Къум (остан)
Къум (парс قم — Qom; падар. Qum) — Ираналъул 31 провинциялдаса (останалдаса) цояб. Административнияб марказ — Къум шагьар. Провинция гӀуцӀана 1995 соналъ Тегьран останалъул бутӀаялдаса. Ракь — 11 526 км²[1]. 2006 cоналъ халкъалъул къадар бахулеб букӀана 1 046 737 чиясда[1], гьездаса шагьаразда гӀумру гьабулел — 91,2 %. Аслиял миллатал — парсал, азарбижанал ва лурал.
Къум | |
---|---|
blank300.png|300px]][[file:blank300.png | |
Пачалихъ | |
Адм. марказ | Къум |
Тарих ва география | |
ГӀатӀилъи | 11 526 км² |
СагӀтазул зона | UTC+3:30 |
Халкъ | |
Къадар |
1 046 737 чи (2006 сон) |
Гъунки | 90,82 чи/км² |
Расмиял мацӀал |
парс Халип:Нет АИ 2 халадж |
Цифрабазул идентификаторал | |
Телефоналъул код | 025 |
Расмияб сайт | |
Медиафайлал Викигъамасалда |
География
хисизабизеКлимат буго бакъвараб, пустынияб. ЦӀадал дагьал гурони раларо. Останалда буго кӀиго цӀамул хӀор — Дерьяйе-Немек ва Намак.
Тарих
хисизабизеКъум жеги ислам бачӀилалдего букӀана кӀудияб шагьар. Гьанир ратарал археологиял рателал руго нелъер эраялда цебе 5-абилеб азарсоналъул.
КӀиабилев халип ГӀумарица бахъана Къумалъул марказ. 644—645 сс. Къум жиндирго контролалде босана Абу Муса АшгӀарица, гьеб заманаялъ гьенир гӀемер дагӀбаби лъугӀулел рукӀана гӀарабаздаги бакӀалъул гӀадамаздаги гьоркьоб.
Гьединго Къумалда халипасдаса рахчун рукӀана гӀалавидал. Ал-Мамуница 825 соналъ шагьар сверухъ ккуна, ва шагьар бихизабуна гӀемер чиги чӀван.
831 соналъ Къумалъул гӀадамал халипасда данде рахъана, амма гьеб багъа-бачари халипасул аскараз хехгого тӀагӀинабуна. ГӀицӀго Буидазул заманаялъ гурони Къум гӀалавидазул хӀукмуялда гъоркь ккечӀо, гьеб заман рикӀкӀула Къум цебетӀураб заман.
Административияб бикьи
хисизабизеКъумалъул провинциялда (остан) жаниб цо гурони шагьрестан унаро, гьебги бикьула 5 мухъалда (бахш).
Къум жакъа
хисизабизеИраналда Исламияб революция бергьун хадуб Къум лъугӀана дунялалъулго шигӀизмалъул марказлъун.
ХІужаби
хисизабизе- ^ a b Statoids.com (инг.)
РегӀелал
хисизабизе- Noor Fiqh Library, Qom Archived 2012-05-13 at the Wayback Machine
- The Islamic Propagation Office of The Islamic Seminary in Qom
- Society of Islamic Teachers of Qom’s HawzahArchived 2007-05-11 at the Wayback Machine (in Persian)
- Dar-ul Hadith Institute
- Hawzah Yellow Pages
- Qom’s main Seminary website (called The Hawzah)
- Qom’s Cultural Heritage Organization
- Tuba Graphics, a religiously affiliated organization based in Qom Archived 2012-05-20 at the Wayback Machine
- Qom Province Dwelling Foundation of Islamic Revolution
- Governor of Qom website
- Qom Province Transportation and Terminals Organization
- Telecommunications Company of Qom
- Qom Management and Planning Organization
- Qom News Website Archived 2018-03-06 at the Wayback Machine
- Qom University of Medical Science Archived 2012-05-10 at the Wayback Machine