Зирараб веларияб латералаб аффрикат
Зирараб веларияб латералаб аффрикат — кӀалъайдулӀ къанагӀатаб гьаракь, жиб фонема гӀадин Кавказалъул мацӀазда ва аллофон гӀадин бакъаккул ва бакъдасеб Африкалъул цо-цо мацӀазда данчӀвалеб. ИФАлда гьеб бихьизабизе хӀалтӀизаризе ккола диакритикал, хассаб хӀарп буго extIPA-лда: ⟨ɡ͜𝼄̬⟩.
Зирараб веларияб латералаб аффрикат | |
---|---|
ɡ𝼄̬ | |
ɡʟ̝ | |
Аудио | |
Ружби
хисизабизеЗирараб веларияб латералаб аффрикаталъул ружби:
- Элъул абул куц буго аффрикатаб: эб гьаракь бахъула хӀухьалил чвахи тӀобан чӀезабун, хада цинги хӀухьалил чвахи абул бакӀалъул дандекъараб каналалъусан биччан, турбуленцияги лӀугьинабун.
- Элъул абул бакӀ буго веларияб, эб бахъула мацӀалзул мугъаб рахъ (дорсум) тамахаб хвенхида цун.
- Элъул фонация буго зирараб, эб бахъулаго гьаркьил рухьадал сородула.
- Эб буго кӀалзул рагьукъаб: эб бахъулаго хӀухьел къватӀибе бачӀуна цохӀо кӀалдисан.
- Эб буго латералаб рагьукъаб:эб бахъула хӀухьалил чвахи мацӀалзул хьолбохъан битӀиялдалъун, бакьулӀан гъоркье гуреб.
- ХӀухьел чвахул механизм буго пулмонияб: эб бахъула цохӀо интеркосталалги (хьалагӀучӀазда гьоркьосел) абдоминалалги (чохьол) ччорбаздалъун хӀухьел къватӀибе цун, цӀиккӀанисел гьаркьалго гӀадин.
ХӀалтӀизаби
хисизабизеМацӀ | РагӀи | ИФА | МагӀна | Нотаби |
---|---|---|---|---|
Гьив | qr̄ē | [kʷg͡ʟɪ] | 'делфин' | Данде лъола /r/ гьаркьие дагьалъ церегӀан къватӀиса рачӀарал рагӀабазулӀ.[1] |
Референсал
хисизабизе- ^ François, Alexandre (декембер 2010). "Phonotactics and the prestopped velar lateral of Hiw: resolving the ambiguity of a complex segment" (PDF). Phonology (in английский). 27 (3): 393–434. doi:10.1017/S0952675710000205. ISSN 0952-6757. S2CID 62628417. Щвей 20 январ 2024.