Къеди́ (гІур. Кеди́) — ккола Дагъистан Республикаялъул ЦӀумада мухъалъул росу. Ва гьединго гьеб рикӀкӀуна Ункъракьалъул расмияб гуреб тахшагьарлъун.

Росу
Къеди
гІур. Кеди
42°31′29″ ш. гӀ. 45°58′00″ бб. х.HGЯO
Пачалихъ  Россия
Федерациялъул субъект Дагъистан
Муниципалияб мухъ ЦӀумада мухъ
Росдал поселение Къеди росу
Жанисеб бикьи

3 авал:

    • ТIасияб авал
    • Гъоркьияб авал
    • Кванхи-авал
Тарих ва ракьхъвай
ТӀоцебесеб рехсей XӀӀ гIасру
ГӀатӀилъи 2,2 км²
Централъул борхалъи 2085[1] м
СагӀтазул зона UTC+3:00
Халкъ
Къадар 875 чи (2022)
Миллат(ал) Аварал
Конфессия(л) Ислам
Катойконим къеди́сав, къеди́сай, къеди́сал
Расмияб мацӀ авар, гӀурус
Цифрабазул идентификаторал
Почалъул индекс 368900
ОКАТО код 257 000 003 82 257 000 003
ОКТМО код 82657427101
ГКГН номер 0300232
avariya.wixsite.com/kedy/kedy  (авар)
Къеди (Россия)
ТӀанкӀ
Къеди
Москва
Къеди (Дагъистан)
МахӀачхъала
Агъвали
ТӀанкӀ
Къеди
Къеди (ЦӀумада мухъ)
Агъвали
ТӀанкӀ
Къеди

Ракьхъвай хисизабизе

Къеди буго Дагъистаналъул ва чачаназул гІорхъода аскоб. Росу бакьулъан чвахулеб буго лъар (Саситлинка), ГІандигІоргун жиб жубалеб.

ГІадамал хисизабизе

Къедиса гочарал гIадамал руго гьал хаду рехсарал росабалъ: Шава (Бабаюрт мухъ), ХІажидада (Хъумторхъала мухъ), Коби (Буртиялъ, Шелковск мухъ), Ахъсай (Хасавюрт район).

Росулъ гІемерисел руго магIарулал, Ислам-дин ккурал. Ахирисел соназ гІадамазул къадар гьениб лъалаго цІцІикІана. Школалде ине заман щвечІел лъималазул къадар Къедиб жакъа 70-80 чиясда бахун буго ва къедисел хІажаталлъун ккун руго росулъ лъималазе ясли-ах рагьин тІалаб гьабун хІукуматалде гІарзгун ине.

Гьединго 90-ялдасаги тІаде санал рахарал гІадамалги Къеди дагьал гьечІо. Дагъистаналда бищунго гІумру халатал гІадамаздасан ккола Къедиса 1905 соналда жий гьаюрай Хизриева Арайчо[2].

Къеди росдал руго 3 "Мать-героиня" цІар шварай эбелги:

  • Пайзулаева Халисат
  • Хъаралова Марзигат
  • Хъаралова ХІалимат[3].

ГӀадамазул къадар хисизабизе

1886 соналъ Къеди росулъ букІун буго 125 цІараки. 266 бихьинчи, 231 чІужугІадан.

1896 соналъ — 132 цІараки, 241 бихьинчи, 252 чІужугІадан. Росдал киналго гІадамал — 523 чи.

1899 соналъ — 125 цІараки: 268 бихьинчи, 247 чІужугІадан.

1908 соналъ — 120 цІараки[4].

