Сванетия

Гуржиялъул регион

Сване́тия (Свáнети, гуржи: სვანეთი) — Гуржистаналъул шималиябгин бакътІерхьуда бугуб мугІрузулаб вилаят, сваназул ватІан. Территориалияб ва тарихияб рахъалъ Сванетия бикьула ТІасиялдеги Гъоркьиялдеги, гьезда гьоркьоб гІурхъилъунги буго Сванетиялъул бал.

Сванетия
Сванетиялъул сиял, Местииялда

ТІасияб Сванетия

хисизабизе
 
ТІасияб Сванетиялъул пейзаж
 
ТӀасияб Сванетия

ТІасияб Сванетия (гуржи: ზემო სვანეთი Земо-Сванети) буго Ингури гІурул эххедегІанлъиялда бугеб мугІрузулаб расалъи, гьелъул гІатІилъи буго 3154 км². Шималияб рахъалдасаги бакъбаккудасаги ТІасияб Сванетияб къан буго Шхара, Ушба, Тетнульди ва ц. тІогьалгун Кавказалъул бетІераб балалъ, жиндасан Хъизихъалъулги Россиялъулги гІурхъи унеб. Жанублъиялда буго Сванетиялъул бал, жиб Кавказалъул бетІераб балада цулеб ва жинца ТІасияб Сванетия бакъбаккудаса къалеб.

БакътІерхьудаса гьеб мухъ батІалъизабула Кодор къварилъиялдаса Хурум балалъ.

Верхняя Сванетия известна своими архитектурными сокровищами и живописными пейзажами. Выделяются жилые башни, сооружённые главным образом в IX—XII столетиях. Также сохранились древние каменные православные церкви.

ТІасияб Сванетия гъорлъе бачун буго ТІолгодунялалъул ирсалъул объектазул сияхІалде.[1]

Административияб планалда ТІасияб Сванетия гІуцІун буго Семегрелгин ТІасияб Сванетия икълималъул Местии мухъалъ, гьелъул административияб марказги буго Местиа.

Гуржи пачалъи биххун хадуб, XVI гІасруялъул бащалъуда ТІасияб Сванетия номиналго букІана Имеретиялъул пачаясул кверщаликь. Расалъиялъул бакътІерхьул рахъалда лъугьана Дадешкелиани гиназазул чияда бачІеб вилаят, гьелъие цІар щвана Гиназазул Сванетия абун. Расалъиялъул хутІараб, кІудияб бутІаялда, рукІана эркенал жамагІатал, гьеб рахъалда абулаан Эркннаб Сванетия-йилан.

Расалъиялъул кІиябго бутІа номиналго ана Россиялъул империялде гъорлъе (гиназлъи 1833 соналъ, «эркенаб» бутІа 1840 соналъ), амма 1840-лел соназул ахиралде щвезегІан букІинчІо гьеб мухъалда гІурус администрация.

1859 соналъ гиназлъи тІагІинабуна, мухъ буссинабуна Сванетиялъул хасаб приставлъиялде, Кутаис генерал-губернаторлъиялда гъорлъ.

Гъоркьияб Сванетия

хисизабизе
 
Гъоркьияб Сванетия

Гъоркьияб Сванетия (гуржи: ქვემო სვანეთი Квемо-Сванети) — Цхенисцкали (Риони гІоралъул кваранаб гІаркьел) ва гьелъул гІаркьел Хеледул лъаралъул ъххедегІанлъиялда бугеб расалъи.

Шималлъиялда Гъоркьияб Сванетия ТІасиялдаса батІа гьабула Сванетиялъул балалъ. Жанубиябги бакътІерхьудаса Эгрис балалъ гІурхъи лъола гьеб мухъалдаги Мегрелиялдаги гьоркьоб, Лечхум балалъ жанублъиялда батІа гьабула гьеб Лечхумиялдаса ва Рачаялдаса бакъбаккуда.

Административияб планалда Гъоркьияб Сванетия гІуцІула Рача-Лехчуми ва Гъоркьияб Сванетия икълималъул Лентехский мухъалъ, административияб марказ — Лентехи.

Балагье гьединго

хисизабизе

ХІужжаби

хисизабизе
  1. ^ UNESCO World Heritage Centre. "Upper Svaneti" (in английский). UNESCO World Heritage Centre. Щвей 2019-01-14.
  • Бакрадзе Д. З. Сванетія // Записки Кавказского отдела Императорского русского географического общества. — Тифлис, 1864. — Т. VI. — С. 19—128.
  • Деген-Ковалевский Б. Е. Страна снегов и башен: Очерки сванской культуры. — Л.: Прибой, 1930.
  • Ткешелашвили И. С. Сванетiя. Поѣздка по Сванетiи въ 1900 и 1903 годахъ и краткiй этнографическiй ея очеркъ. — М., 1905. — 54 с.

РегІелал

хисизабизе