Кудалиб
Кудалиб (гlур. Кудали) - Гъуниб мухъалда бугеб росу.
Росдал тарих
хисизабизеКудалиб кида гӏуцӏарабали мухӏканго лъалеб гьечӏо. Хераздагицин лъанеб гьечӏо. Гьанже бугеб Кудалиб росо гӏуцӏун буго ичӏго росабаздасан. Гьелги руго Ухичур, Къавохъ, Цӏадгьарихъ, Гъунабазул болола, Кӏибичӏараб ганчӏихъ, Сидохъ, Укикь, Кӏудаламаарда, Агьадиб, Кьодохъ, Багӏаралъул бакъдаб, Гӏенчӏасул гъегъ. Гьел росаби нахъа данделъуна, доб заман квешаб заманги букӏун.
Гьел росаби данделъун хадуб цӏарги лъуна Кӏудияб росуйилан. Цинги нахъа абизе байбихьана Кудалибилан. Доб мехалда цо квещаб заманги букӏун куделдерица базе байбихьана куллаби. Гьединал куллаби рукӏана Дарада, Мурада, Магӏлиб, Кулиб. 1837 соналъа анив вукӏарав цо гӏурусав Костеницкиясда Мурада росулъ ратун руго 125 сон барав цо херав, гьев херасул чӏужуялъеги 117 сон букӏун буго, гьездаса ккун рагӏула гьеб росуги, гьезул рукӏана 6 васги 4 ясги. Цо заманаялдасан 100 чи гӏуна гьеб хизамалдасан. Гьанжеги Хъвартихьуниб, Дарада, Мурада, Тунзиб, Магӏлиб, Кулиб, Хъварада, Горгониб, Баганиб, Хъуллиб, Силтӏа, Укикь, Ипутӏа, Гӏахъушалиб росабазда ругел гӏадамаз Кудалида Кӏудаб росу абулеб буго. Цинги гьел киналго кӏалъалел руго куделдерил сверелда. Куделдерил сверелги кколаха авар мацӏалъул сверел.
Цере рукӏарал куделдерил росабазул бицилин гьанже. Укикь цӏар букӏун буго Икикь. Ик абула куделдерил сверелда цӏулакьода. Гьанжеги гьеб бакӏалда руго икил (цӏулакьодул) гъутӏби. Ухичурги букӏараб батила ухи чурулеб бакӏги. Цӏадгьарихъги ккола цӏад гьарулеб бакӏ. Гьанжеги гьеб бакlалде рачӏула цӏад гьаризе. Сидохъ росуги букӏун буго бищун борхатаб 2005 метра бугеб магӏарда. Гьеб бакӏ бук1ана хъаравуллъи гьабулеб бакӏ. Кӏибичӏараб ганчӏихъ росуги букӏана кӏибичӏараб ганчӏида. Къавохъ букӏараб росулъ гьанже куделдерица гӏиял, гӏачи хьихьула. Гъуниб буго Рохьдол Хъавохъ букӏараб росо. Гьунабазул болола букӏараб росу букӏана Ухичурги Кӏибичӏараб ганчихъги рукӏарал росабазда аскӏоб. Кӏудаламаарда букӏана Рохьомегӏералда. Гӏенчӏасул гъегъ букӏана Агьадиб лъаралда аскӏоб.
Дин
хисизабизеКудалиб росулъ киналго гӏадамал бусурбаби ккола. Бусурбан динги куделдерица къабул гьабуна 14 гӏасруялда.
Кудалиб росулъ кӏудияб кӏвар кьолаан гӏелмуялде. 33-ниги гӏалимчи вахъана Кудалиб росулъ. Гьездаса гьоркьоса бищун цӏар рагӏарал гӏалимзаби рукӏана Кӏудияв Хӏасан, Гьитӏинав Хӏасан, Гӏумаржан, Салман, Давуд ва цогидал гӏалимзаби. Гьанжеги исламияб гӏелмуялъе кӏудияб кӏвар кьолеб буго куделдерица, кудел цӏалана батӏи-батӏиял улкабазда, масала, Мисриялда, Суриялда, Сагӏудиялда ва цогидал улкабазда.
Гаргар
хисизабизеЦо кӏиго рагӏи куделдерил гаргаралъулги бицилин. Куделдерил гаргар уна Гӏандалалазул сверелалде гъорлӀе.
