Дагъистаналъул БетӀер

Дагъистаналъул президент» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

Дагъистан Республикаялъул БетІер — Дагъистан Республикаялда тІадегІанаб хъулухъ, жинца бетӀерлъи гьабулев Дагъистан Жумгьурияталъул хӀукмо билълъанхъизабиялъул къуваталъе.

 Россия
Дагъистаналъул БетІер
Резиденция МахІачхъала, Ленинил пл., Правительствоялъул Рукъ
ТІоцевесев МухІу ГІалиев

Дагъистаналъул БетӀерас бачуна сиясат, жиндица Россиялъул конституция ва федералиял къанунал, Дагъистан Жумгьурияталъул конституция ва Дагъистаналъул къанунал цӀуниялде ва гьел рилълъанхъизабиялде кӀвар кьолеб, ва гьединго халкъазда гьоркьоб ращалъи, инсанасул ва ватӀанчиясул эркенлъи ва ихтиярал цӀунулеб ва Дагъистан Жумгьурияталъул цолъиги ракьги цӀунулеб. Дагъистаналъул БетӀерлъун вукӀине рес кьуларо къануналъ 30 соналдаса гъоркьехун сонал ругев чиясе.

Хъулухъ тӀубазе бихьизабураб болжал — щуго сон. Вищула Дагъистан Жумгьурияталъул Халкъияб Собраниялъул депутатаз, Россиялъул Федерациялъул президентас рихьизарурав лъабго кандидатасдасан.

Пачалихъияб советалъул Председатель

хисизабизе

1994 соналдасан байбихьун Дагъистан Жумгьурияталда тӀадегӀанаб хӀукмо билълъанхъизабиялъул къуват тӀобазабулеб букӀана Дагъистан Жумгьуриятал Пачалихъияб советалъ, жиб бищулеблъунги букӀараб 14 «аслиял» дагъистаналъул миллатазул вакилзабздасан гӀуцӀараб Конституциялъулаб собраниялдалъун. 1994 соналдасан байбихьун Дагъистаналъул Пачалихъияб советалъул Председателлъун вукӀана даргин миллаталъул вакил МухІамадгІали МухІамадов.[1]

2002 соналъул риидал Дагъистан Жумгьурияталъул Конституциялъулаб собраниялъ иргадулаб куцалда Пачалихъияб советалъул председателлъун вищана МухІамадгІали МухІамадов. Гьесие хъулухъ тӀубазе бихьизабураб болжал ьукӀана 4 сон.

2003 соналъ Кремлялъ гӀуцӀараб икълимиял къанунал рахъи РФ конституциялда данде ккезабиялъул къануналда рекъон, Дагъистаналда къабул гьабуна цӀияб конституция. 2003 соналъул 10 июлалъ Конституциялъул собраниялъ къабул гьабуна Дагъистан Жумгьурияталъул конституция, жинда рекъон жумгьурияталда цӀияб жумгьурияталъул президент - абураб хъулухъ баккараб. ТӀоцересел ритӀухъал ва тӀолгохалкъазул президент вищиялъул рищиял рукӀине кколаан 2006 соналъ, гьеб заманаялъ Дагъистаналъул Пачалихъияб советалъул гӀуцӀиялъул болжал лъугӀараб мехалъ.

Кинго 2004 соналъ Россиялъул президент В. В. Путинил жигараб байбихьиялда бан, Россиялъул Федерациялъул киналниги икълимазул тӀадегӀанал хъулухъалъул гӀадамал рищи хисун букӀана Россиялъул президентас рихьизарурал кандидатаздасан икълималъул къанунал рахъулеб идараялъ рихьизариялде.[2]. Жал хӀукмуялда ругел икълимазул бутӀрузе рес щвана цоги нухалъ жалго рищизе изну тӀалаб гьабун президентасухъе руссине.

Хъулухъалде лъугьин

хисизабизе

БетӀер хъулухъалде лъугьуна рищияздаса хадуб лъеберабилеб къоялъ, гьаб хадусеб гьа бан бахъарабго: «Дун гьедула гӀемермиллатазул дагъистаналъул халкъалъе ракӀ бацӀцӀадго хъулухъ гьабизе, дурусго цӀунизе Россиялъул Федерациялъул Конституция, федералиял къанунал, Дагъистан Жумгьурияталъул Конституция ва Дагъистан Жумгьурияталъул къанунал, инсанасул ва ватӀанчиясул эркенлъи ва ихтияразул хӀурмат гьабизе ва гьел цӀунизе, Дагъистан Жумгьурияталъул цолъи ва ракь цӀунизе, ракӀбацӀцӀадго ва ритӀухълъиялда дида тӀад лъурал Дагъистан Жумгьурияталъул БетӀнрасул тӀадеганал хъулухъал цӀунизе».

Гьа бала рохалилаб ахӀвал-хӀалалда Дагъистан Жумгьурияталъул Халкъияб Шураялъул депутаталги ва Дагъистан Жумгьурияталъул Конституциялъулаб Судалъул къадизабиги ругеб бакӀалда. БетӀерас гьа бала Жумгьурияталъул Конституциялда кверги лъун. Гьа бан бахъарабго ахӀула Дагъистан Жумгьурияталъул Пачалихъияб гимн.

