Колониализм — ккола цере тІурал пачалихъазул (метрополиязул) хутІараб дунялалда тІад гьабулеб кверщеллъиялъул система, жибги XVI–XX гІасрабазда букІараб.

Дунялалъул колонизация 1492—2008

Колониалияб сиясат — ракьал рахъиялъул ва гьезул рагъулаб, сиясатаб ва экономикиял къагІидабаз экплуатация гьабиялъул сиясат. Аслияб къагІидаялда колониализмаялда эксплуатация гьабула цере рехсарал къІагІидабазда халкъазда, пачалихъазда ва гІемерисеб батІиял халкъал ругеь ракьалда тІад, жалги экономикаялъул рахъал метрополияздаса нахъе ккарал ругел.

Метрополияз колониял гІуцІиялъул мурадал

хисизабизе
  • Экономика, даран-базар
    • Колониязул тІабигІиял ва гІадамазул сурсатал хІалтІизари, цо-цо бакІазда — къанагІатал ва хасал сурсатазде нух щвей (гьенибго транзиталдеги), ва гьел сурсатал дунялалда ричиялда тІад монополия.
    • Даран-базаралъул нухазе, базаразе оптимизация гьаби, квалквал бугел батІиял бича-хисиялда гьоркьол ругел пачалихъал гьоркьоса тІагІинари.
    • Даран-базаралъе хІинкъи гьечІолъи чІезабизе, гьелъие дагьабги цІикІкІун къуваталъул оперативияб квербакъи гьаби.
    • Къануназул гІатІилъиялъе унификация гьабиялдалъун даран-базаралъе лъикІаб ихтияразулаб цІуни гьаби, империялъулал ихтияразулал стандартал, цолъараб ва бичІчІулеб даран-базаралъул маданият гІуцІи
  • ЖамгІияб сфера, жамгІияб балансалъе оптимизация гьаби
  • КъватІисеб сиясат, цивилизациялъулаб экспансия
    • Геостратегиял интересал, дунялалъул аслиял бакІазда мугъчІвазе бегьулел пунктал гІуцІи, жидерго рагъул къуватазул мобильность цІикІкІине;
    • Цогидал колониалиял империязул аскалалъул гумузул боязул иналда тІад, гьезул даран-базаралъул нухазда ва халкъалъул миграциялда тІад бербалаги лъезе, гьел хасал регоназде риччангутІи, гьез хІалеб роль, дунялалъулаб статус гІодегІан гьаби;
    • Империялъулаб престиж чІезаби, халкъаздагьоркьосел къотІи-къаял хъвалалго геополитикиял ресал щвей;
    • Цивилизациялъул, маданияталъул ва мацІалъул экспансия — гьездалъун бугеб хІакимлъиялъул метрополиялда, колониязда ва хутІараб дунялалда авторитет ва легитимлъи щула гьаби. Империялъул цивилизациялъулал стандартал тІолго дунялалъулаллъун лъугьинари.

Колониязул сипатал

хисизабизе

ЦІияб заманалъул байбихьуда

хисизабизе

ЦІияб заман

хисизабизе

Деколонизация. Неоколонизация

хисизабизе

Колониализмалъул кверщел

хисизабизе

Балагье гьединго

хисизабизе