Католиклъи
Католиклъи (Латин: catholicismus бачІана грек. καθολικός рагІиялдасан — «киназего гІаммаб», «киналдаго данде кколеб») — Насранияб диналъул гІемерисел гІадамал нахъ рилълъараб (гІага-шагарго 1 миллиардги 229 миллионги чи 2012 соналъул баяназда рекъон[1]) мазгьаб (гІаркьел), жиб баккараб нилъер рикІкІеналъул I азарсоналъ БакътІерхьул Римазул империялъул ракьазда. Гьеб мазгьабалъ жибго рикІкІуна гІицІго гьеб кколин — ГІиса аварагас кьучІ лъун бетІерлъи гьабураб мазгьабан. Жакъа заманаялда жаниб Католикияб килисаялъул бетІерлъун ккола Румалъул Папа, жив Папал БакІалъул ва Румалда бугеб пачалихъ-шагьар Ватиканалъулги бетІерлъун кколев.
ХІужаби
хисизабизе
Гьаб тІубачІеб макъала буго диналъул хІакъалъулъ. Нужеца кумек гьабизе бегьула проекталъе, гъалатІ битІизабун ва макъалаялда тIад жо жубан. Гьаб хIужа хисизе кканани, хисизе бегьула цІикІкІун данде кколелдалъун. |