Ахиричел соназда:

1895[5] сон 2010[6] сон 2012 [7] сон 2013 [8] сон 2014[9] сон 2015 [10] сон 2022 сон[11]
527 738 746 754 757 779 875

Къедисал цогидал бакІазда (2023 сон): хисизабизе

Тартиб БакІ ЦІараки
1 ХІажидада 185
2 Къеди 150
3 МахӀачхъала 87
4 Шава 77
5 Хасавюрт 76
6 Ахъсай 65
7 Коби 65
8 Новогагатли 22
ТІолго: 727 цІараки[4]

Гьава-бакъ хисизабизе

Къеди росдал климат
ГӀаламат Янв. Фев. Март Апр. Май Июн Июл Авг. Сен. Окт. Нояб. Дек. ЛъагӀ
Абсолютияб максимум, °C 27,0 29,0 34,7 35,7 38,9 43,0 43,1 42,4 40,4 35,8 30,6 26,7 43,1
Гьоркьохъеб максимум, °C 14,9 14,9 16,5 18,8 22,6 26,4 29,4 30,0 27,4 24,1 19,9 16,5 21,8
Гьоркьохъеб температура, °C 8,1 8,5 8,6 13,0 22,3 27,1 26,8 35,5 24,3 21,0 17,1 14,0 18,8
Гьоркьохъеб минимум, °C 10,4 10,0 11,1 13,1 16,4 20,2 23,0 23,8 21,4 18,3 14,6 11,7 16,2
Абсолютияб минимум, °C 2,0 2,4 2,4 6,5 9,8 13,0 17,8 17,9 13,4 10,0 5,1 1,6 1,6
ГӀазу-цӀадал норма, мм 116 73 100 63 54 21 13 20 61 75 137 161 904

Тарих хисизабизе

Къеди росдае тІоцебе кьучІ лъурал гІадамазул гьабсагІаталъ баян гьечІо, амма цебесаб биценалда рекъон жакъасел къедисезул умумул гьенире рачІарал рукІин чІчІолеб буго XӀӀ-XӀӀӀ гІасруяз[12].

Росдал тухумал ва гьезул тарих хисизабизе

Къеди росу бикьула лъабго авалалде: ТIасияб авал, Гъоркьияб авал ва Кванхи-авал (лъар тун квегIаб рахъалда бараб росдал бутIа; гьениб тIоцебе рукъ бан букIун буго Кванхи росулъа бидвиххун вачIарав чияс). Росулъ жаниб букIун буго кIиго годекIан: ТIасияб годекIан (гьенире ракIарулаан гIолохъаби) ва Гъоркьияб годекIан (гьенир рукIунаан чIахIиял чагIи ва гьарулаан росдал данделъаби)[13].

Къеди ругел тухумазул къадар батIи-батIияб бицуна. Мисалалъе, М. ХIусейновас Ункъракьалъул хIакъалъулъ хъвараб тIехьалда бицунеб буго Къеди пуланал 4 тухум бугин: Нуцаби, Малалал, Къуйлял, ХIамсал (Гьамщал ратила, гьас мекъи хъварал)[14]. ГIаммаб къагIидаялъ гьадинал тухумал руго гьенир:

  1. Нуцаби. Гьел ккола батIи-батIияб заманалда Хунзахъа гочун рачIарал нуцабазул гIагарлъи Ункъракь мухъалда жидеца бетIерлъи гьабулел рукIарал. Бищун некIсияб гьаб тухумалъул гIаркьел ккола Алдамилал, жал гьанире, тIадегIан рехсарал баяназда рекъон, XIII-б гIасруялъул бакьулъ, Суракъатил вас Байсаргун цадахъ щварал. Гьаниб аваданаб жаниблъиялда гьазда рихьун ратила кулабазда гIумру гьабулел чагIи ва гьенибго лъарал рагIалда – цIакъ щулияб кьурул гIус гIадаб борхалъи. Гьеб борхалъуда гьез бан буго гьен (гІурус. «замок») ва гьелда сверухъ жидерго рукъзал, сверухъ къедги бугел ва жанибе унеб кавуги лъураб. ГьабсагIатги гьеб борхалъуда бараб нуцабазул авалалда росулъ абула Каву-йилан. Гьенибго биценазда рекъон, Имаматалъул заманалда сивунир жанир рахчун рукIарал нуцабазул тухумалъул чагIи рухIун руго, гьелда сверухъ цIаги бан. Мансур ХIайдарбеговасухъе щварал баяназда рекъон, гьеб лъугьа-бахъин ккун буго гьижрияб 1260-б соналъул шавал моцIалъул ахиралда[15] (1844-б соналъул ноябералъул бакьулъ). Гьенив вукIинчIев нуцабазул тухумалдаса КIудияв Сурхай абарав чи чIван вуго нахъа жив Шамилил наиблъун тIамарав Сасикьа Тула-ГIиса абурав чияс къегьалазул ГьагIмади росулъ (гІурус. «село Хакмадой Шаройского района Чеченской Республики»). ГьагIмади гьесул букIун буго гIагарлъи. Нуцабазул кIиабилеб гIаркьел ккола – АмирхIамзалал. Гьел ккола, КIудияв ГIумаханил вац Гебекил наслуялъул (Гебекил 5-б наслу – Хъайтмаз ПатагIалиев-Аварский) биценазда ва Тимур Айтберовасда ратарал гIараб хъвай-хъвагIаязда рекъон, 1729-30 (гьижрияб 1142 с.) соналда жиндир эменги чIван Къедиве арав АмирхIамза абурав нуцалчиясул наслу. Гьеб соналда Хунзахъ аскIоб бугеб КIахъ росулъ ккун буго лъабго вацасда гьоркьоб кьал. Пирхарав ГIумма-нуцалил чагIаз чIван ратила (лъица лъалеб гьечIо) гьесул вацал Гьанкалавгун Туралав, вас гьесул васги МухIамад[16]. ЧIаго хутIанила Гьанкаласул вас АмирхIамза. Гьевги жиндирго кIиго яцгун имгIал Пирхарав ГIумма-нуцалилгун рекъел къабул гьабичIого ун вуго Къедиве. Гьенир кIияйго яцги (цоялда цIар Ханзада) Алдамилазе кьун руго. Жеги Нуцаби тухумалъул рицуна Сурхайилал (гьев ХIХ-б гI. гIумру гьабун вукIарав чиясдаса бачIараб цIар батила; дида ккола гьелги АмирхIамзалалги цого-цо чагIи ругин) ва БурикIилал (гьездаго Бурашилалги абула) абурал гIаркьалаби ругин абун. Нуцабазул тухумалъул чагIи руго цогидал Ункъракьалъул росабьалъги: Гьакъо – Суракъатилал (Къедиса Сурхайилазул гIагарал ругилан бицуна), Сасикь – БацIилал (гьездаго Асланбегилалги абула; биценазда рекъон 1844-б соналда Асланбег гьитIинав вас вукIиндал чIвачIого хутIана ва хадув Сасикь гочана); Силда – Хъазилал (АмирхIамзалал), КIванкьада – АмирхIамзалал (ХIХ-б гIасруялъул кIиабилеб бащалъуда гьениве гочун вуго МухIамад абурав чи, гьелги ккола гьесул наслу).
  2. Гьамщал – гьел ккола гьанжесеб Хунзахъ мухъалъул Гьамущи росулъа гочарал чагIазул наслу. Гьезул рукъзаби рукIун руго Кванхи-авалалда ва гьел некIо заманалдасаго гIияхъабилъун рукIун руго.
  3. КIушкIандилал (гьездаго абула жеги ХважакIал ва Малалал; ахирисеб тIокIцIар щун буго гьезие халатаб мали букIиндал гьезул росдацаго хIалтIизабулеб букIараб). Биценазда рекъон, гьел ккола кьолболал чагIи, гьанире Алдамилал рачIараб мехалъго гьанир кулабазда рукIарал ва хадур Кванхи-авалалда ва Гъоркьияб авалалда рукъзал рарал. Ислам босилелде цере гьел гуржи-диналъул яги насраниял рукIарал чагIи хIисабалда, гьазда гуржиялги абула цо-цояз. Амма гьеб рагIи нилъеда миллат яги халкъ хIисабалда гуреб бичIчIизе кколеб, некIо гьезул букIараб насранияб дин сабаблъун щвараб цIар букIин лъазе ккола. Жеги гьаб тухумалде гъорлъе рачун руго некIо Гьидалъа ва Ракьу-ГIахьвахъа рачIарал чагIи. Нуцаби нахъе тун, бищун гIадамал цIикIкIарал ва рагIи билълъараб тухум кколаан гьаб. КIушкIандилал абураб цIар Малалал тухумалъе щун батила XIX-б гI. машгьурав бол цевехъан Къедиса КIушкIантIи гьеб тухумалдаса вукIиндал ва гьесул машгьурлъиялъ гьеб цIар хисидал[17].
  4. Къойилал (цо-цояз Къуялги абула) – ккола жидер къегьалазул (чачаназул) наслу бугел, жал къойилго хIалтIулел рукIиндал гьеб цIар щварал чагIи. Цояз абула гьел къегьалазул КIеселиб росулъа (гІурус. с.Кеселой Шаройского района ЧР) рачIарал ругила, цогидаз бицуна ГIачиниса (чачаназул Шобутиб мухъалда бугеб росу) кколилан гьел. БукIине рес буго гьеб кIиябго росулъа рачIарал чачанал цо тухумалде гъорлъе лъугьинеги.

