Дибирилазул ДибирхӀажил МухӀамадкъади

Къарахъа Дибирилазул ДибирхӀажил МухӀамадкъади[1] (1875, Гьочоб — 14 декабр 1929, МахӀачхъала, Дагъистан) — авар ва дагъистанияв динияв, жамгӀияв ва сиясияв санатчи, хъвадарухъан, таржамачм.[1][2]

Биография хисизабизе

Гьавуна Къарахъ боялъул Гьочоб росулӀ. ЦӀалана Акъсаялда букӀараб ГӀумалат-хӀажил мадрасаялда. 1895 соналдаса вукӀана мадрасаялда дарсал кьолев. Хадуб, Шурагьиве вахъун, гьес рагьана исламияб школа. ХӀалтӀулев вукӀана къадилъун, мударрислъун, вукӀана Шурагьиб педтехникумалда дарсал кьолевги.

1918 соналъ ХӀ. Бамматовгун, З. Темирхановгун, Т. Чермоевгун ва А. Кантемиргун цадахъ вукӀана ГӀусманилазул империялде МугӀрул Республикаялъе кумек гьаризе араб делегациялда.

1929 соналъ Дибирилазулав ва "Динияб комитеталъул" жеги 74 гъорлӀчиги арестинаруна совет специалияб идараялъ, гьезде гӀунтӀизабуна «рухӀанияб ва кулак контрреволюционияб организация» абун гӀайиб. Гьебго соналъул 14 декембералда ДибирхӀажил МухӀамадкъади ва гьесда цадахъ Динияб комитеталъул 20 гъорлӀчиги чӀвазе къотӀана. Реабилитатинавуна 1988 соналъ.[3][1][2]

МугъчӀваял хисизабизе

  1. 1,0 1,1 1,2 Дибирилазул ДибирхӀажил МухӀамадкъади Archived 2017-08-24 at the Wayback Machine // Къумукъ энциклопедияб къамус. Басма 2-абилеб тӀадежураялгун. — МахӀачхъала: Басмахана «Делта-пресс», 2012. С. 118–119
  2. 2,0 2,1 Цитатинабиялъул гъалатӀ: Мекъаб тег <ref>; мурад баян гьабун хъвалеб mkalaavarskiy -лъе текст бихьизабун гьечІо
  3. Биххизабулев-гурев, гьабулев (хвараб регӀел) (щолареб регӀел )

РегӀелал хисизабизе