байрахъалъул гІеблъи борхалъиялъул 2:3 ращалъула

Байрахъ дагьалъ гІодобе биччай хисизабизе

2012 соналъул 5 маялъ Дагъистаналъул ва Россиялъул байрахъал дагьалъ гІодоре риччан рукІана Дагъистаналъул киналниги шагьаразда ва районазда, жинждир хІасилалдалъун 15 чи хвараб ва нусгоялдаса цІикІкІун чи лъукъараб МахІачхъалаялда посталда аскІоб гьабураб кьвагьиялдаса хадуб[4].

Суртал хисизабизе

Муниципалиял гІуцІиязул байрахъал хисизабизе

На 1 января 2017 соналъул 1 январалъ Дагъистан Республикаялда букІана 760 муниципалияб гІуцІи: 10 шагьаралъул округ, 41 муниципалияб мухъ, 3 шагьаралдажанисеб мухъ, 7 шагьаралъул чІчІейбугебакІ ва 699 росдал бо.

Шагьаралъул округазул байрахъал хисизабизе

Байрахъ Расмияб цІар Тасдикъ гьабураб къо-моцІ ПГІХЪялда
номер
  «МахІачхъала шагьар»
шагьаралъул округалъул байрахъ
15.12.2006[5] 2785
  «Гъизляр шагьар»
муниципалияб гІуцІиялъул байрахъ
Байрахъ Расмияб цІар Тасдикъ гьабураб къо-моцІ ПГІХЪялда
номер
  «Хасавюрт шагьар»
муниципалияб гІуцІиялъул байрахъ
24.04.2017[6] 11365

Муниципалиял мухъазул байрахъал хисизабизе

Байрахъ Расмияб цІар Тасдикъ гьабураб къо-моцІ ПГІХЪялда
номер
  Муниципалияб гІуцІи
«Гуниб мухъалъул» байрахъ
29.01.2013[7] 8335
  Муниципалияб гІуцІи
«ДахІадаясул мухъалъул» байрахъ
30.03.2009[8]
  Муниципалияб гІуцІи
«Кули мухъалъул» байрахъ
16.06.2011[9] 7162
Байрахъ Расмияб цІар Тасдикъ гьабураб къо-моцІ ПГІХЪялда
номер
  Муниципалияб гІуцІи
«Лак мухъалъул»
25.12.2012[10] 8132
  Муниципалияб гІуцІи
«Тарумасул мухъалъул» байрахъ

Росдал боязул байрахъал хисизабизе

Байрахъ Расмияб цІар Тасдикъ гьабураб къо-моцІ ПГІХЪялда
номер
  Гумбет муъхалъул
«Гьарадирихъ росдал совет» муниципалияб гІуцІиялъул байрахъ
02.06.2016[11]

ХІужаби хисизабизе

  1. «Закон (#27) О Государственном Флаге Республики Дагестан»
  2. Постановление Верховного Совета Республики Дагестан от 26.02.1994
  3. "Символика". Архивация оригинал (2021-10-05). Халагьи 2020-02-02. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  4. "Подробности теракта в Махачкале: 15 погибших и более 100 пострадавших". Архивация оригинал (2012-05-18). Халагьи 2012-05-05. {{cite web}}: Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (квеки)
  5. Решение Собрания депутатов городского округа «Город Махачкала» от 15.12.2006 № 27-2 «Об утверждении Положения о гербе и флаге городского округа „Город Махачкала“»
  6. Решение Собрания депутатов городского округа «город Хасавюрт» от 24.04.2017 № 49/3 "О гербе и флаге городского округа «город Хасавюрт»
  7. Решение Собрания депутатов Гунибского района от 29.01.2013 № 3а
  8. Решение Собрания депутатов муниципального образования «Дахадаевский район» от 30.03.2009 № 01-06-1V-СД3 Положение о флаге муниципального образования Дахадаевский район Республики Дагестана
  9. Решение районного Собрания Кулинского муниципального района от 16.06.2011 № 44 «О флаге муниципального образования Кулинский муниципальный район Республики Дагестан»
  10. Решение Собрания депутатов Лакского района от 25.12.2012 № 27 «Об официальных символах — гербе и флаге Лакского района»
  11. Решение Собрания депутатов муниципального образования СП «Сельсовет Арадирихский» от 02.06.2016 года, протокол № 4

Балагье гьединго хисизабизе

Халип:Россия Федерациялъул икълимазул байрахъал