ГӀандалазул сверелавар мацӀалъул диалектазул цояб, жиб бакъдасеб тӀадгаруде гъорлӀе унеб.[1][2] Цогидал бакъдасел свералабазда гьоркьоб кӀалъалезулги гаргаразулги рикӀкӀадул рахъалъ ккола бищун кӀудияб гӀандалазул сверел лӀугьана Авариялъул ГӀандаллъи абулеб историкияб регионалда. ГӀандалазул свералил ареалалде ккола 33 росу, гьанжсеб Гъуниги Хьаргабиги мухъазда ругел.[3] Сверел бикьула 11 гаргаралде;[4] цо-цо росдалалги гаргарал гурелги данчӀвала чанго росу гъорлӀе рачунелги.[3]

ТӀибитӀиги гаргаралги хисизабизе

ГӀандалазул свералида кӀалъала Гъуни мухъалъул цӀиккӀанисел росаби, жал историкияб ГӀандаллъуда ругел, Хьаргаби мухъалъул Дарада, Мурада, Кудали, Тунзи, МагӀли, Хъвартихьуни, Хъварада. Гьединго Шурагьи мухъалда ругел ГьаркӀасги Манасросуги, жидее гӀандалазул чагӀаз кьучӀ лъурал.

Цогидал бакъдасел диалектазде данде ккун, гӀандалазул свералил буго бищун цӀиккӀараб риккӀен гаргаразул.[5] Гьел гаргарал руго хадусел:[4][3]

  1. Бухтадерил — Бухти, Шамгъуда;
  2. Гъенсдерил — Гъамсукь;
  3. ГӀабхъадерил — ГӀобохъ;
  4. Куделдерил — Кудали;
  5. КкIуядерил — Агъада, ГӀурала, Сехъ, Мурала, Балану, Кьогъо;
  6. КкӀагьадерил — КIкӀогьори;
  7. Ругъеждерил — Ругъжа, ГӀунккӀида, Мадала, Хьопор, МучӀула, Шумах, Бокьони, СагӀала, Букъади, Кати, Хабада;
  8. Сугъулдерил — СугъралӀ, НаккӀазухъ, Шитлиб;
  9. Сулдерил — СалтӀа, Дарада, Мурада, Кудали, Тунзи, МагӀли, Хъартихьуни, Хъварада, ГьаркӀас, Манасросу;
  10. ХIотIочI-хьиндадерил — ХӀотӀочӀи, Хьиндахъ,
  11. ЧIахъадерил — ЧӀохъ, ГӀурулгьоцӀи;

Фонетика хисизабизе

Рагьукъал хисизабизе

ГӀандалазул сверелил консонантазул система буго стандарталдасаги гӀадатаб цо-цо рагьукъал гьечӀолъиялъ. Гаргаразул консонантизмалда буго батӀалъиги. ЦохӀонигиялда гьечӀо стандарталъул гъугъаб хӀалуцараб алвеоларияб латералияб аффриката /t͡ɬː/ (лӀ), бухтӀадерилги сугъулдерилги тун хутӀараб микьгоялда гьечӀо гъугъаб хӀалуцараб увуларияб аффриката /q͡χː/ (хъ), гъугъаб алвеоларияб латералаб фрикатив /ɬ/ (лъ) буго цохӀо гӀабхъадерилалдаги сугъулдерилалдаги. КкIуядерилги хIотIочI-хьиндадерилги гаргаразда гьечIо ккI, ццI, ччI.

Стандарталда гьечIел гьаркьазул гIандалазул свералида руго дж ва палаталлъараб н, гьел данчIвала бухтIадерилги сулдерилги, кIиабилеб гьединго буго хIотIочI-хьиндадерилги ккIогьорисезулги гаргараздаги.

Рагьарал хисизабизе

Гьидерил свералида буго стандарталдаго гӀадин щуго рагьараб гьаракь: тӀасияб борхул /i//u/, тӀаса-гьоркьохъеб борхул /e//o/, гъоркьияб /ä/. Руго бакӀал, стандарталъул рагьараб гьаркьил бакӀалда свералида батӀияб батулеб, эб процессалъул гьечӀо систематиклъи.

МугъчӀваял хисизабизе

  1. МикагӀилилазул 1959.
  2. Атаев, Б. М (2020). "Некоторые фонетико-морфологические особенности диалектов аварского языка" (PDF). Вестник Института языка, литературы и искусства им. Г. Цадасы. ДФИЦ РАН (22): 8–13. doi:10.31029/vestiyali22/1. Халагьи 2024-03-02.
  3. 3,0 3,1 3,2 СагӀидилазул 2008, p. 23.
  4. 4,0 4,1 Магомедов, М. А.; Магомедова, М. М. (2018). "Проблемы диалектного членения аварского языка" (PDF). Филологические науки. Вопросы теории и практики. Тамбов: Грамота. 1 (9#87): 123–126. ISSN 1997-2911. Халагьи 2024-03-02.
  5. МикагӀилилазул 1959, p. 176.

Библиография хисизабизе

  • МикагӀилилазул, Ш. И. (1959). "Андалальский диалект Южного наречия" [Бакъдасеб тӀадгарул гӀандалазул сверел]. Бокарев, Е. А. (ред.). Очерки аварской диалектологии [Авар диалектологиялъул хъвай-хъвагӀаял]. Ленинград: СССРалъул гӀелмабазул академиялъул пресса. гь. 510.
  • СагӀидилазул, А. П. (2008). МухӀамадилазул, И. А. (ред.). Диалектологический словарь аварского языка [Авар мацӀалъул свералабазул рагӀиро]. Диалектологические словари. Москва: ГӀелму. гь. 483. ISBN 978-5-02-036239-0.