Нилалъул Дельта
Нилалъул Дельта (ГӀараб: دلتا النيل Delta an-Nīl яги жибго الدلتا ad-Delta) буго Гьоркьияб Египеталда бугеб, Нил гІор гІаркьалабазде биххун Ракьдагьоркьосеб ралъадалъе чвахулеб бакІалда лъугьараб дельта. Гьеб буго дунялалда ругел бищун кІудиял гІоразул дельтабазул цояб. Гьелъ Ракьдагьоркьосеб ралъдал рагІалалъул ккола бакътІерхьуда Алискандериялдаса бахъараб бакъбаккуда Бур-СагІидалде щвезегІан 240 км (150 мил), во гьеб буго бечедаб росдал магІишаталъул икълим. Хьундаса бакъдехун дельтаялъул халалъи буго гІага-шагарго 160 кm. Дельта байбихьула Нилалъул чвахиялъул Къагьиралдаса цодагьаб гъоркьегІан.[1] Цебе дельта гІуцІун букІана 8 гІаркьелалъ, гьанже гьезул буго 2 кІудияб гІаркьел.
Ракьхъвай
хисизабизеХьундаса бакъдехун рахъалде дельтаялъул халалъи буго 160 км; бакътІехьудаса бакъбаккуда гьелъ кколеб ралъдал рагІаллъиялъул халалъи буго 240 км. Дельта бикьун буго кІиго аслияб гІаркьелалъ — Думьяталъул ва Рашидалъул гІаркьалабаз,[2] жалги Ракьдагьоркьосеб ралъдалъе гьел портазулал шагьаразда аскІосан чвахулел. Цере гьел гІаркьалабазул къадар букІана 8, амма гьел тІагІана Нилалъул чахиялда хадуб кколеб хІалалъ халкквей гьабидал, реьеф хисидал. Гьединаб тІагІараб гІаркьелалъул цояб кола Вади Тумилат.
МугъчІваял ва адабият
хисизабизе- ^ Zeidan, Bakenaz. (2006). The Nile Delta in a global vision. Sharm El-Sheikh.
- ^ John Cooper (30 September 2014). The Medieval Nile: Route, Navigation, and Landscape in Islamic Egypt. The American University in Cairo Press. гь. 76. ISBN 978-977-416-614-3.
{{cite book}}
: Check date values in:|date=
(help)