МахӀачхъала
МахӀачхъала буго Дагъистаналъул тахшагьарги бищун кӀудияб шагьарги. Шагьар буго Каспий ралъдал рагӀалда, элъ ккола 468.13 кв. км, 623,254-даса цӀикӀкӀун чи вугеб рикӀкӀенгун,[9] гьебго мехалда шагьрияб агломерацилъул гӀатӀилъи буго 3,712 кв. км, гӀ-ш. 1 миллион чи вугеб популациягун. МахӀачхъала буго ункъабилеб бищун кӀудияб шагьар Кавказалда, Хьондасеб Кавказалъулги Хьондакавказияб федералаб округалъулги бищун кӀудияб шагьар, гьединго Каспий ралъдахъ ругел бищун кӀудиял шагьаразул лъабабилебги.
МахӀачхъала
Махачкала | |||||||
---|---|---|---|---|---|---|---|
ТӀаса гъоркье, квегӀиса квараниде: МахӀачхъала, Дагъистаналъул ХӀукуматалъул рукъ, Makhachkala Lighthouse, МахӀачхъалалъул кӀудияб мажгит, Каспий ралъад | |||||||
Координатал: 42°58′57″N 47°30′18″E / 42.98250°N 47.50500°E | |||||||
Пачалихъ | Россия | ||||||
Федералаб субйект | Дагъистан | ||||||
КьучӀ лъей | 1844[2] | ||||||
Шагьар статус щвей | 1857[2] | ||||||
ХӀукумат | |||||||
• Сан | Депутатазул данделъи | ||||||
ГӀатӀилъи | |||||||
• ТӀолаб | 468,13 km2 (180 sq mi) | ||||||
Борхалъи | 10 m (30 ft) | ||||||
Популация | |||||||
• ТӀолаб | 572 076 | ||||||
• РикӀкӀен (2018)[5] | 596 356 (+4,2%) | ||||||
• Rank | 27леб 2010 соналда | ||||||
• Гъункел | 1200/km2 (3200/sq mi) | ||||||
• Субординация | МахӀачхъала шагьар[1] | ||||||
• Тахшагьар | Дагъистаналъул Республикалъул[1] | ||||||
• Тахшагьар | МахӀачхъала шагьаралъул[1] | ||||||
• Шагьрияб округ | МахӀачхъала шагьрияб округ[6] | ||||||
• Тахшагьар | МахӀачхъала шагьрияб округалъул[6] | ||||||
Мехалъул зона | UTC+3 ([7]) | ||||||
Почалъул индекс(ал)[8] | 367000-367999 | ||||||
Телефоналъул код(ал) | +7 8722 | ||||||
OKTMO ID | 82701000001 | ||||||
Вебсайт | mkala.ru |
Жакъа шагьар бугеб бакI гIуцIцIана 1844 соналъ, гIурусазул рагъул щулалъиялъул мурадалда ва гьелда цIар букIана Петровское. 1857 соналъ гьеб бакI кIодолъана ва гIадамал цIикIкIана, цинги гьелъие шагьаралъул статус щвана, ва цIарги кьуна порталъул шагьар Петровск абун, гьедин цIар кьеялъеги гIиллалъун лъугьана 1722—1723 соназда Персиялде кIанцIизе унаго, Пётр I-сул аскариял гьанир чIеялда бан.
1918 соналъул 15 ноябралъ, гьеб заманаялъ вукIарав Дагъистаналъул бетIер Тарковски НухI-Бегил амруялдалъун, шагьаралъул цIар хисун гьелъие кьуна Шамилхъала абураб цIар. Гьебги букIана кIудияв имам Шамил халкъазул рекIелъа инчIого вукIиналъул мурадалда гьабураб хIалтIи.[10].
1921 соналъул 14 маялъ Дагъистаналъул савраталъул комимтеталъул амруялдалъун МахIачхъала лъугьана ДАССРалъул тахшагьарлъун ва цIарги хисана МахIачхъала абун, Унсоколоса савратчи МахIач ДахIадаевги кIодо гьавун.[11]. Жакъа къоялда жани шагьар бугеб бакI, мугIрузул халкъазда гьоркьоб лъалеблъун букIана Гьоркьохъел гIасрабазул заманаялдасанго, Анжи-Хъала абураб цIаралда гъоркь[12] — гьелъул магIнаги ккола «луълуъалъул хъала» - абураб,[13] лъарагI мацIалдаса буссинабуни.
