Керманшагь (остан)
Керманша́гь (парс كرمانشاه — Kermânšâh; курд. Kirmaşan) — ккола Ираналъул 31 провинциялъул (останазул) цояб. 1979 соналдаса 1990 соналде щвезегӀан останалъул цӀар букӀана Бахтаран.
Керманшагь | |
---|---|
blank300.png|300px]][[file:blank300.png | |
Пачалихъ | |
Адм. марказ | Керманшагь |
Тарих ва география | |
ГӀатӀилъи | 24 998 км² |
Халкъ | |
Къадар |
1 879 385 чи (2006 сон) |
Гъунки | 75,18 чи/км² |
Расмиял мацӀал |
фарси курд лури падар[1] |
Цифрабазул идентификаторал | |
Телефоналъул код | 0832 |
Медиафайлал Викигъамасалда |
Ракь — 24 998 км²[2], халкъалъул къадар — 1 879 385 чи[2] (2006). Административияб марказ — Керманшагь шагьар (800 аз.), цогидал чӀахӀиял шагьарал — Исламабаде-Герб (90 аз.), Харсин (52 аз.), Кангавар (50 аз.), Сонкор (45 аз.), Джаванруд (44 аз.), Сагьне (35 аз.), Сарпол-Захаб (35 аз.), Паве (20 аз.), Кайгьаншагьр (20 аз.), Гилане-Герб (20 аз.), Ревансер (17 аз.), Къасре-Ширин (16 аз.).
Тарих
хисизабизеОстаналъул ракьалда гӀадамаца гӀумру гьабулеб букӀана жеги палеолиталъул ва неолиталъул заманалда, ва хасго машгьурлъана Ахаманишазул ва Сасаниязул заманалда. Керманшагь шагьар ккола Ираналъул бищун некӀсиял шагьараздаса.
Административияб бикьи
хисизабизеОстан бикьула 14 шагьрестаналда:
Экономика
хисизабизеЭкономикаялъул аслиял отраслал — химикияб, нарталъулаб, текстилияб, кванил, электротехникияб, хьитал рукъиялъул, мина балел алатазул, росдал магӀишат (рис, чакаралъул чӀакӀултӀан, овощал, пихъ), бича-хиси, транспорт.
Керманшагь шагьаралда буго нарт-химиялъул завод «Нэшнл Ираниан Петрокэмикл Компани», нарталъул завод «Нэшнл Ираниан Ойл Рефайнинг энд Дистрибьюшн Компани»-ги.
Рихьизе бакӀал
хисизабизеКерманшагьалда буго некӀсияб гӀадатияб базар, мажгитал ва Къажаразул заманаялъ рарал кӀалгӀаби ва бечедал рукъзал (гьездаса ккола Рузманкъоялъул мажгит, Теке Муавен-ул-Мулк мажгит ва жугьутӀазул авалалда бугеб ХӀажа Барухил рукъ), Сафавидазул заманаялъ бараб Поле Когьне кьо. Гьединго Керманшагьалда аскоб буго Бегьистун кьуру жиб жинда тӀад рахъарал Парфиялъул ва Ахаманишазул заманялъул рельефазе гӀоло машгьураб, Сасанидазул заманаялъул Такъе-Бустан абураб нохъодул комплекс, До-Ашкафт абураб нохъоги.
ХІужаби
хисизабизе- ^ Bakhtaran (authors: Payam Foroughi and Raissa Muhutdinova-Foroughi), page 222. // Encyclopaedia of Modern Asia. Volume 1: Abacus to China. Editors: David Levinson and Karen Christensen. New York: Charles Scribner's Sons, 2002, LXVII+529 pages. ISBN 9780684312422Оригиналияб текст (инг.)BAKHTARAN (2002 est. province pop. 2 million; 2002 est. city [Kermanshah] pop. 771,000). Bakhtaran, a province in midwestern Iran formerly called Kermanshah, is both mountainous and endowed with valleys. ...Kurds, Lurs, Arabs, Azeris, and Persians inhabit the province, which is known for its nomadic communities. The official language is Persian, but other languages such as Kurdish, Lori, and Azerbaijani are widely spoken.
- ^ a b Statoids.com (инг.)
РегӀелал
хисизабизеКерманшагь (остан) Викигъамасалда |
- Сайт Керманшаха — курдская культура (инг.) (парс.) (курд.)
- A persian article about GivehArchived 2007-09-27 at the Wayback Machine (парс.)