Дунялалъул мацӀал

Дунялалъул мацІал» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

2020 соналде Ракьалда буго 7111 мацІ[1].

Аслиял мацІазул хъизаназул карта
МацІазул хъизанал

Коммуникациялъул цебетІейгун чІагоял мацІазул къадар дагьлъулеб буго кІиго анкьида жаниб цо мацІ тагІиналъун гьоркьохъеб хехлъиялда[2].

40 бищун тІибитІараб мацІалда кІалъала кинабниги халкъалъул 2/3 бутІа. Бищунго гІемерисел кІалъала син, хинди, ингилис, испан, гІараб, гІурус, португал мацІазда. ГІезегІанго тІибитІун буго паранс мацI, амма гьеб рахьдал мацІлъун рикІкІунезул къадар дандеккун дагьаб буго.

Жакъа къоялде буго 400-ялдаса дагьалъ цІикІкІун мацІал, жал тІагІунел ругеллъун рикІкІунел.

МацІал хола гьезда кІалъалел ахирисел чагІигун, ва гьединлъидал тІоцебе жидер мацІ тІагІиналъул хІинкъи буго хъвай-хъвагІи хІалтІизабуларел халкъазе.[3].

МацІал хвеялъул гІиллабазул цояблъун ккола жидеда кІалъалезул къадар бащатго бикьун гьечІолъи. Гьедин, дунялалъул халкъалъул 80%-алде тІаде кколеб буго 80 мацІ, 3,5 азар мацІалде — халкъалъул цохІо 0,2%. МацІ тІагІиналъул процессалъул аслиял гІиллабилъун рикІкІуна глобализация ва миграция[4].

Гьанже ругел мацІазул гІага-шагарго бащалъи хІалтІизариялдаса ине руго XXI гІаслуялъул бащалъиялде[5]. ГІемерал мацІал тІагІунел руго гьезда кІалъалез дагьабги къуватаб мацІалъулаб сверухълъигун гьабулеб контакт сабаблъун, гьединлъидал бищун цере жидее тІагІиналъул хІинкъи бугеллун ккола жидерго пачалихъ гьечІел гьитІинал халкъазул мацІал. МацІ лъазабулел лъималазул къадар 70 %-алдаса дагьаб батани, гьеб мацІ рикІкІуна тІагІунеб бугеблъун. ЮНЕСКО-ялъул «ТІагІиналъул хІинкъи бугел дунялалъул мацІазул атласалда» рекъон, жакъа къоялъ Европаялда тІагІиналъул хІинкъи буго гІага-шагарго 50 мацІалъе.

Бищунго тІагІиналъул хІинкъиялда гъоркь ругел мацІаллъун ккола Австралиялъул аборигеназул, Индокитаялъул, Америкаялъул, Африкаялъул ва континентаздаса ратІаго ругел чІинкІиллъабазул мацІал. Бищун щулияллъун ккола Европаялъул мацІал — Европаялъул улкаби руго цебетІурал, гьенир гІумру гьабун руго гІемерал гІадамал, гьединлъидал цо мацІалде кІалъалезул чанго азар чи тІагІаниги, мацІазе хІинкъи кколаро.

МацІазулаб систематика

хисизабизе

Хъизан ккола аслияб мартабатлъун, жинда тІад кинабниги мацІазулаб систематика балеб. Хъизан буго баянго, амма рикІкІадго гІагарал мацІазул группа, жидер кьучІаб сияхІалда (Сводешил сияхІалъул нусго рагІи бугеб вариант) рагІабазул данде ккей 15 %-алдаса гъоркье кколареб. Мисалаллъе балагье Евразиялъул мацІазул хъизаналъул сияхІалде яги Африкаялъул мацІазул хъизаналде.

Щибаб хъизаналъе гІаркьалабузул, гурппабазул ва гь. р. сияхІазе баян кьола гІадаздаго ратІа гьарун рихьизарулел группалъабиги, гьезул цоцаде гІагарлъиялъул даражаги, гІуцІулезде риххиялъул заманги хІисабаде росун. Амма гьелдаго батІ-батІиял хъизаназул гІаркьалаби ва группаби рукІине кколаро гъварилъиялъул цогом мартабалъул, кІвар бугеб жолъун ккола гьезул цо хъизналда жаниб бугеб дандекквеяб тартиб.

Мисалалъе, индоевропаялъулаб хъизаналъе ратІа гьарун рихьизаризе бегьула хадусел гІаркьалаби: анатолиял, тохариял, кельт, балтгун славянияб, индоираналъулаб, германиязулаб, италиялъулабгун-романияб, грекгун македониялъулаб, эрмениязулаб, албан ва жал шартІияб къагІидаялъ палеобалкъанияб зонаялде жанире рачунел некІсиял мацІазул кьер, жа

Цоги мисалалъе, нахгун дагъистаналъулаб мацІазулаб хъизаналъул гІаркьелаллъун ккола: вайнах, авар-гІанди-цез, тум, даргин, лезги ва хиналугалъулаб гІаркьалаби.

