Сарир (Серир) — аваразул[2] мугӀрузул Дагъистаналда букӀараб гьоркьохъел гӀасрабазул пачалихъ, VI - XI гӀасрабазда жиб букӀараб. Гьелъул хӀакимзабазул дин букӀана христианлъи.

тарихияб пачалихъ
Сарир
 
 
VIXI

Тахшагьар Хунзахъ
Дин
Аваразул мифология, Насранияб
Халкъ 12 азар хъизан[1]

ЦӀар хисизабизе

Гьелъул цӀар бачӀана гӀарабаца гьенив вукӀарав хӀакимасде абулеб букӀараб цӀаралдасан: «сахӀиб ас-сарир» — «тах-бакӀалъул хважаин»[3].

"Сарир" абураб термин кколаро халкъалъул цӀарлъун, гьеб ккола цо-цо бакӀалда бетӀерасул титуллъун ("сахӀиб ас-Сарир"), цогидал бакӀазда пачалихъалъул цӀарлъун.[4]

Ракь хисизабизе

Жакъа къоялде цӀунун ругел сипатазда рекъон, Сарир букӀана гӀемерал гӀадамалги ругел, гӀемерал хъулбуз щулат гьабураб хӀукуматлъун. Гьелъул тахшагьар букӀана Хунзахъ.

Жиндир бищун цебе тӀураб заманалда Сариралде гъорлъе унаан Дагъистаналъул мугӀрузул рахъги гӀодолъиги, ва гьединго мадугьалъихъ ругел ракьалги (Черкессалъа бахъараб Дербендалде щвезегӀан)[5].

Сариралъул — Дербендалдаса хьундасебгун бакътӀерхьул рахъалда лъабго бахиналъ — букӀана 12000 росу. Сариралъул ханасда цӀар букӀана Пилан-шагь, ва гьев вукӀана христианияв. Цо-цо тарихчагӀаз абухъе, Сасанидазул наслуялъул ахирисев хан Ездигерд, гӀарабаз жив къезавидал, лъутун вуго Хорасаналде, ва амма жиндирго меседил тах ва гӀемераб бечелъи Бахрам-Чубин абулеб тухумалъул хӀакимгун Ездигердица нухарегӀун буго Кавказалъул мугӀрузде. Гьев Бахрам-Чубиназул хӀакимас, хадуб Саририн жинда цӀар лъураб ракь босун, гьеб тахги ва кинабниги ракьги, мулкги тун буго жиндирго наслабазе. Гьижраялъул VI-леб гӀасруялда (1107 ва 1205 саназда гьоркьоб) вукӀарав машгьурав шагӀир Низамица гьеб цӀар, ай Сарир абулеб, бачӀанин рикӀкӀун буго Кей-Хосровил тахалъулги тажалъулги цӀаралдаса, жалги гьенир (ай Сариралда) нохъабазда рахчун ругел.[6]

Цогидаз абула, Сарир абураб цӀар бачӀанин гьеб бакӀалъул ханзабазул меседил тахида гӀодор чӀезе бугеб итяралдаса. Сариралъул ханас жиндирго кверщаликь ругел халкъазул бакьарав чи лъугьинавулев вукӀун вуго лагълъун, ва гьес чабхъенал гьарулел рукӀун руго хазаразул ракьалде. Сариралда аскӀоб букӀана Зирехгеран, гьабсагӀат бугеб Кубачи, жаниб гӀумру гьабун ругел — бусурбаби, христианал ва жугьутӀал. Сариралдаса хьундехун букӀана Гъумекиб, жиб Хайтакъалдаса бакътӀерхьудехун бугеб. Амма хадуб, Бакихановас рехсолеб буго: Гун (Хун) абулеб рахъ бугин МугӀрузулаб Гъумекиб ва Авар, ва гьезул хан вугин Пилан-шагь, гьес ханлъи гьабулеб буги Гъумекибги, ГӀахъущаги, Аваралдаги. Гелбахъ — Сариралъул хьундасеб тахшагьарилан жинда абулеб букӀараб — Бакихановасда рекъон, букӀун буго Сариралъул цояб рахълъун, жинда жаниб Агран шагьар бугеб, жибги Сулахъалъул кваранаб рагӀалда букӀараб, Гъизил-Яралда (Гъизляралда) букӀараб Сурхаб щулалъи, Кичимаджар хъала — Эндиреялдаса тӀадехун, Чумлуялда букӀараб, Улумажар хъала (Татартоп) — гьабсагӀат ГьитӀинаб Кабардаялда бугеб михӀмар. Гьенибго Бакихановас хъвалеб буго, Сариралъул ханасе Терекалъул байбихьи бугеб бакӀалда рукӀарал гӀарцул магӀданал рахъулеб бакӀги Аграналда пугеб пахьул магӀдан бахъулеб бакӀги кколеб букӀанин; Сулахъалъул квегӀаб рагӀалда Чирурталдаса тӀадехун ругел рухӀарал иццаазде гьанжеги абулин Гелбахъалъул лъиналин, ва гьеб цебе рехсарабщинабги, Семендерги, Кейванги (Индираялдаги Таркиялдаги гьоркьоб) ва Сулахъалъул кваранаб рагӀалда бугеб Балхги гъорлъе унин Туман-шагьил ракьазде.[6]

