Къарахъа МухӀамадтӀагьир
МухІа́ммад ТІагьи́р (ГӀараб: محمد طاهر) — дагъистаналъул машгьурав гIалимчи, факъигь, Кавказалъул рагъул тарихчи ва имам Шамилил хъвадарухъан. Гьев ккола авторлъун, фикъгьиялъул хъвараб «ШархІуль мафруз» абураб тIехьалъулги ва имам Шамилил бетIерлъиялда гъоркь Кавказалъул халкъаз эркенлъиялъе гIоло ва дин цIунун гьабураб рагъул лъугьа-бахъиназул бицунеб «Барикъату ссуйуфиль джабалийа фи багIдиль гъазавати шшамилийа» —абураб тIехьалъулги[1]. Миллат - магІарулав.
Къарахъа МухӀамадтӀагьир | |
---|---|
Гьавидал цӀар | МухӀамадилав |
ТӀубараб цӀар | Къарахъа Хучаласул МухӀамадтӀагьир |
Гьави |
1809 ЦӀулда, Къарахъ, Авария |
Хвей |
24 ноябр 1880 ЦӀулда, Къарахъ, Дагъистан |
Вукъараб бакӀ | ЦӀулда хабзал |
Миллат | Аварав |
Эмен | Хучалав |
ХӀалтӀи-пиша |
|
Биография
хисизабизеМухІаммад ТІагьир гьавуна 1809 соналъ, ЦІулда росулъ (гьанже ЧӀарада мухъ). ЧIван къотIун гьев гьавураб къо-моцI лъадеб гьечIо. Гьавураб мехалда гьесие кьун буго МухІаммадилав абун цIар. Хадуб ккун гьев жиндалъун халкъалда гьоркьов лъараб цIар, гьесие кьун буго Имам Шамилица. Гьесие жидерго заманалда щвана,лъикӏаб лъай. Цӏалана, Къородаса Къурбан-Мухӏамадида, Ангъидаса Мустапӏада, Гьунухъа Хӏажи-Дибирида, ва Гьидалъа Мухӏамад-Аминида цеве. Цӏали лъугӏун хадуб, хӏалтӏизе лъун вукӏана, Къарахъ мухъалъул Кьорош росулъ, къадилъун. 1850 соналдаса нахъе хӏалтӏун вукӏана, имамасул кумекчилъун, ва мирзалъун.Къокъаб заманалда вукӏана Имаматалъул муфтийлъунги. Рагъ лъугӏун хадуб гочана Темирхан-Шураялде(жакъасеб Буйнакск)ва хӏалтӏулев вукӏана къадилъун. Хадув лъугьана Дагъистаналъул халкъияб судалда кӏудияв къадилъун. Гьеб гӏумруялъул заманалда жаниб гьес хъвана, жиндирго тӏахьазул аслияб бутӏа. Мухӏаммад- Тӏагьир хвана жиндирго гӏагараб Цӏулда росулъ(жакъасеб Чӏарада мухъ)1880 соналда. Жакъа къоялда гьесул хоб лъугьун буго зияратлъун.
Хъварал тӏахьал
хисизабизеМухӏаммад Тӏагьир вуго гьал хадур рехсарал тӏахьал хъварав чи:
- «Барика ас-суйуф аль-джабалийа фи бад аль-газават аш-шамилийа» (بارقة السيوف الجبلية في بعض الغزوات الشاملية) — хронология Кавказской войны;
- Комментарии на грамматическое сочинение аз-Занджани «Тасриф аль Иззи» (تصريف العزي);
- «Шарх аль тасриф аль максуд» (شرح التصريف المقصود);
- «Ахсан далиль таъвиль ли ма вакаа фи заман имам Шамиль» (أحسن دليل التأويل لما وقع في زمن الإمام شامل) («Трактат о правдивости действий Шамиля»), 1848 год;
- Сочинение о штрафах и наказания в государстве Шамиля;
- «Шарх аль Мафруд» (شرح المفروض) — сочинение по исламскому праву;
- «Василат аль-ахкам» (وسيلة الأحكام);
- «Тарджаматуал Карахийя» (نرجمة القراخية) — перевод различных текстов;
- «Китаб аль суллам» (كتاب السلم) — комментарии к учебнику по логике.
- Бищун машгьураб гьес хъвараб тӏехь ккола,"Цо-цо Шамилил рагъазулъ, Дагъистаналъул хвалчабазул паркъи" абураб тӏехь.
Гьелда тӏад гьев хӏалтӏана, 1830 соналдасан байбихьун, 1872 соналде щвезегӏан,гӏамм гьабуни 42 сон. Доб замалда букӏараб тӏалъиялъ, тӏехь басмаялде бахъизе биччачӏо, тӏехь къокъ гьабуниги, цензураялъ гьеб къабул гъабичӏо, 1941 соналъ гӏараб мацӏалдасан гӏурусалде гьелъул таржама гьабуна, машгьурал гӏурусазул гӏарабистаз, А.М Барановас,ва И.Ю Крачковскияс, басмаялда гьеб бахъана гӏицӏго 90 соназул авалалда.
МугъчӀваял
хисизабизеАдабият
хисизабизе- Абдулмажидов Р. С., Маламагомедов Д. М., Шехмагомедов М. Г. Мухаммадтахир ал-Карахи: жизнь и творческое наследие (исследования и тексты). — Махачкала, 2021. — 224 с.