Лабиалаб рагьукъаб
Лабиалал рагьукъал, яги кӀутӀбузулал рагьукъал ккола жал абулаго цо яги кӀиябго кӀветӀ активияб артикулаторлъун кколел. КӀиго гӀаммаб кӀутӀбузулаб артикулация буго билабиалаб, кӀиябго кӀветӀ хӀалтӀизабун абулеб, ва лабиоденталаб, гъоркьияб кветӀ тӀасиял цабзазде данде лъун абулеб, кӀиялъулго щибаб тип буго инглисалда, авар фонологиялда данчӀвала лабиоденталаб /f/, эбги буго къватӀиса бачӀараб фонема.
КӀутӀби гургин гьари, яги лабиализация, буго тӀибитӀараб аппроксимант-гӀадаб-коартикулациялъул рижа. Авар ва инглис /w/ буго зирараб лабиаллъараб веларияб аппроксимант, жиб цӀикӀкӀун данчӀвалеб, гӀицӀго лабиалаб аппроксиманталдасаги [β̞]. Кавказалъул мацӀазда лабиаллъарал дорсалал, /kʷ/ ва /qʷ/ гӀадинал, цӀакъ тӀиритӀун руго.
Ралагье гьединго
хисизабизеМугъчӀваял
хисизабизе- Ladefoged, Peter; Maddieson, Ian (1996). The Sounds of the World's Languages. Oxford: Blackwell. ISBN 978-0-631-19815-4.
- McDorman, Richard E. (1999). Labial Instability in Sound Change: Explanations for the Loss of /p/. Chicago: Organizational Knowledge Press. ISBN 0-9672537-0-5.