Жорж Эдмон Дюмези́л (Georges Edmond Dumézil; 4 марталъ 1898 Париж Франциялъул республика11 октябралъ 1986 Париж Франциялъул республика) — францяилъул мифолог ва филолог-компаративист, лъабго функциялъул теориязул автор[3] (балагье гъоркьегIан).

Файл:George Dumezil.jpg
Ошибка Lua в Модуль:Sources на строке 294: attempt to call field 'list_ref' (a nil value).
Париж,
Франсиялъул республика
Ошибка Lua в Модуль:Sources на строке 294: attempt to call field 'list_ref' (a nil value).
Париж,
Франсиялъул республика
Франсия
филология, мифология
Филологиял гІелмабазул Доктор (1924)
Профессор Коллеж де Франс, Франсиялъул академиялъул член
ТІадегІанаб нормалияб школа (Париж)
Антуан Мейе[d][2]
М. Фуко
мифолог ва филолог-компаративист - гIадин


Чино дель Дукал премия (1984)

Биография хисизабизе

Гьев гьавуна франгазул армиялъул капитанасул хъизаналда. Жорж гьавураб мехалъ, гьесул эмен вукIана колониалиял аскаразда хъулухъ гьабулев Тунисалда.


МацІазда тІад чІей гьаби хисизабизе

Кавказалъул мацІазда тIад хIалтIарал къватIиса пачалихъазул гIалимзабазул кьерда мустахIикъаб бакI ккола машгьурав франгав гIалимчи-филолог, фольклорист Жорж Дюмезилицаги (1898–1986). Амма Кавказалде вачIун гуреб гьес гьел мацIазул гIелмияб цIех-рех гьабураб. ГIалимчияс жиндирго гIумруялъул цIикIкIарасеб заман бана Турциялда ва гьенире гочарал Кавказалъул мугьажирзабаздасан лъазаруна гьезул мацIалги, гIадаталги, кIалзул гьунарги, хъвана гьезул хIакъалъулъ гIелмиял хIалтIабиги.

ТIоцебесеб нухалъ Жорж Дюмезил Турциялде вачIана Турциялъул тIоцевесев президент Мустапа Кемал Ататюркил гьариялда рекъон. ГIолохъанаб турк пачалихъалъул президентасе къваригIун букIана жидерго университетазул цоялда диназул тарихалъул дарсал кьезе. Гьелъул мурадги букIана жамагIаталда жаниб диналъул асар загIип гьаби. Гьединлъидал гьесда лъикIаблъун бихьана Истамбул университеталда цIи рагьараб кафедраялъул бетIералда цо франгав гIалимчи тезе. Жорж Дюмезилица Истамбул университеталда гьеб хъулухъ билълъинабуна 1926 соналдаса 1931 соналде щвезегIан.

1930 соналда Дюмезил байбихьана Кавказалъул мацIал лъазаризе. Байбихьуда гьес рагIа-ракьанде щун лъазабуна эрмени мацI, хадуб гIалимчияс хIукму гьабуна диаспораялда ругел асатиназдаса гьезул рахьдал мацI, ай гьинд-европаялъул батIияб мацIлъун жиб кколеб асатин мацI лъазабизе. Амма, Шималияб Кавказалъул диаспораялда гIемерал мацIал рукIин лъараб мехалъ, Дюмезил, асатин мацІги тун, батIиял мацIаздехун машгъуллъана.

ТIоцебесеб иргаялда гуржи, хадуб убих мацIал лъазаруна машгьурав гIалимчияс. Гьелдаса хадуб, лъабго Кавказ мацIалъул группаялдаса (картвел, абхаз-адиг ва нах-дагъистан) батIи-батIиял мацIазул цIех-рех гьабулаго, системаяб къагIидаялда жиндирго хIалтIаби рилълълъинаруна.

ГIалимчияс гьел мацIал, тIахьаздаса гурел, Турциялда рукIарал Кавказалдаса гочарал мугьажирзабазул росабалъе ун, гьенив гIадамалгунги Истамбулалада чIарал кавказалъулалгунги дандчIван, гьелгун хIалтIун, лъазаруна.

Жорж Дюмезилица Турциялда лъазаруна гьал хадусел мацIал:

Адиг мацIалъул гIаркьеллъун кколеб кабардин мацІ гIалимчияс лъазабуна Айдемир Ашкинидаса, шапсуг мацI – ХIусейн Шеми Тюмеридаса, убих –Тевпик Эсенчидаса.

Байбихьуда жинца лъазарурал мацIазул хIакъалъулъ Жорж Дюмезилица паранг мацIалда чанги тIехь хъвана ва басмаялда бахъана. Гьале гьел:

  • La Langue des Oubykhs (Убих мацI), 1931.
  • 1932 ва 1935 соназда гIалимчияс басмаялда бахъана ингуш мацIалъул хIакъалъулъ кIиго тIехь.
  • «Contes Lazes» («Лаз маргьаби»), 1937.
  • Адиг мацIалда хъварал текстазул тIехь, 1938.