Тарих хисизабизе

Сарир лъугьин хисизабизе

Сарир пачалихъ хӀисабалда баккана V гӀасруялда. Биценазда гьеб хурхинабун буго персазул ханзабазул тах мугӀруде бачӀиналда. Цо-цо баяназда рекъон, Сариралъе кьучӀ лъурав чилъун рикӀуна персазул рагъул цевехъан Бахрам Гур; цогиязда рекъон — бакӀалъул ханлъун чи танин персазул шагь Хасров Ануширваница. Сариралъул бутӀрузул букӀана меседил тах, ва гьеде гьабулеб букӀараб цӀар буго авараншагь. ГӀарабазул Ибн Рустаца (X гӀ.)баян кьолеб буго, Сариралъул ханасда цӀар бугин «Авар» (Auhar) абун..

VI гӀасруялда Хьундасеб Кавказалдасан Европаялде рачӀана аварал — гьоркьохъеб Азиялдаса гочарулеб халхъ (гӀемерисех рикӀкӀуна гьел рукӀанин монголазул гӀагараб халкълъул), жидеца цебесеб заманалда «сино-кавказоязалъулал» халкъал ракӀарараб (цо ккураб пикру гӀалимзабазда гьоркьоб гьеб рахъалъ гьечӀо). Гьел аваразул цо къокъа чӀана Дагъистаналда, гьез лъуна Сариралъе байбихьи ва гьелъул къуватаб пачалихъ лъугьинабуна, гьелдалъун гьес кьучӀги лъуна магӀарулазул миллаталъе. Гьеб теориялъул рахъ ккураллъун руго Й. Маркварт, О. Прицак, В. Ф. Минорский, В. М. Бейлис, М. Г. Магомедов, Т. М. Айтберов.

X гӀасруялъул гӀарабазул тарихчи МасгӀудиясдасан бачӀана:«ГӀарабаз Иран бахъидал, ахир тӀаде гӀунӀана сасанидазде, сасанидазул хан Йездигерд гӀарабаздаса лъутана, жиндаго цеве гьес витӀана божарав чи Сариралде жиндирго бечелъигун ва меседил тахгун. Хан чӀавана, гьес витӀарав божарав чи вахчана мугӀрузулаб Дагъистаналда. Сариралъул ханас жиндаго абизе лъугьана СахӀиб-ас-Сарир абун, ай меседил тахалъул хважаин, гьесул кверщаликь ругел гӀадамазде сарирал абун. Сариралъул ханасул букӀана бахъун бадарулареб къуватаб хъала, цӀарги ал-Ал (Аркас) бугеб, гьениб жаниб цӀунун букӀана кинабго гьесул хазина. Тахшагьарлъун букӀана Хумрадж (Хунзахъ). Улкаялда букӀана 12000 тухум, жалги батӀи-батӀиял жанияблъиязде риххарал, ва ханас жиндиего бокьарав чи лагълъун гьавулаан. Сариралъул ханасда абулаан „Авар“-илан. Гьев вукӀана насранияв, пачалихъалъул хутӀарал гӀадамал рукӀана хъанчие лагълъи гьабулел, гьез лагълъи гьабулаан „бакъвараб бетӀералъе“. Сариралъул рукӀана батӀи-батӀиял халкъал. Сариралъул гӀоръи цураб букӀана хазаразулгун, ва гьелгун Сариралъе гӀемер рагъал гьарулаан»[7].

