МагӀарул гимн «МагӀарулал ругел лъикӀал гӀадамал» — авар халкъалъул расмияб гуреб миллияб гимн.

Авар халкъалъул миллияб гимн
Национальный гимн аварского народа
РагӀабазул автор ХӀамзатил Расул, 1945
Композитор Нурил Варис

Текст хисизабизе

РагӀаби

Релъи-хъуй гьечӀого рохизе лъалел
МагӀу чвахичӀого гӀодизе лъалел
ГӀишкъул рекӀараб цӀа цӀунизе лъалел
МагӀарулал ругел лъикӀал гӀадамал

БакӀал къваридалъул ракӀал гӀатӀидал
Рукъ мискинлъаниги намус бечедал
КъваригӀа-ралъуб рухӀ майилян кьолел
МагӀарулал ругел лъикӀал гӀадамал

РикӀкӀен дагьлъаниги гьунар гӀемерал
ГӀурда тӀегь бижизе чорхол би тӀолел
Божизе бегьила гьаб дир халкъалда
МагӀарулал ругел лъикӀал гӀадамал

Гь. балагье хисизабизе

ХІужаби хисизабизе

РегӀелал хисизабизе