Гьебго заманалда Жорж Дюмезилица батIи-батIиял журналазда бахъана Кавказалъул мацIазул хIакъалъулъ анлъго макъалаги.

Чачан, ингуш, магIарул ва лаз мацIазул хIакъалъулъ гIалимчияс хъварал тIахьал рукIана цIакъ дурусал, камилал, гъалатI гьечIел, гьезул халгьабизе ва гьел къачIа-кIатазецин кколароан.

Амма абхаз-адиг мацIазул цIех-рех гьабун хъварал тIахьазул хIакъалъулъ гьеб жо абизе кIолароан. Щайгурелъул гьенир риччан рукIана гIемерал гъалатIалги, дандеккунгутIиялги, ратулаан мухIканлъи гьечIел бакIалги. Гьединлъидал цодагьаб мехалдасан гIалимчи цIидасан гьел хIалтIабазде тIадвуссана, ва гьенир гьес гIемерал хиса-басиял гьаруна, гьезул хIасил къачIа-кIатIана. Хадув Дюмезил живгоги мукIурлъана гьелъие: «Гьаб заманалъул дирго транскрипцияби дица цIакъ кIваркьун хъвана», – янги абун. Гьедин дагь-дагьккун бечелъулеб букIана Дюмезилил жиндирго фонетикияб транскрипциялъул система.

Кавказалъул мацIазул бищунго кIвар бугеб элементлъун гIалимчияс рикIкIунаан пигIлу (глагол). Гьес абулаан, цо пуланаб мацIалъул кIул бати бараб бугила гьеб каламалъул бутIаялдаса пайда босизе бажариялдайилан.

Грамматикаялда морфологиялдаса синтаксисалъул цIикIкIун кIвар бугилан пикру загьир гьабулаан Жорж Дюмезилица. Жеги битIун абуни, морфология синтаксисалда бухьараб бугилан.

1927 ва 1937 соназда гьоркьоб Дюмезилил кIиабилеб гIелмияб мурад букIана Кавказалъул мацIал дандеккураб цо грамматикияб хIалтIи хъвазе. Гьелъие гIоло гьес байбихьана тIахьаздасан лъазаризе цере жинда лъаларел рукIарал цогидал Кавказалъул мацIалги: бацби, гІанди, агъул, рутул, удин, арчи, цIахур. 30-абилел соназде гьев гIалимчиясда лъалаан 25 Кавказалъул мацІ.

МацIалъул гIелмуялда Дюмезилица лъураб бутIаялъул рахъалъ Турциялда гьарурал гьесул хIалтIаби руго цIакъ кIвар бугеллъун.

30-абилел соназда Кавказалъул мацIал (жеги битIун абуни, абхаз-адиг мацIал) дандеккураб цо грамматика хIадур гьабизе гIоло гIалимчияс хъвана лъабго тIехь:

  • Études comparatives sur les langues caucasiennes du Nord-Ouest (Шимали БакътIерхьул Кавказалъул мацIазул дандекквеялъул этюдал), 1932.
  • Introduction à la grammaire comparée des langues du Caucase du Nord (Шимали Кавказалъул мацIазул дандекквеялъулаб грамматикаялде байбихьи), 1933.
  • Recueit et Recherches comparatives sur le verbe caucasien (Кавказалъул мацIазда фигIлу (глагол) дандекквеялъулал цIех-рехал ва хIалбихьи), 1934.

1934 соналда Дюмезил тIадвуссана Франсиялде, амма Бакъбаккулал маданиятазул институталъул кавказологиялъул отделениялда гьесие хIалтIи кьечIо. ГIалимчиясул хIалтIабиги цIиял рагьиялги цогидал кавказоведазе рекIее гIечIо. Профессионал хIисабалда къого соналъ рехун гьес тана кавказология.

1954 соналда Дюмезилида рагIана Маняс (Турция) абулеб бакIалда убих мацI бицунев жеги чанго чи хутIун вугилан, амма гьелда щаклъи бижарав чи, гьев ана гьениве, гьеб хабар битIараб бугищали балагьизе. Жинда рагIараб хабар битIараб букIин батарав гьес хIукму гьабуна гьенивго хутIизе.

Турциялда хутIиялъул кIиго мурад букIана гIалимчиясул. ТIоцебесеб, убих мацI хвасар гьабизе, щай гурелъул гьеб мацI бицунев чи я Кавказалда, я дунялалъул цогидаб бакIалда хутIун вукIинчIелъул. КIиабилеб мурад букIана цогидал Шималияб БакътIерхьул Кавказалъул мацIазул этюдазда тIад хIалтIизе. Дюмезил 1954 соналдаса байбихьун живго хвезегIан (1986), гIемерцIул (1972 соналде щвезегIан) Турциялде вачIун, гьеб программа лъугIизабизе гIололъун хIалтIана. Гьел соназда гьес хъвана ва басмаялда рахъана кIикъоялда анцIгоялдса цIикIкIун макъалаги тIахьалги. 1960 соналдаса I967 соналде щвезегIан гIалимчияс рахъарал тIахьазул цо серия буго гьадинаб: «Dokuments anatoliens sur les langues et traditions du Caucase» («Кавказалъул мацIазул ва гIадатазул хIакъалъулъ анатолиялъулал документал»). Гьел ккола лаз, абхаз, адиг ва убих мацIазе сайигъат гьарурал тIахьал.