Мацӏ | Рагӏаби | Рагӏаби | Рагӏаби | Рагӏаби | Рагӏаби | Рагӏаби | Рагӏаби | Рагӏаби |
---|---|---|---|---|---|---|---|---|
Болмацӏ | гьабизе | гьабуна | гьабила | гьабула | Цӏулакьо | Нилъ | Рукӏкӏен | Тӏи |
Куделдерил | буде | буна | була | буня | Ик | Нил | Тӏокӏкӏен | И |
Болмацӏ | Кӏалъазе | Кӏалъана | Кӏалъала | Кӏалъала | Тӏехь | Къандалъо | Хвел | Къалал |
Куделдерил | Кӏалгьаде | Кӏалгьана | Кӏалгьала | Кӏалгьаня | Эхь | Къандало | Хӏвел | Хонех |
Болмацӏ | Кваназе | Кванана | Кванала | Кванала | Бетӏер | Бусен | Мажгит | Торгӏо |
Куделдерил | Кунаде | Кунана | Кунала | Куниня | Бел'эр | Босен | Межгит | Хӏоркӏо |
Болмацӏ | Баражизе | Бажарана | Бажарила | Бажарула | Гьоко | Росу | Будун | Лъай |
Куделдерил | Бажалде | Бажалана | Бажалла | Бажалиня | Гьорко | Росо | Мудун | Гьай |
Болмацӏ | Тӏетӏезе | Тӏутӏуна | Тӏутӏила | Тӏутӏула | Гьакибер | Мухъ | Лъалкӏ | Даци |
Куделдерил | Тӏутӏуде | Тӏутӏуна | Тӏутӏла | Тӏутӏуня | Гьиркибер | Нухъ | Гьакӏ | Аци |
Болмацӏ | Лъазе | Лъана | Лъазабила | Лъала | Тӏокъо | Нилъер | Гӏаг | Тӏоцебе |
Куделдерил | Гьаде | Гьана | Гьадебула | Гьаня | Гьокъо | Нелълъер | Гӏакӏ | Оцебе |
Болмацӏ | Цӏехезе | Цӏехана | Цӏехела | Цӏехола | Гьуинлъи | Ахбазан | Бергьенлъи | Тӏатӏала |
Куделдерил | Цӏухуде | Цӏухуна | Цӏухла | Цӏухуня | Гьоэли | Ахсан | Бергьели | Ал-ала |
Болмацӏ | Тӏубазе | Тӏубана | Тӏубазабила | Тӏубала | Беэнлъи | Ралъад | Цӏодорлъи | Хур |
Куделдерил | Обаде | Обана | Обадебула | Обаня | Беэли | Ралгьад | Цӏодоли | Хӏур |
Болмацӏ | Кьабизе | Кьабана | Кьабила | Кьабула | Эркенлъи | Лъар | Тӏех | Багӏари |
Куделдерил | Кьапӏде | Кьапӏана | Кьапӏла | Кьапӏиня | Эркели | Гьар | Эх | Багӏали |
Болмацӏ - Метер дун хӏалтӏуде ине вуго. Лъимал цӏализе ине руго. Дир лъимал лъикӏго цӏалула. Дир лъималазда магӏарул мацӏ лъикӏго лъала. Дир лъималаз малълъараб жо гьабула. Лъимал рагьтӏа хӏалел руго. Дие бокьула тӏахьал цӏализе. Метер базаралде ине ккела цӏияб ретӏел босизе, цинги цӏияб ретӏелги ретӏун берталде ине ккола. Жакъа радалгоги вахъун векеризе ун вукӏана дун. Маркӏачул как кватӏулеб буго. Гьакалги гӏемерлъулел руго, ахир-къадги киналго лъелго хьвадизе руго. Мун щай велъулев? Рорхатал мугӏрул. Дур чвантиниб щиб бугеб? Кӏукьмахх буго. Гӏазу балеб буго. Гьаб квар тӏеренаб буго. Гьесул ботӏрода берцинаб тӏагъур бугоан. Жакъа цӏияб тӏажуги хьиталги ретӏине ккела. Хасало росулъ тӏимугъ къваригӏуна. Малълъараб гьабичӏони, тӏилаца чухӏизе ккола. Дие тӏорахь бокьула.
