Лингвистика
Лингви́стика (Латин: lingua — мацІ) ккола жинца мацІал лъазарулеб гІелму. Гьеб ккола тІабигІияб гІадамасул мацІалъул ва дунялалъул киналго мацІазул ва гьезда кІалъалезул хІакъалъулъ гІелму.
ГІатІидаб бичІчІиялда лингвистика бикьула гІелмияб линггвистикаялдеги ва практияб лингвистикаялдеги. Жибго ккола ишарабазул хІакъалъулъ гІелму хІисабалда семиотикаялъул цо бутІалъун.