Трампил ракълил план

ГІагараб бакъбаккуда ракълие Трампица лъураб план (къокъго «Трампил ракълил план» (инг. the Deal of the Century, «ГІасруялъул къотІи-къай») — гьеб ккола АЦШялъул президент Доналд Трампил администрациялъ ПилистІиналда ва ГІизраилалда гьоркьоб бугеб дандеккунгутІи лъугІизабизе ва гьеб кІиябго пачалихъ цоцаца рикІкІиналъе лъураб план. «ТІегьаялъе гІоло рекъел. ПилистІиниязул ва жугьутІазул гІумру лъикІ лъугьунеб куц бихьи» абураб цІаралда гъоркь хъвараб документ Вашингтоналда цебе лъуна президент Трампица ГІизраилалъул премер-министр Бинямин Нетаняхугун цадахъ ва ХъахІаб Рукъалъул сайталде борхана гьеб 2020 соналъул 28 январалда[1]. План хъван буго 180 гьумералда ва гІуцІун буго кІиго бутІаялдасан: экономикияб ва сиясияб[2]. Документалъ жанибе бачуна, Байтул Макъдисалъул статусалъул, гьеб кІиябго пачалихъалъул гІорхъаби чІезабиялъул, экономика цебе тІеялъул мурадалда пачалихъазе биччазе бугеб гІарцул кумекалъул, хІинкъи гьечІолъиялъул суалазул, Гъаза бутІаялъул статусалъул, асирзабазул ва лъутун аразул къисматалъул, жугьутІалги пилистІиниялги цоцаца рикІкІиналъул ва гьезда гьоркьор ругел разилъунгутІаби ва хадубккун ракълида хурхун гара-чІвари гьабиялъул къагІидаялъул хъвараб 23 къотІел. Планалда гьоркьоб лъун руго картаби ва рагъулал щулалъаби гьари гьукъиялъулгун хІинкъи букІунгутІиялъе лъурал баяналги[3].

Байбихьи

хисизабизе

АЦШялъул администрациялъ ракълилаб палн гІуцІизе байбихьана 2017 соналъ. Гьелда тІад хІалтІи гьабизе ва гьеб цебехун иналъе кІвар кьезе тІад къана АЦШядъул президентасул гІакълучи Джаред Кушнерида ва президентасул кумекчи Джейсон Гринблатида. «ГІасруялъул къотІи-къаялъул» экономикиял рахъал халкъалда гьоркьоб тІибитІизабун букІана 2019 соналъул риидалго.

Планалъул аслияб гьоркьоблъей

хисизабизе

Халкъаздагьоркьосеб реакция

хисизабизе
  1. ^ "Peace to Prosperity" (in английский). The White House. Архивация оригинал (2021-01-20). Щвей 2020-01-28. {{cite web}}: Invalid |url-status=хвараб (help)
  2. ^ White House (28.01.2020). "Peace to Prosperity" (PDF). Архивация оригинал (PDF) (2020-01-29). Щвей 2020-02-05. {{cite web}}: Check date values in: |date= (help); Invalid |url-status=хвараб (help)
  3. ^ "Белый дом опубликовал предложения по "сделке века" на Ближнем Востоке" (in русский). РИА Новости. 20200128T2252+0300. Щвей 2020-01-29. {{cite web}}: Check date values in: |date= (help)