Ихтиярал

хисизабизе
  • 1) Дагъистан Жумгьурияталъул ХӀукуматалъул Председатель вихьизавула;
  • 2) Дагъистан Жумгьурияталъул ХӀукуматалъул Председателасул цебе лъеялда рекъон Дагъистан Жумгьурияталъул ХӀукумат гӀуцӀула;
  • 3) Дагъистан Жумгьурияталъул Халкъияб Шураялъе рихьизарула, Дагъистан Жумгьурияталъул Конституциялъул Судалда къадиясул хъулухъалда ва рищизе кандидатал;
  • 4) Россиялъул Федерациялъул конституциялда, федералиял къануназда ва Дагъистан Жумгьурияталъул конституциялда данде кколарел къанунал ялъуни цоги ихтияралъулал актал къабул гьабуни, замана щвечӀого Дагъистан Жумгьурияталъул

Халкъияб Шураялъул хӀалтӀи чӀезаби;

  • 5) замана щвечӀого Дагъистан Жумгьурияталъул Халкъияб Шураялъул хӀалтӀи чӀезабун бугони, Халкъияб Шураялде иргадулал гурел рищиял тӀоритӀизе замана чӀезаби;
  • 6) Дагъистан Жумгьурияталъул ХӀукуматалдаса хӀалтӀул хъулухъал нахъе роси, Дагъистан Жумгьурияталъул ХӀукуматалъул гӀахьалчагӀи нахъе гьари;
  • 7) Дагъистан Жумгьурияталъул Халкъияб Шураялъул данде кколел комитетазулгун дандебан хадуб, Дагъистан Жумгьурияталъул вакилзаби рихьизари ва гьел нахъе рахъи;
  • 8) Дагъистан Жумгьурияталъул ХӀукуматалъул Председателасул цебе лъеялдалъун жумгьурияталъул хӀукмо билълъанхъизабиялъул чанго идара тасдикъ гьаби;
  • 9) хӀалтӀухъабазул ишазул сиясат бачин;
  • 10) Дагъистан Жумгьурияталъул ХӀинкъибукӀунгутӀиялъул Шура гӀуцӀи ва гьелъие бетӀерлъи гьаби;
  • 11) Дагъистан Жумгьурияталъул Президентасул Администрация гӀуцӀи;
  • 12) Дагъистан Жумгьурияталъул пачалихъиял шапакъатал кьей, Дагъистан Жумгьурияталъул хӀурматалъул ва хасал цӀарал кьей, Россиялъул Федерациялъул пачалихъиял шапакъатал кьезе мустахӀикъал чагӀи рихьизари;
  • 13) Дагъистан Жумгьурияталъул цӀаралда кӀалъа-балъаял гьари, къотӀи-къаял хъвай, ва гьел гурелги данде ккезабиял хъвай;
  • 14) Дагъистан Жумгьурияталъул къанунал хъвай, гьел халкъалда цере загьир гьаби, амруял ва буюрухъал кьей;
  • 15) жумгьурияталда бугеб хӀал бицун Дагъистан Жумгьурияталъул Халкъияб Шураялъухъе щибаб лъагӀалил хитӀаб гьаби;
  • 16) ихтияр буго Дагъистан Жумгьурияталъул Халкъияб Шураялъул гӀодобчӀеялда гӀахьаллъи гьабизе ва иргадулаб гуреб цеве вахъина гьабизе;
  • 17) Дагъистан Жумгьурияталъул Халкъияб Шураялда жумгьурияталъул хазинаялъул проект цебе лъей ва гьеб хӀалтӀизабулеб бугеб куцалъул отчет кьей, гьединго Дагъистан Жумгьурияталъул социалиябгун-экономикиял рахъал цере тӀезариялъул программаби ва гьел тӀуралел ругел куц Халкъияь Шураялда цебе лъей;
  • 18) гьел гурелги Россиялъул Федерациялъул конституциялда, федералиял къануназда, Дагъистан Жумгьурияталъул конституциялда ва Дагъистан Жумгьурияталъул къануназда данде кколел тӀалкъаял тӀурай, гьединго Дагъистан Жумгьурияталъул цӀаралдасан данде кколел кӀалъа-балъаял ва къотӀи-къаял гьари.

Заман щвечӀого хъулухъалдаса эркен гьави

хисизабизе

Дагъистаналъул нухмалъулезул сияхӀ

хисизабизе
Нухмалъулев Сурат Болжалазул къадар Хъулухъалда вукӀарал къо-моцӀал Партия
1 МухӀу ГІалиев   1 20 февраль 2006 сон 20 февраль 2010 сон КПСС;
Цолъараб Россия
2 МухІамадсалам МухІамадов   1 20 февраль 2010 сон (2013 соналъул 28 январалъ РФ Президентасул № 44 амруялдалъун замана щвечӀого хъулухъалдаса вахъана) Цолъараб Россия
3 Рамазан ГІабдулатІипов   1 28 январь 2013 сон Цолъараб Россия
  1. ^ Даргинцы — второй по численности народ, составляющий согласно переписи 2002 года 15,6 % от всего населения республики. Самым многочисленным народом в Дагестане являются аварцы — 27,5 % населения.
  2. ^ Федеральный закон от 11 декабря 2004 г. № 159-ФЗ "О внесении изменений в Федеральный закон «Об общих принципах организации законодательных (представительных) и исполнительных органов государственной власти субъектов Российской Федерации» и в Федеральный закон «Об основных гарантиях избирательных прав и права на участие в референдуме граждан Российской Федерации»

Ссылкаби

хисизабизе

Халип:Икълимазул тІадегІанал хъулухъазул чагІи