Сарир буго гӀаммаб цӀар. ГӀарабаз Сариралъул хӀакъалъулъ хъвалеб мехалда, Сариралда гъоркь букӀана Дагъистаналъул гӀемерал ракьал, ва гьенир рукӀана гӀемерал халкъал (гьездаго гьоркьор Европаялде арал аваразул хутӀаралги, хазаралги). ГӀарабазул ракьал Дагъистьан сверун кӀодолъидал, Сариралъул ракьал гьитӀинлъулел рукӀана. Гьелъул хӀасилалда Сариралъулхъ хутӀана цохӀо гьабсагӀат ругел магӀарулазул мухъазулги ва цо-цо гьезда мадугьалихъ ругел мухъазулги ракьал. Сарир абураб цӀар магӀарулазе чияраб кколаро, буртияз гьабсагӀатги абула магӀарулазда сулиял (ай магӀарулал) абун, гьебги Сарир абураб рагӀиялъул гӀагараб ккола[7].

Сарир VII–XI гӀасрабазда хисизабизе

В VIIVIII гӀасрабазда Сариралъ Хазар каганаталъул рахъ ккуна гьелъ гӀарабазде данде гьабулел рагъазулъ. Гьебго заманалда Сариралъул кколаан Эрети ва Тушети. ГӀарабаз мекъса рикӀкӀунаан Сарир, насранияб хӀукумат хӀисабалда, Византиялда бараб букӀанилан.

737 соналъ гӀарабасул аскар Марван ибн МухӀамадил бетӀерлъиялда гъоркь Сариралде тӀаде кӀанцӀана. Сариралъ къуватаб данде чӀей гьабуна; лъагӀалица тӀаде кӀанцӀаразде данде рагъ гьабуна. ГӀарабаз, сверун ккун, босана Гъумекиб бугеб хъала. Хадур гьел рачӀана Сариралъул тахшагьаралде. Ал-Куфиясда рекъон, Марваница битӀун лъагӀалица сверун ккуна Сариралъул ханасул хъала, ва гьелдаса хадуб Сариралъул ханасда (Абухисрода) тӀад лъуна магъало кьей.

ГӀарабал ана мадугьалхъ бугеб Туманалде, Сарир лъугьана ГӀарабазул Халифаталда бараб пачалихълъун[7]. Сариралъул ханасда тӀад лъуна щибаб лъагӀелалъ Дербендалда вугев гӀарабазул сардарасе 500 къвакӀарав гӀолохъанчиги, 500 кьунсрул чӀегӀерал ясги лагълъуде кьезе, гьединго Баб-ал-Абвабалъул тӀорщел цӀунулеб бакӀалде 100000 роцен тӀорщалилги кьезе[7][8].

1928 соналъ сиясатаб тӀадкъаялдалъун Хунзахъе щварав гӀурус офицер Хринсафил хъвай-хъвагӀиялда буго: «гьаб шагьаралда» (ай Хунзахъ) ислам тӀибитӀизабуна 790/91 соналъ Аб­дулмуслимица ХӀамзатил «яргъил къуваталдалъун». ГӀарабалда бугеб «Абулмуслимил Тарихалда» гьединго рехсон вуго Абулмуслимги Хунзахъги. Гьелда рекъон, VIII гӀасруялъул машгьурав сиясатчи ГӀабдурахӀман Хорасани, тарихалда живги Абулмуслим цӀаралдалъун рагӀарав, вачӀун вукӀун вуго Бакъдасеб Дагъистаналде, ва гьениб гьес ислам тӀибитӀизабулеб букӀун буго. Гьесул хӀалтӀи цебе бачун буго гьесул лъималазги, лъималазул лъималазги. Абулмуслимил наслуялъул цо гӀаркьел рещтӀун буго Гъумекиб, цогияю — Аваралда, ай Хунзахъ[9].

