МухӀамадов, МухӀамадгӀалил МухӀамадсалам

МухІамадов МухІамадгІалил МухІамадсалам (гь. 1 июналъ 1964 сонлъул, Лаваша, Дагъистаналъул АССР, РСФСР, СССР) — россиялъул сиясатчи ва пачалихъалъул жигарчи, Дагъистан Жумгьурияталда батӀи-батӀиял нухмалъиялъул хӀалтӀаби гьаруна, 2010 - 2013 соназда — жумгьурияталъе бетӀерлъи гьабуна, 2013 соналдаса бахъун хӀалтӀулев вуго Россиялъул Президентасул администрациялда. экономикиял гӀелмабазул доктор, профессор, бетӀерлъи гьабуна Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул экономикаялъул ва захӀматалъул социологиялъул кафедраялъе[1][2]. Г. В. Плехановасул цӀаралда бугеб Россиялъул экономикияб университеталъул хӀурматияв гӀелмабазул доктор (2012)[3]. Дагъистаналъул нухмалъиялда вукӀарав МухІамадгІали МухІамадовасул вас.

МухIамадсалам МухIамадов
гІур. Магомедсалам Магомедов
МухIамадсалам МухIамадов
Байрахъ
Байрахъ
Россиялъул Президентасул администрациялъул бетІерасул наиб
 28 январь 2013 сон
Президент: Владимир Путин
Байрахъ
Байрахъ
2-ев Дагъистаналъул президент
20 февраль 2010 сон — 28 январь 2013 сон
Президент: Дмитрий Медведев
Цеве вукІарав: МухӀу ГӀалиев
Хадув вачІарав: Рамазан ГІабдулатІипов
Байрахъ
Байрахъ
Дагъистаналъул халкъияб собраниялъул председатель
февраль 2006 сон — апрель 2007 сон
Цеве вукІарав: МухӀу ГӀалиев
 
Дин: Ислам
Гьави: 1.6.1964
Лаваша росу, Лаваша мухъ, Дагъистаналъул АССР, РСФСР, СССР
Эмен: МухІамадгІали МухІамадов
Лъади: Тамара МухІамадова
Лъимал: васал: Шамил ва Идрис
яс: Аминат
Миллат: даргияв
Партия: Цолъараб Россия
Лъай: Дагъистаналъул пачалихъияб университет
Россиялъул экономикияб академия (Г. В. Плехановасул цІаралда)
ГІелмияб даража: Экономикиял гІелмабазул доктор
Хъулухъ: Сиясатчи

Биография

хисизабизе

МухІамадсалам МухІамадов гьавуна 1964 соналъул 1 июналъ Лаваша росулъ. Миллат — даргияв.

19811986 соназда — Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул экономикияб факультеталъул студент.

1986—1990 соназда — Москваялъул Плехановасул цӀаралда бугеб халкъияб магӀишаталъул институталъул стажгун-гӀелмиял цӀех-рехал гьабулев, аспирант. Гьенибго захӀматалъул экономикаялъул кафедраялда цӀунана кандидатасулаб диссертация.

19912001 соназда — Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул экономикаялъул кафедраялъул ва захӀматалъул социологиялъул нухмалъулев, мугӀалим, доцент, профессор.

1998 соналъул январалдаса 2001 соналъул октябралде щвезегӀан нухмалъи гьабуна Дагъистаналъул ХӀукуматалъул Председателасухъ букӀараб комиссиялъул эксперталъулаб хӀалтӀул къокъаялъе.

2001—2006 соназда бетӀерлъи гьабуна Дагъистаналъул ХӀукуматалъул нухмалъиялда гъоркь Каспий ралъдал дагъистаналъул бутӀаялъул шельф лъазабулеб хӀалтӀул къокъаялъе.

Дагъистан Жумгьурияталъул Халкъияб Шураялъул лъабабго ракӀариялъул депутатлъун вищана.

2006 соналъул 20 февралалдаса 2007 соналъул 4 апрелалде щвезегӀан[4] — Дагъистан Жумгьурияталъул Халкъияб Шураялъул Председатель.

2010 соналъул февралалда Россиялъул Федерациялъул президент Дмитрий Медведевас МухӀамадсаламил кандидатура лъуна Дагъистан Жумгьурияталъул Халкъияб Шураялда цебе, гьесие Дагъистан Жумгьурияталъул Президентасул ихтиярал кьезе[5]. 2010 соналъул 10 февралалъ Дагъистан Жумгьурияталъул Халкъияб Шураялъ гьев къавул гьавуна Дагъистаналъул Президентасул хъулухъал тӀуразе.

2013 соналъул 28 январалъ гьев эркен гьавуна Дагъистаналъул Президентасул хъулухъалдаса ва вихьизавуна Россиялъул президентасул администрациялъул нухмалъи гьабулесул наиблъун[6].

Футболалда машгьурлъи

хисизабизе

2001—2002 соназ гьев вукӀана «Анжиялъул» вице-президентлъун.

ХӀажалде ин

хисизабизе

2010 соналъ Президент МухӀамадовас борхана Исламалъул щубабилеб рукно — хІаж, ва СагӀудиязул хан ГIабдуллагь ибн ГIабдул ГIазиз Ал СагIудил резиденциялда гьев дандечӀвана СагIудиязул ГIарабиязул Ханлъиялъул хӀукуматалъул председателасул наиб, жанисел ишазул министр, принц Наиф бин ГIабдул ГIазиз Ал СагIудгун.

Хасаб гӀумру

хисизабизе

Гьесда лъикӀ лъала даргин, гӀурус ва ингилис мацӀал[7].

  1. ^ "Страница кафедры экономики и социологии труда на сайте ДГУ". Архивация оригинал (2014-01-16). Щвей 2015-10-27. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  2. ^ Газета. Ru 8.02.10
  3. ^ Глава Дагестана стал почетным доктором наук Российского экономического университета имени Плеханова | Вестник Кавказа
  4. ^ Спикером Народного собрания Дагестана избран мэр города Избербаш (хвараб регӀел)
  5. ^ Дмитрий Медведев внёс на рассмотрение Народного Собрания Дагестана кандидатуру Магомедсалама Магомедова для наделения его полномочиями Президента республики
  6. ^ "Магомедсалам Магомедов назначен заместителем Руководителя Администрации Президента, временно исполняющим обязанности Президента Дагестана назначен Рамазан Абдулатипов". Администрация Президента РФ. 28.1.2013. Архивация оригинал (2013-01-31). Щвей 2013-01-28. {{cite web}}: Check date values in: |date= (help); Invalid |url-status=хвараб (help)
  7. ^ Сегодня переписчики навестили президента республики Магомедсалама Магомедова (ru), ГУ РГВК «Дагестан» (20.10.2010). Архив гьабун буго аслуялдаса 4 март 2016. Хал гьабун буго 27 октобер 2015.

МугъчӀваял

хисизабизе


Цеве вукІарав:
МухӀу ГӀалиев
Дагъистан Жумгьурияталъул президент
 

2010 соналъул 20 февралалдаса - 2013 соналъул 28 январалде щвезегІан
Хадув вачІарав:
Рамазан ГІабдулатІипов