Туш
Тушети (гуржи: თუშეთი) — тарихияб ва географияб мугӀрузулаб вилаят, жибги Гуржистаналъул шималиябги бакъбаккуда.
Тушетия
თუშეთი | |
---|---|
Карта | |
Вилаят, цадахъго Тушетиялъул миллияб парк, бихьизабун буго на включение в список ЮНЕСКО-ялъул тӀолгодунялалъулаб ирсалде гъорлӀе хъваялъе.[1]
Географияб чӀел
хисизабизеАдминистративияб рахъалъ Тушетиялъ ккола КӀахет иклъималъул ХӀамитӀа муниципалитеталъул шималияб рахъ. составляет северную часть.
Вилаят буго ГӀанди-гӀоралъул ва гьелде гъорлӀе кколеб Пирикит ва Гомецар Алазаналъул тӀасалъиялда бугеб мугӀрулаб котловина.
Тушети жанубалда батӀагьабула КӀахетиялдаса БетӀераб Кавказалъул балалъул бутӀаялъ бакътӀерхьуда КӀудияб Барбало тӀогьалдаса (3294 м) бакъбаккуда Шавиклде тӀогьалде (3578 м) щун. Жиндасан 1980-л соназ гьабураб Пшавели — Омало шагьранух унеб Абано гьабурлъиялъ (2850 м) бухьинабула гьанжесеб Тушетиялъул бищун кӀудияб росу Омало мухъалъул марказ ХӀамитӀагун.
Шималалдаса вилаят батӀа-гьабула Россиялъул Чачаналдаса Сулахъгин Терекалъул балалъ (Хьолбохъ балалъул бакъбаккул бутӀа) бакътӀерхьуда Тебулосмта тӀогьалдаса (4492 м) бакъбаккуда Диклосмта тӀогьалде (4285 м) щун. БакътӀерхьуда цӀороца рацарал мугӀрузда нахъа буго Арчило гӀоралъул расалъи, жиб тарихияб Хевсурети вилаяталде гъорлӀе кколеб. Бакъбаккуда, ГӀанди-гӀурумухъккун эххебе руго гьанжесеб Дагъистаналъул ракьал (ЦӀумада ва ЦӀунтӀа мухъ).
Халкъ
хисизабизеТарихияб рахъалъ вилаяталъул теориториялда гӀумру гьабун буго гуржиязул этнографияб къокъа — тушиял ва гьитӀинаб нахазул халкъ мосокӀал (цова-тушиял), жиб гуржиязул къуватаб асаралде гъоркье кколел. Халкъалъул кӀиябго къокъаялъул буго ортодоксалияб дин, насраниялдаса цебе букӀараб диналъул элементалги дандчӀвала. Тушиязул ва мосокӀазул буго релълъараб материалияб ва рухӀанияб маданият, — гӀемериселъ бакъбаккул Гуржистаналъул халкъал пшавазулгун ва хевсуразулгун гӀаммлъи бугеб. Характериял руго щула гьарурал росаби сиязулаб архитектура бугел.
1840-л соназде вилаяталъул халкъ цолъараб букӀана ункъго жамагӀаталде: Гометцари, Чакма, Пирикити ва Цова (мосокӀазул).
Заман бахъанагӀан халкъалъул цо бутӀа бахъана жанубалде, КӀахетиялда. В 1950-л соназ халкъалъул гӀемерисел рахъинаруна Алазаналъул расалъиялдк: тушиял-гуржиял Квемо Алвани росулӀе, мосокӀал — Земо Алванире.
Жакъа къоялъ гӀадамаз гӀумру гьабун буго Тушетиялъул анцӀ-анцӀ росулӀ, амма хасалил заманалъ гьел росаби чӀороголъула гӀадамалги КӀахетиялде рахъун.
Маданият
хисизабизеГӀадатазухъе, тушисел руго гӀухьби. Тушетиялъул гуда хӀан ва цӀакъаб квас букӀана машгьураб ва экспортинабулаан Европаялде ва Россиялде. Жакъа къоялъги гӀи-боцӀи хьихьи буго Тушетиялъул экономикаялъул цебесеб гӀаркьеллъун. БакӀалъул гӀухьби рии тӀрбитӀула Тушетиялъул мугӀрузул районазда, амма хасало гӀумру гьабун рукӀуна гъооркьегӀан ругел Земо Алвани ва Квемо Алвани росабалӀ.[2]
Галерея
хисизабизе-
Фарсма си, Тушети
-
Дартло росу, Тушети
-
Дартло росулӀ бугеб тайпадулаб си, Тушети
-
Рагъулаб си, Тушети
ХӀужжаби
хисизабизе- ^ Mta-Tusheti — UNESCO World Heritage Centre
- ^ Mühlfried, Florian (2014). Being a State and States of Being in Highland Georgia. New York: Berghahn. ISBN 978-1-78238-296-6.