Гьебго кIудияб ункъо тухум рикIкIинчIого, Къеди росулъ нахъа заманалда гьанире гочарал чагIаздаса лъугьараб чанго рукъ букIана:

  • Хоролал – XIX-б гIасруялда Сасикьа вачIарав чиясул наслу. Гьенивеги гьев Ангъидаса ва гъовеги ТIидиса вачIун вугин бицуна ва гьелъие кьучI бугел гIараб хъвай-хъвагIаялги рагIула. ПалхIасил, гьал ккола жидер кьибил Гьидалъа, ТIидиб росулъа бугел чагIи.
  • ГIабулал – жал Хъварши росулъа кьибил бугел чагIийилан абула.
  • Лолонисел – кьибил кисан бугебали лъазе кIвечIо.

МагІишат-яшав хисизабизе

 
Инко, АмирхIамзал колода

ГІемерисел къедисал руго боцІи-панз хьихьун бетІербахъи гьабулел гІадамал. Гьезул цо-цоял Сочиялда, Анапаялда, Краснодаралда ва Россиялъул цоги-цогидалги шагьаразде ун бакІал раялда хІалтІула, гьединго гьабула даран-базарги. Руччабацаги лъималацаги риидал бакІарула лай, гІодобкару, гІинтІи, мучари ва цоги-цогидал даруял, гьеб ракьалда жал гІемер рукІунел хурдулги. Хурзабахъ хьалеб жоги гьезул гІемерисеб картошка, хъапуста, ламадур, пер букІуна. Сверухъ ругел цогидал росабазул гІадамазе бокьула Къедисезул мугІрузда хьихьараб боцІул гьанги, хІан-нахги. Къеди руго цІар рагІарал чанахъабиги, махшел камилал гІияхъабиги.

Динияб гIуцIцIи хисизабизе

Росулъ буго кІиго мажгит: кIудияб ва цо гьитIинабги ("авал мажгит"). Росдал гIемерисел руччаби-ясаз ретІуна бусурбабазе хасаб ретІел.

1900 соналъ байбихьула Къеди росдал мажгит цІигьабун къачІаялъул хІалтІаби.

