МахӀач МуртазгӀалиев

МахIач МуртазгIалиев» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

МуртазгIалиев ТIалхIатил МахIач (гь. 1984 соналъул 4 июналъ Къеди росулъ) — россиялъул эркенаб стилалъул гугарухъан, 2004 соналъ Грециялда, Афинабазда рукIарал XXVIII Олимпиялъул хIаязул лъабабилев призёр[1], кIиго нухалъ гIаламалъул чемпион ва ва ункъо нухалъ Европаялъул чемпион. Россиялъул мустахIикъав спорталъул устар. 15 тIубараб мехалъ гьев бергьана "ГIали ГIалиевский" турниралда (54 кг). Гьединго гьев вуго бищунго махщел тIокIав ва дунялалъул бищун техгикияв гугарухъан. ЗахIматаб ругъунги шун, жиндир гугарухъанасул карьера хехгого лъугIизабизе ккана.

Хасаб баян
бихьинаб
МуртазгIалиев ТIалхIатил МахIач
 Россия
магІарулав
эркенаб гугари
ЦСКА, Москва
4 июнь 1984(1984-06-04) (39 лет)
р. Къеди, ЦIумада мухъ, Дагъистан, Россия
2004-2009
ГІабдурахІман Мирзоев, МухІамад ХIусейнов
174 см
77 кг

ГIумрухъвай хисизабизе

Миллат — магIарулав. Гьавуна ЦІумада мухъалъул Къеди росулъ. Школа лъугIинабуна Хасавюрталда. Гьесул эмен, ТIайгибил ТIалхIат Хасавюрталъул цо училещалда устарлъун хIалтIулев вукIана. Гугаризе байбихьана 9 сон тIубаралдаса нахъе. ТIоцевесев тренер — ГIабдурахIман Мирзоев. Гьесдасан хадув гьесул гугариялъул махщелал камиллъизаруна машгьурав Россиялъул тренер МухIамад ХIусейновас. Гьесул буго кIиго тIадегIанаб образование — лъугIизабуна ДГПУялъул физкультурнияб факультет ва ДГУялъул юридическияб факультет. 2004 соналъул Россиялъул гугарухъбазул командаялда гьоркьов бищунго гІолохъанав спортчи.


ХIужаби хисизабизе

  1. "МахIач МуртазгIалиев - 2004 соналъ Грециялда, Афинабазда рукIарал XXVIII Олимпиялъул хIаязул лъабабилев призёр". Архивация оригинал (2014-12-16). Халагьи 2015-07-04. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)

Линкал хисизабизе