Норвегия
Норве́гиялъул Ханлъи, Норве́гия (букмол Kongeriket Norge, цIиябнорвегиялъул Kongeriket Noreg) — Шималияб Европаялъул пачалихъ, Скандинавияб бащадаб чІинкІиллъиялъул бакътIерхьул рахъалдехун ва Скандинавияб бащадаб чІинкІиллъиялда аскIор ругел рикIкIен гIемерал гIисинал чIинкIиллъабазда ва гьединго Шпицберген архипелагалда, Шималияб ЦІорол океаналда ругел Ян-Майен ва Цидул чIинкIиллъабазде щун жиндир ракь гIатIидаб пачалихъ.
Норвегиялъ гIорхъалаби гIахьал гьарула лъабго пачалихъалъулгун: Швециялъулгун — бакъбаккудасан, Финляндиялъулгун ва Россиялъулгун — шималиябгун-бакъбаккул рахъаздасан. Пачалихъалада сверун руго Баренцево ралъад — шималиябгун-бакъбаккул рахъалда, Норвегиялъул ралъад — бакътIерхьуда ва Шималияб ралъад — жанубиябгун-бакътIерхьул рахъалда.
Пачалихъалъул цIар бачIараб буго цебескандинавияб Norðrvegr — абураб рагIиялдасан, жиндир магIна кколеб «шималияб рахъалдехун нух» - абураб.
ХӀукмуялъул низам — конституциялъулаб монархия, пачалихъияб гIуцIцIиялъул низам — цолъараб. Хан — Харальд V, премьер-министр — Эрна Солберг. Норвегия бикьула 11 фюлькеялде (губерниязде), официалиял гурел 5 аслиял икълимазда жал данделъулел. [5]
Столица Норвегиялъул тахшагьар ва хIукуматалъул резиденция — Осло.
-
Осло
-
ЦІоролмегІер Свартисен
-
Хасало Согнефьорд
-
Хуринган мугІрул
-
Forest
-
Норвегиялъул миллияб рукъ
-
Норвегиялъул нарт бахъулеб платформа Statfjord
ХIужаби
хисизабизе- ^ "Краткие сведения о Норвегии". Статистическое бюро Норвегии (Statistisk sentralbyrå). январь 2013. Щвей 2013-09-03.
{{cite web}}
: Check date values in:|date=
(help); Italic or bold markup not allowed in:|publisher=
(help) - ^ "Arealstatistics for Norway 2020" (in норвежский). Kartverket, mapping directory for Norway. 2019-12-20. Архивация оригинал (2019-06-08). Щвей 2020-03-09.
{{cite web}}
: Invalid|url-status=хвараб
(help)CS1 maint: date and year (link) - ^ "Population, 2024-01-01" (in норвежский). Statistics Norway. 2024-01-01. Щвей 2024-02-27.
- ^ Human Development Index and its components
- ^ "Frå 1. januar 2020 er det 356 kommunar og 11 fylke i Noreg". Архивация оригинал (2020-02-05). Щвей 2020-02-13.
{{cite web}}
: Invalid|url-status=хвараб
(help)