Эверест (мегӀер)

Джомолунгма» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

Джомолу́нгма (тиб. ཇོ་མོ་གླང་མ, чин. гІадат. 珠穆朗瑪峰, бигь. 珠穆朗玛峰, пинйин: Zhūmùlǎngmǎ fēng, палл.: Чжумуланма фэн), Эвере́ст (инг. Mount Everest), Сагарма́тха (непал. सगरमाथा), Шэнмуфэн (Халип:Китайский) — Ракьалъул бищун борхатаб тІогь (ралъдал гьумералдаса борхалъи 8848[1] или 8850[2][3] метра).

География

хисизабизе
 
Гьималаязда Эверест бугеб бакІ

ТІогь буго Гьималаязул Махалангур-Химал балалъ, жиндасан Непалалъулги Тибеталъул автономияб мухъалъулги (Чин) гІурхъи унеб.

Эвересталъул буго ункъцибилаб пирамидаялъул форма, жанубияб гъвел буго цІикІкІун лабалаб. Жанубияб гъвелалда ва хьалбазда гІазу ва фирн чІчІоларо, гьеб сабаблъун гьел рукІуна гІицІал. Шималиябги бакъбаккул гъажабетІералъул борхалъи буго 8393 м. Ахалъиялдаса тІогьалде борхалъи буго гІ.-ш. 3550 м. ТІогь аслияб къагІидаялъ гІуцІун буго гъоркь хутІарал минералаз.

Жанубалдаса Эверес бухьинабун буго Лхоцзегун (8516 м) Бакъдасеб кьили (7906 м) абулеб мугІрул габурлъиялъ. Хьундарахъалдаса лабалго буссараб бегІербалаб Хьундасеб кьилиялъ (7020 м) Эверест цолъизабун буго Хьундасеб тІогьгун — Чангзе (7553 м). Бакъбаккуда лабалго батІалъулеб буго гучаб бакъбаккул къед Кангшунг (3350 м). Массивалдаса киналго рахъазде риун рачІунел руго цІерлъенал, жал 5000 метраялъул борхалъуда лъугІулел.

Джомолунгмалъул тІогьиб къойил гьоркьохъеб температура юлалда букІуна −19 °С, январалда — −36 °C (бегьула гІодобе ккезе −60 °C-ялде). ТІогьалъул борхалъи борхалъул чІвабилъун чвахиялъул гъоркьияб гІорхъода гІадин букІиналъ, сипатал руго тохлъукьего лъугьунел штормал 160 км/с хехлъиялде рахунел гьуралгун рукІунел. Маялъул ахиралдаса сентябералъул бакьулъе щвезегІан букІунеб роол муссоналъул заманалда бала гІазу[2].

 
Кала-Патхар тІогьалдаса Эверест бихьулеб куц

Борхалъи борцин

хисизабизе
 
Джомолунгмаялъул 3D-анимация

Жинца Джомолунгма Ракьалда бугеб бищун борхатаб тІогь букІин чІезабурав тоцевесев чи вукІана Гьиндустаналъул математик ва топографист Радханат Сикдар. 1852 соналъ тригонометриялъул хІисаб-суалалги жал анлӀидаса дагь гьечІел обсервациязул хІасилазда щварал баяназул компиляцияги гьабун,гьев вачІана XV ТІогь Ракьалда бищун борхатаб бугилан абураб пикруялде, цебе рикІкІунеб букІараб Канченджанга гуреб. Гьес борцана гІага-шагараб борхалъиги, гьебги ккана битІун 29000 фут (8839 м). Сикдарил хІисаб суалалъул хІасилал официалаб куцалда басма гьаруна 1856 соналъул марталъ.[4]

Нусго соналдасан, 1952—1954 соназ Гьиндустаналъул топографиячагІаз цІидасанги борцана тІогьалъул борхалъи, ва 1955 соналъ географиялъул гІелмуялъ къабул гьабуна гьелъул борхалъи ралъдал гьумералдаса 29028 фут (8848 м) бугеб.[5]

1999 соналъ американазул экспедициялъ мухІканлъи цІикІкІараб GPS-алатазул кумекалдалъун баянлъизабуна борхалъи 29035 фут (8850 м) +/- 6,5 фут (2 метра) букІин. 2005 соналъ цогидаб чиналъулаб экспедициялъ баян гьабуна тІогьалъул хъитІалъулаб борхалъи 8844,43 метра гІадин, гьеб къиматгун рази букІинчІо Непал, жинца классикияб къимат 8848 м кколеб букІараб. 2010 соналъ кІиябго рахъ бачІана компромиссалде — Джомолунгмаялъул расмияб борхалъиялъул фиксация гьабуна ралъдал гьумералдаса 8848 метра борхалъи бугеб гІужалда, къвакІараб минераллъиялъул борхалъи буго 8844 м[6]. МегІералъул 8850 метраялъул борхалъи гьедин къабул гьабуна кьучІаблъун геодезиялъул ва картографиялъул гІемерал специалистаз.

Балагьн гьединго

хисизабизе

ХІужжаби

хисизабизе
  1. ^ "Джомолунгма" (in русский). Россиялъул кӀудияб энциклопедия. Архивация оригинал (2019-11-18). Щвей 2019-11-15. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  2. ^ a b Wilfrid (Francis) Noyce, Norgay Tenzing, Barry C. Bishop, John Hunt, Stephen Venables. "Mount Everest". Encyclopædia Britannica. Щвей 2018-12-22.{{cite web}}: CS1 maint: multiple names: authors list (link)
  3. ^ Hualiang Lin, Wenjun Ma, Qiyong Liu. Ambient Temperature and Health in China. — Springer, 2019. — Гь. 132. — 196 с. — ISBN 9811325839.
  4. ^ Tanvi Patel (Новембер 24, 2018). "This Brilliant Bengali 'Computer' Discovered the World's Highest Mountain Without Ever Climbing It!". The Better India. Vikara Services Pvt Ltd. Щвей 2019-04-02. {{cite web}}: Check date values in: |date= (help)
  5. ^ "Indian mathematician Radhanath Sikdar first to identify Everest as highest mountain peak". The Economic Times. Юн 01, 2015. Щвей 2019-04-02. {{cite web}}: Check date values in: |date= (help)
  6. ^ "Китай согласился "приподнять" Эверест на 4 метра". BBC. 8 апреля 2010. Щвей 2019-04-02. {{cite web}}: Check date values in: |date= (help)

РегІелал

хисизабизе