Жинцаго хъвараб щинаб жоялъухъ кидаго цIакъ кIваркьун валагьулаан Жорж Дюмезил ва кавказологиялъул журналазда рахъулаан цIияб бербалагьи, материал жиделъ ругел макъалаби. ГIалимчиясул пикруялда рекъон, 60-абилел соназдаса хадуб Кавказалъул мацIазул транскрипциялъул система мухIканго баянлъана.

МацIалъул гIалимзабазе Дюмезилил бищунго кIвар бугеб хIалтIилъун ккола «Le verbe Oubykh» («Убих фигIлу [глагол]») (1975) абураб монография. Аслияб куцалда гьеб хIалтIи гIицIго убих мацIалда гуребги киналго Шимали БакътIерхьул Кавказалъул мацIаздаги бухьараб буго.

Живго хвелалде цеве Дюмезилие бокьун букIана убих мацIалъул лугъат басмаялда бахъизе, амма хвалица гьелъие квал-квал гьабуна. Гьеб иш жиндаго тIаде босана гьесул бищунго божарав ва хадув кумекчилъунги вукIарав профессор Жорж Шарашидзеца (1930-2010). Жинцаго лъугIизаричIел ялъуни басмаялда рахъичIел хIалтIаби Дюмезилица Шарашидзее тана.

Шарашидзе вукIана, Франциялъул кавказологиялъул кIудияв авторитет хIисабалда, Дюмезилил ирсилавлъун. Санаца, жиндирго мугIалим киниги, Турциялда ругел кавказалъулазул росабазда гIелмиял цIех-рехал гьаруна гьесги. Гьедин, чанго соналъ Турциялда ругел Гюней, Эсадия ва Султания абурал магIарул росабалъги хIалтIун, гьес 1980 соналда Парижалда басмаялда бахъана «МагIарул мацIалъул грамматика» («Grammaire de la langue Avar») абураб монография.

ХвезегIан Шарашидзе хIалтIана Парижалда бугеб Бакъбаккул мацIазул ва маданиятазул миллияб институталъул кавказологитялъул отделалъул нухмалъулевлъун.

Дюмезил ва гьесул рукIарал цIалдохъабазул (масала, Шарашидзе, ялъуни адиг мацIалъул специалист Катерине Парис ва ц.) букIана лъабго даражаялдаса лъугьараб оригиналияб хIалтIул система:

ТIоцебесеб даража: Кавказалъул мацIазул цояб бицунев чиясухъ гIинтIамизе, гьеб мацI хъвазе.

КIиабилеб даража: цого мацIалда (ялъуни диалекталда) цого текст чанго чиясда такрар гьабизабизе, хIасил дандекквезе.

Лъабабилеб даража: цого текст батIияб мацI (ялъуни диалект) бицунел гIадамазда такрар гьабизабизе ва хъвазе.

Дюмезилил пикруялда рекъон, хIалтIул гьеб система букIана, мацIалги гьабураб жоги дандекквезе гIоло, бищунго дурусаб ва бищунго къиматаб тартиблъун.

Кавказалъул култураялъул гIелмияб интерес гьабулизеги буго кIудияб кIвар Дюмезилил г1елмиял асаразулги хIалтIабазулги. Гьенир ругел церерагIабазги, текстазги, батIи-батIиял хъвай-хъвагIаязги баян гьарула ва рагьула Кавказалъул халкъазул унго-унгояб гIумруги, божиялги, рухIги. Нартазул дастаназ, Кавказалъул бахIарчиял харбаз, Кавказалъул цебесеб гIумруялъулги рагъазулги хIакъалъулъ биценаз, кIудияб гочиналъул ракIалдещвеяз, Турциялда ругел Кавказалъул мугьажирзабазул росабалъ бугеб къойил гIумруялъ, анекдотаз, махсарабаз цIакъ чIагояб цо сурат лъугьинабулаан.

Гьеб сурат жакъа лъугIун буго. Дюмезилилгун ялъуни гьесул цIалдохъабигун цадахъ хIалтIараз, кIалъалаго, жидерго мацIал жеги берцинго, жеги гъваридго, жеги бичIчIулеб къагIидаялда рицунаан ва пикру загьир гьабулаан. Амма жакъа гьедин гьечIо.

Адабият хисизабизе


ХІужаби хисизабизе