Датуна гьатӀан
Датуна гьатӀан (гуржи: დათუნას ეკლესია) — гьоркьохъел гӀасрабазул гуржи ортодоксалияб килисаялъул гьатӀан, Дагъистаналъул Шамилил мухъалда бугеб, жиндие кьучӀги X гӀасруялъул ахиралда — XI гӀасруялъул байбихьуда гуржи миссионераз лъураб.[1] Гьеб буго гьитӀинаб базилика, ДатунатӀа росулӀ бараб.[2] Датуна гьатӀан буго VI гӀасруялдаго лӀугьарал гуржигин авар хурхеназул нугӀ. ГьатӀан босун буго федералияб кӀвар бугел маданияб ирсалъул объектазул реестралде.[3]
Датуна гьатӀан | |
---|---|
Дин | |
Ккола | Гуржи ортодоксалияб килисаялъул |
Префектура | Шамилил мухъ |
Экклесиасатияб яги организацияб статус | ХӀалтӀизабулареб |
Year consecrated | X–XI гӀасраби |
Статус | Халип:РФ-ялъул халкъазул маданияб ирс |
БакӀ | |
Локация | ДатунатӀа |
Пачалихъ | Россия |
Территория | Дагъистан |
Префектура | Шамилил мухъ |
Архитектура | |
Тайпа | Базилика/гьатӀан |
География
хисизабизеГьатӀан буго Шамилил мухъалъул ДатунатӀа росдада аскӀоб, лъарал рагӀалда, ГьатӀан-бугеб-кӀкӀал абулеб бакӀалда.
Тарих
хисизабизеГьатӀан бан буго X гӀасруялъул ахиралда — XI гӀасруялъул байбихьуда гуржи миссионерзабаз. XIII гӀасруялда реххун тараб гьеб, XIX гӀасруялъул къокъабго заманалда жаниб букӀана хӀалтӀулеб. Кавказалъул рагъул заманалда, гьатӀан букӀана имам Шамилил рахъалде рачӀарал гӀурус солдазе гӀибадат гьабиялъе.
Архитектура
хисизабизеБан буго гуржиязул къуба гьечӀел, жанахӀ-типалъул килисабазул къагӀидаялда. Къадал лъун руго месед-тӀогьилаб хъиругьецӀоялъ. ГьатӀаналъул халалъи буго 9,1 м, гӀеблъи буго 5,7 м, борхалъи – 8 м. ТӀохтӀа ккун буго рици. ГьатӀаналъул буго лъабго рагьу — бакътӀерхьудаса, бакъбаккудаса ва централияб шималалдаса. Ахирисеб буго кӀкӀалахъе балагьараб, сундуе гьеб букӀарабали лъалеб гьечӀо. Гордал руго чӀчӀедерал. Минаялъул цо рахъалда руго кӀикъадал, хӀужрабиги (келион) ругел (гьелъ нугӀлъи гьабизе бегьула монахал рукӀараблъиялъе). XX гӀасруялъул 20-л соназдаги гьенир рукӀарал фрескаби рихьизе бегьулаан.
Жакъа къоялъ гьатӀан чӀобоголъун буго; гьелъие вандалазул ва "чӀегӀерал" рухъарухъабазул заралги камулеб гьечӀо.
МугъчӀваял
хисизабизе- ^ Gajiev, p. 167
- ^ Gajiev, p. 219
- ^ Ancient Christian church of Datuna (1960) Ministry of Culture (Russia)
Библиография
хисизабизе- Gajiev, V. G (2013) History of Dagestan, Tbilisi State University, ISBN 9785458344876
РегӀелал
хисизабизе- Датуна гьатӀан — Дагъистаналъул мугӀрузда бугеб некӀсияб насранияб килиса
- Датуна гьатӀаналъул гӀажаибаб къисмат
- Шималияб Кавказалда насранияб дин XV гӀасруялде щвелалда
- Аваристаналда гуржи килисаялъул пиша VIII–XVI гӀ.
- Древнейший христианский памятник Дагестана страдает от вандализма «диких» туристов
- Датунская церковь и Кородинская мечеть — «свидетели истории» или «жертвы преступления»?
Гьаб макъала лъикӀлъизабизе ккани, гьал хаду рехсарал жал гьарунани лъикӀ букӀина:
После исправления проблемы исключите её из списка. Удалите шаблон, если устранены все недостатки.
|