Даниялилазул Даниялил ГӀабдурахӀман

Даниялов Даниялил ГІабдурахІман (22 август 1908, Ругъжа, Гъуниб округ, Дагестаналъул область, Россиялъул империя — 24 апрел 1981, Москва, СССР) — сиясатияв ва партиялъулав хъулухъчи, Дагъистаналъул машгьурав пачалихъияв ва жамгІиябгун сиясаталъулав хІалтІухъан, сиясатчи, Дагъистаналъул АССРалъул ракь хІалтІизабиялъул нарком (1937–1939), Дагъистаналъул АССРалъул Халкъиял Комиссаразул Шураялъул Председатель (1940–1948), КПССалъул Дагъистаналъул областалъул комитеталъул тІоцевесев секретар (1948–1967), Дагъистаналъул АССРалъул Президиумалъул ТІадегІанаб Шураялъул Председатель (1967–1970).

Даниялов Даниялил ГІабдурахІман
Даниялов Даниялил ГІабдурахІман
Байрахъ
Байрахъ
4-ев Халкъиял Комиссаразул Шураялъул Председатель/Дагъистаналъул АССРалъул ХІакимзабазул Шураялъул
1940 — 3 декабр 1948
Цеве вукІарав: МухІамадов МахІмудил Жамалудин
Хадув вачІарав: Айдинбеков Мухтадирил Айдинбек
Байрахъ
Байрахъ
9-ев КПССалъул Дагъистаналъул областалъул комитеталъул тІоцевесев секретар
3 декабр 1967 — 29 ноябр 1967
Цеве вукІарав: ГІалиев МухІамадкаримил ГІазиз
Хадув вачІарав: ГІумаханил Ильясил МухІамад-Салам
Байрахъ
Байрахъ
11-ев Дагъистаналъул АССРалъул Президиумалъул ТІадегІанаб Шураялъул Председатель
[29 ноябр]] 1967 — 4 август 1970
Цеве вукІарав: Эльдарова Роза
Хадув вачІарав: Шамхалов МухІамадил Шагьрудин
 
ВатІанчилъи: СССР
Дин: Ислам
Гьави: 22.08.1908
Ругъжа росу, Гъуниб округ, Россиялъул империя
Хвей: 24.04.1981
Моква, РСФСР, СССР
Вукъун вуго: МахІачхъалаялда
Лъади: Хадижат
Лъимал: васал: Митхат, Юсуп и МахІач
яс: Забида
Миллат: магІарулав
Партия: Комунист партия
Лъай: 1) Шура шагьаралъул педагог техникум
2) Москваялъул лъел магІишаталъул инженеразул институт
ГІелмияб даража: Тарихиял гІемабазул доктор[1]
 
Шапакъатал:
Халип:Орден Ленина Халип:Орден Ленина Халип:Орден Ленина
Халип:Орден Ленина Халип:Орден Ленина Орден Трудового Красного Знамени
Халип:Орден Отечественной войны 1 степени Халип:Медаль За трудовую доблесть

ГIабдурахIман Данилов гIемерисезда лъала республикаялъул бетIер хIисабалда, гьес Дагъистан цебетIеялъе, гIадамазул гIумру лъикIлъизабиялъе, росдал магIишатги, промышленностги тIадегIанаб даражаялде бахинабиялъе, гьес дагъистаниял чачанал гIадин гочинаричIого рукIиналъе ва радиоактивиял хутIелал Дагъистаналъул мугIрузда рукъине риччангутIиялъе бахъараб хIаракат ракIалде босун. Гьединго киназго бицулеб жо буго гьев хъулухъалдаса нахъе вахъиzk]ek, мацIихъабаз гьесулги СССРалъул нухмалъиялъулгунги тIубан гьоркьолъаби хвезариялъул[2].

ГІумрухъвай

хисизабизе

Даниялов Даниялил ГІабдурахІман гьавуна 1908 соналъул 22 августалда аваразул Гъуниб округалъул Ругъжа росулъ, векъарухъанасул хъизаналда[3]. 1920 соналдаса 1924 соналде щвезегІан ьесие тарбия кьуна Гъуниб мухъалъул лъималазул рокъоб, гьелдаса хадуб — Шураялъул интернаталда[4].