«Дербенд-наме»-ялда рекъон в 733/34 соналъ халифасул вац Маслама ибн ГӀабдулмалик, Гъумекибги, Хайдакъги Табасаранги кверде босун хадуб, тӀаде уна гӀахъущдериде ва «аваразде, жидер тахшагьар Хунзах бугел». Мас­ламаца, гьеб иццалда рекъон, гьезда тӀад бергьенлъ босула, хвалчадалъун исламалде руссинарула, гьезул ракьазда мажгитал рала ва, гьенир къадиялги тун, живго Шамалде нахъвуссуна.

Сариралъул ханас байбихьула тӀолго Кавказалда жиндирго рахъ кколе чагӀи ралагьизе. Гьедин, Тифлисалъул амир ИсхӀакъ ибн ИсмагӀил (830—853) вукӀана Сариралъул ханасул яс ячаравлъун[10]; гьезул данделъиялъе гьабун букӀана динал батӀиял рукӀаниги[7]. IX гӀасруялъул бакьулъ Сарир тӀубанго батӀалъула ГӀабасиязул халифаталдаса. Гьебго заманалда Сариралде гъолъе уна Филан абураб вилаят, гьелъ «сахӀиб-ас-Сарирасе» щола «филаншагь» абураб титул[7].[11]. 851 соналъ Ширваншагь тӀаде кӀанцӀула Сариралъул ханасде. 912 соналъ Дербедалъул амирас Ширваншагьида цадахъ гьабула чабхъен Шанданалде, гьелъие кумек гьабуле букӀана сариралъул ханас[7]. 968 соналъ Ибрагьим бин Марзубаница кверде босула Ширван ва буюрухъ кьола Дербендалъул амир АхӀмадие мукӀурлъеян. Сариралъул ханасги Дербендалъул амир ГӀабдул-Маликицаги, Ширваналде тӀаде кӀанцӀун, къуваталдалъун босула Шабаран ва гьеб бухӀула.Ширванги чӀунтизабун, аварал цо къоялъ цере лъугьуна Дербендалде ва, гьениб гъалмагъирги гьабун, нахъруссуна мугӀрузде[12]. Зама-заманалда жанисел рагъа-рачариялниги, къватӀисан Ширваналъул рахъалдасан хӀинкъи бугем мехалъги, Дербендазул амиразизе рахчизе бакӀ щолаан Сариралда.

Хадуб Дербенд лъугьуна Ширваналъул рахъ ккураблъун ва ал-Бабалъул халкъалъ гьенир ругел аварал гъурула. 971 соналъ Сариралъул ханас чабхъен гьабула Дербендалъул имараталде. Дербендалда аскӀаб авараз дербендалъул амир щущахъ виххизавула, азаргоялдаса цӀикӀкӀун чиги чӀвала[12]. 1032 соналъ Тмутараканалъул Мистиславица гьабула чабхъен Ширваналде, ва гьев лъугьуна Сариралъул ханасул тушманлъун, щайгурого Мистилавгун вагъизе хӀадур вукӀуна Дербендалъул амир Мансур, живги Сариралъул хан Бухт-Йищо II дурцлъун вукӀарав. Аварал, аланалгун къотӀиги хъван, гьелгун цадахъ тӀаде кӀанцӀула Ширваналде, гьужум гьабун бахъула гьелъул тахшагьар Шемаха. Аваразги аланазги 10 къоялъ тала гьабула, 10000-ялдаса цӀикӀкӀун чиги чӀван, бечедаб давлагун жидерго ракьалде нахъруссуна[12].

1064 соналъ, Ширваналъ гьусун, Сариралъул хан Пиружа цӀидасанги тӀаде кӀанцӀула Дербендалде.