Билингвизм

хисизабизе

Билингвизм ккола кІиго мацІалда кІалъазе кІвей. ГІемерисел жидерго пачалихъ гьечІел ва жидер мацІалъул расмияб статус гьечІел гІадамал ккола билингваллъун. КІиго ялъуни чанго мацІалда кІалалел гІадамазул къадар цІикІкІунеб буго.

Бищун тІиритІарал мацІазулал хъизанал

хисизабизе
  1. Индоевропаялъулал мацІал ~ 2,5 млрд кІалъалезул, романиял мацІал, индоариял мацІал, германиял мацІал ва балтгун славян мацІал гъорлъе рачун;
  2. Сингун тибеталъулал мацІал ~ 1,2 млрд кІалъалезул, аслияб син мацІги гъорлъе бачун;
  3. Уралгун алтаялъулал мацІал (тІадхъизаналъул мартабат бугеб гІуцІи) ~ 500 млн кІалъалезул, аслиял тюрк мацІалги гъорлъе бачун.

Дунялалъулабго кІвар бугел мацІал

хисизабизе

Гьанжесел халкъаздагьоркьосел мацІаллъун рикІкІине бугьула[6] (кІалъалезул гІаммаб къадаралъул цІикІкІаралдаса дагьалде):

 
50-ялдаса циІкІун миллион чиясе рахьдалаллъун кколел мацІал. Баянал: Ethnologue[7] макромацІал (син, гІараб) рикІкІинчІого
Ранг МацІ Рахьдалаб КІиабилеб КІалъалезул гІаммаб къадар
1 Син мацІ[8] 1,2 миллиард 300 миллионалде гІунтІун 1,5 миллиардалде гІунтІун
2 Ингилис мацІ[6] 500 миллион 1 миллиардаалде гІунтІун 1,5 миллиардалде гІунтІун
3 Испан мацІ[9] 425 миллионо 125 миллионалде гІунтІун 550 миллионалде гІунтІун
4 ГІараб мацІ[10] 300 миллион 120 миллионалде гІунтІун 420 миллионалде гІунтІун
5 ГІурус мацІ 170 миллион 130 миллионалде гІунтІун 300 миллионалде гІунтІун
6 Португал мацІ[11] 230 миллион 30 миллионалде гІунтІун 260 миллионалде гІунтІун
7 Герман мацІ[12] 120 миллионов 80 миллионалде гІунтІун 200 миллионалде гІунтІун
8 Паранс мацI[13] 75 миллион 195 миллионалде гІунтІун 270 миллионалде гІунтІун

Халкъаздагьоркьосел мацІал тІиритІиялул карта

хисизабизе

МацІазул хІакъалъулъ макъалабазул индекс

хисизабизе

Публикациялде бахъараб сияхІалъе балагье ISO 639-1 (аслияб 136 мацІалъе list of ISO 639-1 кодазул сияхІ), дагьабги тІубараб сияхІ балагье ISO 639-3 (2013 соналъул июналде бугеб 7874 мацІалъе list of ISO 639-3 кодазул сияхІ). Лингвосфериябобсерваториялъул буго баяназул база (LS-2010) с более чем 32 800-ялдаса цІикІкІун кодги 70 900 мацІалъул цІарги бугеб.

 

Балагье гьединго

хисизабизе

ХІужжаби

хисизабизе
  1. ^ Ethnologue — крупнейший в мире каталог языков (инг.)
  2. ^ Почти половине языков мира грозит исчезновение
  3. ^ Когда умирают языки
  4. ^ "Мир теряет языки". Архивация оригинал (2011-07-19). Щвей 2015-07-05. {{cite web}}: Unknown parameter |deadlink= ignored (|url-status= suggested) (help)
  5. ^ Роман Фишман Лингвистический гомункул // Популярияб механика. — 2017. — № 5. — С. 78-82. — URL: http://www.popmech.ru/magazine/2017/175-issue/ Archived 2017-04-23 at the Wayback Machine
  6. ^ a b The triumph of English: A world empire by other means | The Economist
  7. ^ Summary by language size
  8. ^ China — Wikipedia, the free encyclopedia
  9. ^ El español será la segunda lengua de comunicación internacional
  10. ^ "L'arabe". Архивация оригинал (2013-02-26). Щвей 2020-04-17. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  11. ^ Ethnologue report for language code
  12. ^ Ethnologue: Statistical Summaries
  13. ^ La francophonie