МухӀаммад ибн ГӀабдул Вагьгьаб

МухІаммад ибн ГІабдул Вагьгьаб» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

МухІаммад ибн ГІабдул Вагьгьаб ал-Мушаррафи ат-Тамими (гlараб. محمّد بن عبد الوهّاب المشرّفي التميمي‎), гьавуна 1703 соналъ, Гlуяйна росулъ, гIарабазул бащдабчIинкIиллъиялда. Кlудияв шаригlаталъул гlалимчи, Къуръаналъул хlафиз ва Исламалъул муджаддид. XVIII гlасруялъ тlолабго Гlарабистан ширкалдаса ва бидгlабаздаса бацlцlад гьабурав имам. Гьесул кумекалдалъун Мухlаммад ибн Сагlуд абурав ад-Диргlия шагьаралъул хlакимас гlуцlана тlолабго гIарабазул бащдабчIинкIиллъиялда бищун кутакаб пачалихъ СагІудиязул ГІарабия. Аллагьас жиндир мунагьал чураяв имам хвана 1792 соналъул 22 июналъ ад-Диргlия шагьаралда.

МухІаммад ибн ГІабдул Вагьгьаб ал-Мушаррафи ат-Тамими
Гьав(й)и 1703 с., Гlуяйна, Ар-Рияд
Хвел 22 июн 1792 с.

, Ад-Диргlия, Сагlудиязул Гlарабия

КІодо гьавула Суниял, салафиюнал