Авар нуцалзабазул наслу

Аваразул ханзабазул сияхӀ» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)

Нуцалзабазул наслу, Нуцабазул наслу букІана гьанжесеб Дагъистаналъул бакътІерхьуда букІараб Аваразул пачалихъалъе (XI–XIX гІ.)[2][3] бетІерлъи гьабулел рукІаразул наслу. Гьезул тахшагьарлъун букІана цин ТІануси, хадуб Хунзахъ, жеги гІарабал рачІиналдего жиб букІараб[4]

ТІад свердероги бахъараб штандартгун бацІ — авар нуцаллзабазул дугъ[1].

Сариралъул ханзаби хисизабизе

  • Абухуасро. Гьев вукІун вуго «тушазул, хунзахъезул ва гьел бакІазул киналниги хъанчие лагълъи гьабулезул» бетІерлъун.[5] Гуржиязул тариххъваялда рекъон, Абухуасро вукІун вуго VIII гІасруялъул 40-лел соназ.[6]
  • Авар/Аваз. Ибн-Рустаца рехсон буго, Срирлъул бетІерасда «Авар абураб цІар» бугилан. Гъардзиица хъвалеб буго Сариралъул «пачаясда Аваз абула» — ян.[7] Гьел баянал кколел ратизе руго IX гІасруялъул кІиабилеб бащалъиялде.
  • Бухт-Йишо I (1025—26 )?. Гьав Сариралъул ханаса гь. 292/905 соналъ «хилиплъиялдалъун асир» гьавул Чоралъул амир МухІамад ибн Гьишам.[8]
  • Филан-шагь (940—950)?. Ал-МасгІудияс хъвалеб буго Сариралъул бетІерасда «Филан-шагь абула» — ян, хадубго тІаде жубалеб буго Филан-шагь «Сариралъул киналниги ханзабазул цІар» бугилан.[9] Цогидал иццазулги, живго МасгІудиясулги информациялъул анализ гьабидал, пикру бачІуна Филан-шагь X гІасруялъул 40 — 50 соназул Сариралъул ханзабазул титул гуреб, жидерго цІар букІанин абураб.
  • Бухт-Йишо II. Сарийс абурай ясалъул эмен; гь. 416/1025 соналъ гьей росасе кьола Чоралъул амир Мансурие.[10]
  • (Фируджа)
  • Т...ку/ТІокъу (рехсон вуго 457/1065 соналъ). Ф-руджил (К-рух, цІар тІубан цІалихе кІолеб гьечІо) вас, Чоралъул раис Муфаридж ибн Музаффарил вакъад.[11] XVII гІасруялда авар аристократиялда гьоркьоб гьеб цІар дандчІвалеб букІун буго[12]

Нуцалзаби хисизабизе

Сариралъул ханзабазда ва нуцалзабазда гьоркьоб бугеб хурхен хисизабизе

Сариралъул ханзабаздаги нуцалзабаздаги гьоркьоб букІараб бухьен бихьизе бегьула Сариралъулги Аланиялъул рукІарал гьоркьоблъабаздасан. Ибн Рустаца Х гІ. байбихьуда рехсарав Авар абураб цІар бугев Сариралъул ханасулги нартазул эпосалда рехсон вугев Ауар-ханасулги цІаразда гьоркьоб буго баянаб аналогия, гьенисан бачІунеб буго пикур Авар абулев бетІерги (нуцал) Сариралъул жинца аланиязул ханасул яс ячун вукІарав цІар лъаларев ханги цого гІадмал ругин абураб.[13][14][15] Авар нуцалзабазда гьоркьоб тІибитІун рукІун руго жидер бачІин осетиязул мацІалдаса ругел цІарал. Мисалалъе ГІандуникІ абураб (гІемерисебни гьеб рикІунеб буго Андроникос (грек Ἀνδρόνικος), абураб цІаралдаса бачІараб бугин абун), рес бугеб жо буго, гьири мацІалъул æндан (осет. æндан — чаран) абураб рагІудаса бачІун бати, цогидаб цІар — Сиртан — гьединго лъугьараб батизе буго гьириязул мацІалдаса, нартазул эпосалда рехсон буго гьеб Сырдон, Ширдан хІисабалда.[14]

Нуцалзабазул сияхІ хисизабизе

МухІамад Рафиясул «Дагъистаналъул тарихалда» I Суракъатиде щвелалде рехсон руго гьесул умумул, амма гьеб ицц тІубанго битІараблъун кколаро.[16][17][18]

  • Авар-хан

Лъаларел цогидал ханзаби

Лъаларел цогидал ханзаби

18371859 сс. — Хьундасеб Кавказалъул имаматалда гъоркьо уна.

1863 соналдаса нахъе Авар ханлъи Россиялда гъорлъе уна.

ХІужжаби хисизабизе

  1. Исалабдуллаев М. А. Мифология народов Кавказа. — Махачкала: КСИ, 2006
  2. Магомедов Р. М. 2002.
  3. Д. Ю. Арапов. Аварское Ханство // БРЭ.
  4. Айтберов Т.М. Аваро-чеченские правители из династии Турловых и их правовые памятники XVII в. Махачкала, 2006.
  5. Летопись Картли / Тарж., цеберагІм ва баянал: Г.В. Цулая. Тулпис, 1982, гь. 40, 41
  6. Бердзеншвили Н.А., Дондуа В.Д. Грузинские земли в VII – IX вв. – В кн.: Очерки истории СССР. III – IX вв. М., 1958, с. 506
  7. Ибн-Руста о Дагестане. – В кн. Минорский В.Ф. История Ширвана и Дербенда X – XI веков. М., 1963, с. 220
  8. Минорский В.Ф. История…, с. 65, 136
  9. Масуди о Кавказе. – В кн.: Минорский В.Ф. История…, с. 202, 203
  10. Минорский В.Ф. История…, с. 70, 136
  11. Минорский В.Ф. История …, с. 77, 136
  12. Айтберов Т. Материалы по истории Дагестана XV – XVII в. – В кн.: Восточные источники по истории Дагестана. Махачкала, 1980, с. 99
  13. Гаджиев М.С., Давудов Ш.О. Об одной группе раннесредневековых металлических зеркал Дагестана // Проблемы истории, филологии, культуры. 2018 № 4 С. 153–164.
  14. 14,0 14,1 Айтберов Т. Осетинские имена у аварцев XIV – XVII вв.
  15. УРУЗМАГ: К ВОПРОСУ ОБ ЭТНОКУЛЬТУРНЫХ СВЯЗЯХ САРИРА И АЛАНИИ В СРЕДНИЕ ВЕКА, Ш. М. Хапизов , Т. М. Айтберов
  16. Шихсаидов А.Р. Дагестанская хроника «Тарих Дагестан» Мухаммада Рафии. – В кн.: Письменные памятники Востока: Ежегодник 1972, М., 1977, с. 104, 105, 108
  17. Айтберов Т.М. О хронике «Тарих Дагестан».
  18. Маллачиханов Б. О прошлом Аварии. Махачкала, 1928, с. 4, 5

Адабият хисизабизе

  • "Дагъистаналъул Тарих", т. 1, М., 1967;
  • МухӀамадов Р. М., "Дагъистаналъул Тарих", МахӀачхъала, 1961.
  • Сычев Н.В. Книга династий. М., 2008. с. 637-638.

Линкал хисизабизе