Куделдерил гаргар - Метер дун хӏалтӏоле энде вуго. Гьимал цӏалдоле энде руго. Дир гьимал лъикӏго цӏалиня. Дир гьималазда маарул мацӏ лъикӏго гьаня. Дир гьималаз малълъараб жо буня. Гьимал рагьла хӏанел руго. Де бокьиня ухьдул цӏалде. Метер базаралъе энде ккела цӏияб рел-эл босде, ценги цӏияб рел-элги рогьон бахӏаразде энде ккена. Якъад рогьолего вахъун векерде омо вукӏана дун. Маркӏаяде как кватӏинеб буго. Гьаркалги гӏемелинел руго, ахир-къадги киналго гьелдго хьвадте руго. Мун щимо вохинев? Роркӏадал муърул. Дур цахбиниб щиби бугеб? Кӏвецӏмахх буго. Гӏасо банеб буго. Гьаб квар эренаб буго. Гьесул болола берценаб угъур бугоан. Якъад цӏияб ажуги хьаталги регьеде ккела. Кьиндала росолъ имогъ къваригӏиня. Малълъараб бучӏони, илаца чухӏде ккена. Де орахь бокьиня.
Миллатазул рикьи
хисизабизеКудалиб росулъ киналго аварал руго.
Гӏадамазул къадар
хисизабизе1869 | 1886 | 1889 | 1896 | 1899 | 1902 | 1904 | 1905 | 1906 | 1913 |
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
683 | 978 | 988 | 969 | 900 | 929 | 1029 | 930 | 934 | 919 |
Гӏадамазул къадар гьанже бугеб
хисизабизе2000 | 2002 | 2007 | 2010 |
---|---|---|---|
900 | 904 | 925 | 913 |
Росу бугеб бакӏ
хисизабизеКудалиб росу буго Дагъистан Жумгьурияталъул Гъуниб мухъалда бугеб росу. Кудалиб росу буго ралъдал гьумералдаса тIадегIан 1463 метралъ.
Гьава-бакъ
хисизабизеКудалиб росулъ хасало цӏакъго цӏорораб бакӏ гуро, риидала багӏарун букӏуна.
Цӏар рагӏарал гӏадамал
хисизабизеАхӏмадкъади Ахтаев - цӏар рагӏарав гӏалимчи, цевехъан.
Кудалиса Хасан - цӏар рагӏарав гӏалимчи.
Салманил Мухӏамад - цӏар рагӏарав гӏалимчи.
Жахӏпарилазул Мухӏамад - гӏурус пачаясул аскаралъул полковник.
Кудалиса Гӏумаржан - цӏар рагӏарав гӏалимчи.
Кудалиса Давуд - цӏар рагӏарав гӏалимчи.
Патагӏалиев Халил - пизика гӏелмуялъул гӏалимчи.
Муртаза Хӏасанов Кудалиса (1873–1937)
Хӏасанов Мухӏамадбасир - гӏалимчи, Московалда бугеб исламияб университеталъул декан
Линкал
хисизабизеОдносельчане сайталда бугеб росдал тарих Archived 2016-09-19 at the Wayback Machine
Гӏурус википедиялда бахъараб тӏамач Кудалиб хӏакъалъулъ
Кудалиб росдал тарих - З.А. Магомедова С.Х. Газимагомедова
Кудалиб росдал тарих - З.А. Магомедова С.Х. Газимагомедова
Кудалиб росдал тарих - З.А. Магомедова С.Х. Газимагомедова
Кудалиб росдал тарих - З.А. Магомедова С.Х. Газимагомедова
Кудалиб росдал тарих - З.А. Магомедова С.Х. Газимагомедова
Кудалиб росдал тарих - З.А. Магомедова С.Х. Газимагомедова
Вики-вики сайталда Кудалиб росдал тарих (хвараб регӀел)
Цӏар рагӏарав гӏалимчи Гӏумаржанил хӏакъалъулъ
Кудалиб росдал тарих (хвараб регӀел)
Кудалиб росдал шураялъул вакиллъи Archived 2022-07-03 at the Wayback Machine
Кудалиса Кӏудияв Хӏасанил хӏакъалъулъ
Вконтакте сайталда Archived 2015-04-12 at the Wayback Machine