Гьединго Сариралъул хазабаца бергьенлъиялъулал рагъул сапарал гьарулаан хазаразул ракьалдеги. Ал-МасгӀудияс хъвалеб буго: «Сариралъун ханас рагъал гьарула хазаралгун ва гьезда тӀад бергьенлъи босула, щайгурого гьел руго гӀодоблъиялда, гьев вуго мугӀрузда. Сариралъул ханзаби лъугьунаан Ширваналъулги Дербендалъулги ишазде гьоркьобе ва гӀахьаллъи гьабулаан рагъузулъ.

Хазаразулги гӀарабазулги Каваказада къуват загӀиблъидал, Сарир лъугьуна цогиязда бачӀеб къуватлъун; X гӀасруялде ккола Сариралъул бищун къуватаб заман. Сариралъул ханасде гӀарабазул иццазда абулеб буго «хакан ал-джибал» яги мугӀрузул ханилан. А. П. Новосельцевас хъвалеб буго: «бищун кӀудияв мугӀрузулаб Дагъистаналъул бетӀер вукӀана сахӀиб-ас-Сарир»[13]. Сарир букӀана мугӀруздаги гӀодоблъиялдаги бугеб пачалихъ. Аланиягун гьоркьолъаби, хазаразде данде чӀезе гьарурал, щулат гьарулаан ригьиназдалъун[14]. Сариралъул ханлъи, ХӀ. В. ХӀажиевасдаги В. М. Бейлисидаги рекъон, букӀана тӀолго Дагъистаналъул пачалихълъун[15][5]. Якубияс хъвалеб буго, Арраналда 4000 росу бугин, ва гьезул гӀемерисел Сариралъул ханасул ругин[16]. Профессор А. Д. Данияловасда рекъон, Ширван ккола Сариралъул некӀсияб ракьлъун.

Сариралъулги Аланиялъулги цоцада цурал гьоркьолъабазул бицуна гӀемерал иццаз. МасгӀудияслул баян кьеялда рекъон, Сариралъул ханас Аланиялъл хангун наслуяю бухьен гьабун буго, цоцазул яцалги рачун[17]. Аланиягун букӀараб бухьен бихьизе бегьула ономастикаялда, хасго аваразул бутӀрузул (жидер улбул гӀемерисеб аланиялъул ханзабазул ясаллъун рукӀунел рукӀарал) цӀаразда. Масала, кӀиго нухалъ данде чӀвалеб ХIII – XIV гӀасрабазул Авар нуцалзабазул цӀар — Сиртан (яги Саратан) гьединго даде чӀвала аланазул нартазул эпосалда Сырдон, Ширда хӀисабалда. Гьедин Урусманг абураб цӀар, жибги аваразул аристократазда гьоркьоб XV – XVI гӀасрабазда тӀибитӀун букӀараб[18].

Шамалъул тарихчи Абу-ль-Фидаца (1273 – 1331) баян кьолеб буго: «Матрахиялдаса бакъбаккудехун чвахулеб буго ал-Ганам гӀор, жибги ас-Сарир абураб улка къотӀун чвахулеб. Ас-Сариралъул батӀераб шагьар буго мугӀрузда, жибги мацӀазул мугӀрузда бугеб. ал-Ганам гӀор буго кӀудияб, хасало гьеб цӀорола, ва юк баччулел хӀайванал гьелдасан доррехун уна. Гьеб чвахула ал-Хазар ралъдалъе...»[19]. Ал-Ганам гӀор (гӀараб. – «Куйдул гӀор») В.Ф.Минорскияс Сулахъгун цогьабула[20], И.Г.Коноваловас рикӀкӀуна гьеб гӀор Кума бугилан[21]. Лъалеб жо буго: ХII гӀ. ва ХIII гӀ. байбихьуда Сариралъул гӀорхъабазда жаниб букӀана Дагъистаналъул ракьал, Сулахъ букӀана аваразул пачалихъалъул жанисеб лъел нухлъун. Сулахъ лъарагӀлъиялде лъушьунеб бакӀалда букӀана Сариралъуд хьундасеб тахшагьар — некӀсияб Гелбахъ шагьар. Гьеб букӀана Сариралъул щулалъилъун, ва гьенисан Сариралъул хӀакимлъи тӀибитӀулаан хьундасеб гӀодоблъиялде, жибги гӀемерисеб Сариралъул гӀадамазул кулияз ккураб. Гьединго Гелбахъалда щолаан тущбабазул тӀоцебесеб кьабиги, масала, ХIII гӀасруялда гъазияз цин къезавула нуцаласул вац Кагьру, жиндир чӀей бугеб бакӀ Гелбахъ букӀараб, ва гьелдаса хадуб Хунзахъги босула[22].