Машгьурал росуцоял хисизабизе

Cуратал хисизабизе

Адабият хисизабизе

МугъчӀваял хисизабизе

  1. Населенный пункт: Кеди
  2. "В селе Кеди живет долгожительница Цумадинского района - Хизриева Арайчо". Архивация оригинал (2014-07-14). Халагьи 2014-06-10. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  3. "Матери-героини". Архивация оригинал (2014-08-14). Халагьи 2014-06-10. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  4. 4,0 4,1 ГъазимухӀамадов И. А. Къеди ва Къедисал : моногр.. — МахӀачхъала : Изд-во Эпоха, 2022. — 736, [б/н 4] с. — 1000 экз.
  5. Памятная книжка Дагестанской области / Сост. Е.И. Козубский. - Темир-Хан-Шура : "Русская тип." В.М. Сорокина, 1895. - 724 с. разд. паг., 1 л. фронт. (портр.), 17 л. ил., карт.; 25.
  6. "ВПН-2010. Таблица № 11. Численность населения городских округов, муниципальных районов, городских и сельских поселений, городских и сельских населенных пунктов Республики Дагестан". Архивация оригинал (2013-12-24). Халагьи 2014-06-10. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  7. Численность населения Российской Федерации по муниципальным образованиям. Таблица 35. Оценка численности постоянного населения на 1 января 2012 года
  8. Численность населения Российской Федерации по муниципальным образованиям на 1 января 2013 года. — М.: Федеральная служба государственной статистики Росстат, 2013. — 528 с. (Табл. 33. Численность населения городских округов, муниципальных районов, городских и сельских поселений, городских населенных пунктов, сельских населенных пунктов)
  9. "Численность населения на 1 января 2014 года по сельским поселениям Республики Дагестан". Архивация оригинал (2014-04-07). Халагьи 2014-06-10. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  10. "Оценка численности постоянного населения Республики Дагестан на 1 января 2015 года" (PDF). Архивация оригинал (PDF) (2018-12-22). Халагьи 2015-06-24. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  11. "Численность постоянного населения Российской Федерации по муниципальным образованиям на 1 января 2022 года. Федеральная служба государственной статистики. Дата обращения: 26 апреля 2022". Архивация оригинал (2022-06-11). Халагьи 2022-07-13. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  12. Хапизов Ш. НекIсияб Къеди // Казият «Миллат». МахIачхъала, 2015 с. № 6.
  13. ШагIбан ХIапизов (2022-04-25). "НекIсияб Къеди – тарих, тухумал, бакIазул цIарал". ORIENT | Новости, события, истории. Онлайн-журнал "Ориент". Халагьи 2022-12-17.
  14. Гусейнов М. Союз сельских обществ Ункратль в XIX – начале ХХ вв. (историко-этнографическое исследование). М., 2006. С. 132.
  15. ХIайдарбегов М. Дагъистаналъул тарихалъул хронология. 1970-71 сс. // ГIурус гIелмабазул академиялъул Дагъистаналъул гIелмияб централъул (ГIГIА ДГIЦ) Тарих, археология ва этнограпиялъул Институталъул квералъ хъвараб понд. П. 3. Хъ. 1. Иш. 236 (XIII). ТI. 368.
  16. [Балагье: ХӀапизов Ш.М. ГӀума-нуцал (ГӀумахан) Великий (очерк истории Аварского нуцальства во второй половине XVIII века). МахӀачхъала, 2013. гь. 183.]
  17. Айтберов Т.М., Дадаев Ю.У. Хроника Иманмухаммада Гигатлинского – текст XIX в. об истории Имамата. Махачкала, 2010. С. 26.
  18. "МахIач МуртазгIалиев - [[2004]] соналъ [[Греция]]лда, Афинабазда рукIарал XXVIII Олимпиялъул хIаязул лъабабилев призёр". Архивация оригинал (2014-12-16). Халагьи 2014-06-10. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  19. "Чемпионат Мира Тайский бокс Вес:86 кг. - Чемпион". Архивация оригинал (2016-08-19). Халагьи 2014-06-10. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  20. "ПРИКАЗ от «30» октября 2012 г. № 32-нг. О присвоении спортивного звания "Мастер спорта России"". Архивация оригинал (2015-07-05). Халагьи 2015-07-05. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  21. Директор школы - Гаджиев Гамзат Гаджиевич - Директор года России, Заслуженный учитель РД и РФ

РегIелал хисизабизе