Демографика
хисизабизеСон | Поп. | ±% |
---|---|---|
1897 | 10 000 | — |
1926 | 33 552 | +235.5% |
1939 | 86 836 | +158.8% |
1959 | 119 334 | +37.4% |
1970 | 185 863 | +55.8% |
1979 | 251 371 | +35.2% |
1989 | 317 475 | +26.3% |
2002 | 462 412 | +45.7% |
2010 | 572 076 | +23.7% |
2021 | 623 254 | +8.9% |
Ицц: Цензалъул дата |
Махачкалалъул популациялъ гъорлӀе рачуна (2021 ценз):[14]
- Аварал (25.6%)
- Кумикал (18.9%)
- Дарги халкъал (15.5%)
- Курал (13.9%)
- Лакал (11.8%)
- ГӀурусал (5.9%)
- Табасаранал (2.3%)
- Рутулал (1.2%)
- Нугъаял (1.0%)
- Агъулал (1.0%)
Динияб гIуцIцIи
хисизабизеШагьаралда руго, киналниги дуниялалда ругелщинал динал ккурал гIадамал, цого-цо буддизмалъул гьечIо. ЦIикIкIунисеб бутIа (90 %) ккола бусурбаби суннитал. Шагьаралда буго, Европаялдаго бищун кIудияблъун рикIкIунеб ЖумгIа мажгит. Гьединго шагьаралда буго христианазул — Свято-Успенил кафедралияб килиса. Гьанже бан бахъана, Ермошкина къотIноб жугьутIазе магIбадги.
ХӀужаби
хисизабизе- ^ a b c d Цитатинабиялъул гъалатӀ: Мекъаб тег
<ref>
; мурад баян гьабун хъвалебRef294
-лъе текст бихьизабун гьечІо - ^ a b Цитатинабиялъул гъалатӀ: Мекъаб тег
<ref>
; мурад баян гьабун хъвалебabout
-лъе текст бихьизабун гьечІо - ^ "Подсчитано по базе данных муниципальных образований РФ на 2008 год". Архивация оригиналалдаса, октобер 6, 2017. Боси: март 2, 2014.
- ^ Ошибка Lua в Модуль:Citation/CS1 на строке 3163: attempt to call field 'year_check' (a nil value).
- ^ "26. Численность постоянного населения Российской Федерации по муниципальным образованиям на 1 января 2018 года". Боси: 23 январ 2019.
- ^ a b Цитатинабиялъул гъалатӀ: Мекъаб тег
<ref>
; мурад баян гьабун хъвалебRef416
-лъе текст бихьизабун гьечІо - ^ "Об исчислении времени". Официальный интернет-портал правовой информации. 3 юн 2011. Боси: 19 январ 2019.
- ^ Почта России. Информационно-вычислительный центр ОАСУ РПО. (Russian Post). Поиск объектов почтовой связи (Postal Objects Search) (мацӀ: гӀурус)
- ^ "Оценка численности постоянного населения по субъектам Российской Федерации". [Federal State Statistics Service. Архивация оригиналалдаса, септембер 1, 2022. Боси: септембер 1, 2022.
- ^ ""Черновик" 15 июля 2005". Архивация оригинал, 2014-09-03. Боси: 2022-04-17.
{{cite web}}
: Invalid|url-status=хвараб
(help) - ^ Марковин В. И. Махачкала - преддверие гор // Дорогами и тропами Дагестана. — М.: Искусство, 1974.
- ^ Алиев К. М. (2005-06-27). "Еще раз об Анжи". Кумыкский мир. Архивация оригинал, 2007-12-17. Боси: 2011-03-12.
{{cite web}}
: Invalid|url-status=хвараб
(help) - ^ "Анжи (Инжи)" (мацӀ: русский). Кумыкский мир. Архивация оригинал, 2012-02-12. Боси: 2011-5-7.
{{cite web}}
: Check date values in:|accessdate=
(help); Invalid|url-status=хвараб
(help); Italic or bold markup not allowed in:|publisher=
(help) - ^ "Национальный состав населения". Rosstat. Архивация оригиналалдаса, юл 8, 2023. Боси: август 16, 2023.
МахӀачхъала Викигъамасалда | |
МахӀачхъала Викидалилалда |