Гелбахъ археологияб комплексалда гъорлъ букӀана некӀсияб шагьаралъулги, росабазулги, щулалъи цӀуниялъе рарал гӀуцӀабиги ва хобалги. ГьабсагӀат гьеб тӀерхьун буго Гелбахъ ГЭСалъул хӀорниб. Чирурталъул некӀсиял хабзал рукӀана Сулахъалъул кваранаб рагӀалда ва цебе заманалда Хьундасеб Дагъистаналъул авлахъазул рахъалдаса цӀунун букӀана къуватаб къедалдалъун.[23]

Сарир биххи хисизабизе

Сариралъул хӀакъалъулъ ахирисеб рехсей ккола 1067 соналде. Сарир биххизе байбихьана пачалихъалда жанир рукӀарал насранияздаги, бусурбабаздаги, жугьутӀаздаги, хъанчи лагълъи гьабулездаги гьоркьор лъугьарал жанисел ва къватӀисел рагъал сабаблъун. XI гӀасруялда Сариралдаса ратаӀалъана бакътӀерхьуда ругел ракьал (гьабсагӀат ругел Болъихъ, ЦӀумада ва ГӀахьвахъ мухъал).. Е. М. Шиллингил баяназда рекъон: ГIандигIоралъул квегӀаб рагӀалдаса добехун ругел ракьал кколеллъун рикӀкӀунаан ЖугьутӀ-ханасе, кваранидехун ругел ракьал рукӀана Суракъатил I. Батизе бугу, Хазария биххизабидал Сариралде лъутун рачӀарал жугьутӀал гьенирго чӀун руго, ва Сарир биххидал гьелъул бакътӀерхьул рахъ ккун буго. Сариралъул ракьалда лъугьана аваразул боял, гьабсагӀат бугеб Хунзахъ мухъалда, Сариралъул ракӀлъун букӀараб, лъугьанаАвар нуцаллъи, жибги Сариралъул битӀараб ирсилаблъун кколеб.

Пачалихъияб низам хисизабизе

Сариралъул низам букӀана ханлъияб. Ханасул кверщеллъи кьолаан ирсалъе. Сариралъул аскаразулъ рукӀана аза-азар чи[24]. ТӀадегӀанал гӀадамазул рукӀана тӀарханал ва батрикал (патрициял). Ханзабазул рукӀунаан мухьдахъ ккурал бодул къокъаби.

ЖамгӀияб гӀуцӀи хисизабизе

Жакъа къоялъ ругел иццазда рекъон, VI-X гӀасрабазда МугӀрузул Дагъистаналда байбихьана цебесеб феодалияб социум.[25] ЖамгӀияб гӀуцӀиялъул аслияб бут8алъун букӀана гьитӀинаб хъизан. Халкъалъул тӀадегӀанал чагӀилъун рукӀана ханзаби, рагъул церехъаби ва цогидал нухмалъиялъул гӀадамал. Феодалаздаса гъоркьегӀан хӀокӀазда рукӀана рагъухъаби, гьезул церехъаби, росалабазул бутӀрул — раисал ва диналъул хъулухъчагӀи.

Бусурбабазул пачалихъазда раис кколаан бакӀалъул халкъалъул бищун хӀурматиял хъизаназдаса рищарал чагӀи, жидеца администрациялдаги халкъалдаги гьоркьочилъи гьабулел рукӀарал: администрациялъул тӀадкъайял тӀуралел, шагьаралъул, росабазул гӀадамазул цӀаралдасаги хӀалтӀулел.[26] "Ширваналъул ва ал-Бабалъул тарихалда" бицен гьабун буго "нусго Сариралъул раисазул".[26] Раисалин абулел чагӀазда бакӀалъул мацӀазда абулеб букӀараб цӀар лъалеб гьечӀо.