1928 соналъ гьес лъугІизабуна Шураялъул педагогияб колледж, гьебго заманлда гьев лъугьана ТІКП(б)-ялде[1]. Гьебго соналъул октябр моцІалдаса нахъе гьев лъугьана Гъуниб окружной комитеталъул тІалабияв секретарлъун, 1929 соналъ — Дагъистаналъул обкомалъул Агитациябгун пропагандалъулаб отдел бачунев чилъун. 1930 соналъул марталда гьев тІамуна Лъай кьеялъул Халкъияв комиссариаталъул бетІераб нухмалъиялъул начальниклъун[1].

1935 соналъ Даниялил ГІабдурахІманица лъугІизабуна Московаялъул лъел магІишаталъул инженеразул институт [4], 1947 соналъ — заочно лъугІизабуна ЦК ВКП(б)-ялда бугеб тІадегІанаб партиялъулаб школа[1].

КІудияб ВатІанияб рагъул заманалда вукІана 44-леб аскаралъул Рагъулаб советалда ва МаІачхъалаялъул цІуниялъул комитеталъул чилъун[4]. [1948]] соналъул 3 декабралдаса 1964 соналъул 29 ноябралде щвезегІан  — КПССалъул Дагъистаналъул областалъул комитеталъул тІоцевесев секретарлъун 1967 соналъул ноябралдаса 1970 соналде щвезегІан — Дагъистаналъул АССРалъул ТІадегІанаб Президиумалъул Шураялъул Председатель[1]. ЦК КПССалъул гІахьалчи — 1956–71 гг. ( ЦК КПССалде кандидат — 1952–56 гг.)[4]. 1946–70 саназда — СССРалъул ТІадегІанаб Советалъул депутат. СССРалъул ТІадегІанаб Советалъул Президиумалъул гІахьалчи — 1962–70 саназда.

1970 соналдаса — союзалъулаб даража бугев персоналияв пенсионер .

1971 соналдаса — СССРалъул гІелмабазул академиялъул Востоковедениялъул институталъул кІудияв гІелмияв хІалтІухъан[1].

Файл:ДанияловАД Махачкала.jpg
МаІачхъалаялда бугеб монумент

Хвана 1981 соналъул 24 апрелалъ Москваялда[1].

Дагъистаналъул халкъал гочинариялдаса хвасар гьари

хисизабизе

Даниялил ГІабдурахІманил гьитІинав вац, совет гІалимчи ва тарихчи — ГІажигІали. ЧІужу Хадижат (ЧІохъа). Лъимал:

Яс — Забидат (медицинаялъул гІедмабазул кандидат) ва лъабго вас: кІудияв — МитхІат (медицинаялъул гІедмабазул доктор, профессор), гборкьохъев — Юсуп (кинорежиссёр, драматург) ва гьитІинав — МахІач (тарихиял гІедмабазул доктор).

МитхІат ва МахІач хвана хеко. Кинорежиссер Даниялил ГІабдурахІманил Юсуп (инсул хІакъалъулъ ракІалде щвеязул тІехьалъул автор), хвана 2015 соналъул 24 маялъ 2015. 21 январ 2016 соналъ хвана Даниялил ГІабдурахІманил цохІо йикІарай яс — Забидат 21 января 2016 года. Нахъе руго лъималазул лъимал.

Шапакъатал

хисизабизе
  • Щуго Ленинил орден[1]
  • ХІалтІул БагІараб Дугъалъул орден[1]
  • I-себ даражаялъул КІудияб ВатІанияб рагъул орден[1]

РакІалде щвезави

хисизабизе

Даниялил ГІабдурахІманил цІар кьун буго МахІачхъалаялда бугеб къватІалъе.

ХІужжаби

хисизабизе
  1. ^ a b c d e f g h i j Даниялов Абдурахман Даниялович (ru), Справочник по истории Коммунистической партии и Советского Союза 1898 - 1991.
  2. ^ https://www.radioerkenli.com/a/27752951.html ГI. Даниялов - Дагъистаналъул тарихалда гвангъараб цIар. МахIмудова ПатIимат. 23 май, 2016
  3. ^ Милрад Азизович Фатуллаев. Страсти по дидойцам (ru), Независимая газета (10 фебруар 2011).
  4. ^ a b c d Абдурахман Даниялович Даниялов (ru), ХРОНОС.

МугъчІваял

хисизабизе