Ханзаби хисизабизе

Тарханал ва батрикал хисизабизе

Рагъухъаби хисизабизе

Узденал хисизабизе

Райятал ва лагъзал хисизабизе

ХӀужаби хисизабизе

  1. Аббас-Кули-ага Бакиханов (1991). "Гюлистан-и Ирам". «Восточная литература» (in русский). Халагьи 2020-07-06. {{cite web}}: Unknown parameter |description= ignored (квеки)
  2. Аббас-Кули-Ага Бакиханов. Топографическое описание Ширвана и Дагестана. Положение и наименование стран, происхождение жителей. Языков и вероисповеданий // . Цитата: «Территория Сарира локализуется в междуречье Андийского Койсу, Аварского Койсу и Кара-Койсу. Населена была аварами.»
  3. В. Ф. Минорский. Худуд ал-Алам.
  4. "Авария в X-XV вв." Введение. (Атаев М. М.).
  5. 5,0 5,1 Бейлис В. М. 1963.
  6. 6,0 6,1 [1]
  7. 7,0 7,1 7,2 7,3 7,4 7,5 7,6 Магомедов Р. М. 2002.
  8. Древние правовые памятники Аваристана/ / 2013-03-28/
  9. [2]
  10. В. Ф. Минорский. История Ширвана и Дербента X—XI веков. — М., 1963.
  11. Ал-Белазури. Китаб футух ал-булдан. — Лейден, 1866. С. 196.
  12. 12,0 12,1 12,2 Аль-Масуди. История Ширвана и ал-Баба / Пер. с араб. С. Г. Микаэляна. — М.: Издательство восточной литературы, 1963.
  13. Ибн ал-Факих. Китаб ал-булдан. — Лейден, 1885. С. 291.
  14. Ал-Масуди. Луга золота и рудники драгоценных камней. (Пер. Караулова Н. А.) — Тифлис. 1908.
  15. В. Г. Гаджиев Сочинение Гербера И. «Описание стран и народов между Астраханью и рекою Курой находящихся». — М., 1973. С. 165.
  16. Якуби. История. (Пер. Жузе П. К.) — Баку, 1927.
  17. Минорский В.Ф. Указ.соч.С.204.
  18. Атаев М.М. Авария в X-XV вв. Махачкала, 1995.С.112
  19. Коновалова И.Г. Восточная Европа в сочинениях арабских географов XIII - XIV вв. М., 2009.С.117.
  20. Минорский В.Ф. Указ.соч.С.119.
  21. Коновалова И.Г. Восточная Европа в сочинениях арабских географов XIII - XIV вв. М., 2009.стр68-69.
  22. Атаев М.М. Авария в X-XV вв. Махачкала, 1995.С.126
  23. Федоров-Гусейнов Г.С. История происхождения кумыков. Махачкала, 1996. С.44
  24. Аликберов А. К. Эпоха классического ислама на Кавказе: Абу Бакр ад-Дарбанди и его суфийская энциклопедия «Райхан ал-хака’ик» (XI—XII вв.) / А. К. Аликберов. Ответственный редактор С. М. Прозоров — М.: Вост. лит., 2003.
  25. Авария в X-XV вв. Атаев М. М.
  26. 26,0 26,1 Минорский В. Ф. Указ. соч. С.163.

Адабият хисизабизе

  • Минорский В. Ф. История Ширвана и Дербента. — М.,1963
  • Атаев Д. М. Нагорный Дагестан в раннем средневековье (по материалам археологических раскопок Аварии). Махачкала, 1963
  • Тахнаева П. И. Христианская культура средневековой Аварии (VII—XVI вв.) в контексте реконструкции политической истории. Махачкала, 2004
  • Айтберов Т. М. И аварский язык нуждается в государственной поддержке // Журнал «Народы Дагестана». 2002. № 5. С. 33 — 34
  • Магомедов Мурад Походы монголо-татар в горный Дагестан // История аварцев. — Махачкала: ДГУ, 2005. С. 124