Урартал
Урартал (акк. LUU-ra-aš-ta-a, эл. Har-mi-nu-ia-ip, др. перс. A-r-mi-i-n-i-a) — Армяназул борхбакӀалда[1] бетӀербахъи гьабулеб ги урарт мацӀалъ кӀалъалеб некӀсияб халкъ. Гьел Урарталъул политикияб элита кколел рукӀана, XIII гӀасруялдаса н. э. щ. къавмазул цолъи гӀадин рехсола ги VIII-алдаса VI гӀгӀ. н. э. щ.-алде щвезегӀан хӀукумат гӀадин.
И. М. Дьянковас хӀасил гьабураб ва ритӀухъли бихьизарураб Армяназул этногеназалъул миграциягун-жубараб гипотезалда рекъон, урартаз, ги цогидал Урарталъул халкъаз гӀадин (гьурритаз ги лувияз) индо-европияб инсармян мацӀ босана ги хадуб армян этносалъул бутӀаялде лӀугьана, гьелъул бетӀераб генетикияб компонент босун ги гьелъе жиндираб маданияб хутӀел кьун.
Рижи
хисизабизеУрартазул рижиялъул рахъалъ дурусал баянал гьечӀо. Лъала, урартал аккадалгун ги хурриталгун цадахъ, армяноидияб популяцияб къокъаялде лӀугьунел рукӀана. ХӀисаб гьабулеб буго, армяназул борхбакӀалдасан урартазул тӀибитӀи букӀине бегьулеб бакӀ кканин Ревандуз мухъалдаса (жакъасеб Ираналъул шималиябгун-бакътӀерхьул рахъалда БакътӀерхьул Азербайжаналъул территориялда), некӀсияб Мусасир шагьар букӀараб бакӀалда[2][3][4].
Гьеб мехалда, Урартуялъул бетӀерлъи гьабулеб династиялъул букӀине бегьула индо-европияб рижи, щайгурелъул хӀакимзабазул цӀаразул балкан мацӀазда параллелал руго[5].
1-леб азарго соналда урартаз, цогидал халкъазда цадахъ армяназул халкъалъул бижизабиялъул процессалда гӀахьаллъана. Армянал тӀолабго нексӀияб борхбакӀалъул халкъазул физикияб ги маданияб компонеталъул варислъана, тӀоцебесеб иргаялда, гьанжесел арменазул аслияб генетикияб компонент гьарурал, хурритазул, урартазул ги лувиязул[6][7].
МацӀ
хисизабизеУрартазул мацӀ гьурритазул мацӀалде гӀагарлъун букӀана, гьелдалъун гьез гӀуцӀула гьурритазулгун-урартазул хъизан[9][10][11].
Жакъа къоялда чӀезабун буго гӀелмуялда лъалеб 350-ялдаса цӀикӀкӀун урартазул рагӀаби батулеб бугин 200 рагӀаби-кьалбал цӀикӀкӀун армян мацӀалда, урартазул лексикалъул кьуч кколеб. ГӀага-шагарго 60 батӀияб мацӀ гъорлъе унеб хьондакавказиял къокъадул мацӀазда батана 170 гӀанасеб урартазул рагӀаби-кьалбал.
Дин
хисизабизеУрартазул дин гӀагараб гӀагарлъиялда буго Месопотамиялъул диназда: урартазул букӀана кӀудияб бучудузул пантеон, гӀемерисел якъинго росун рукӀарал Месопотамиялъул хӀукуматазул диназдаса (Шумер, Аккад ги Ассирия). Урартуялда тӀибитӀун букӀана къурбанхвеязул хIалбихьи. Къурбаналде бетӀераб къагӀидалъ босулеб букӀана оцал ги гӀиял. Гьединго ратун руго чагӀазул къурбанхвеязул лъалкӀал[12].
Гь. ралагье
хисизабизеМугъчӀваял
хисизабизе- ^ гӀур. нагорье
- ^ Stone E. C., Zimansky P. The Urartian Transformation in the Outer Town of Ayanis // Archaeology in the Borderlands. Investigations in Caucasia and beyound. — Los Angeles: University of California Press, 2003. — ISBN 1931745013.
- ^ Salvini Mirjo. .
- ^ Меликишвили Г.А. Мусасир и вопрос о древнейшем очаге урартских племён // Вестник древней истории. — Москва, 1948. — С. 37—48.
- ^ Петросян А.Е. К вопросу об этническом происхождении урартской элиты // Պատմա-բանասիրական հանդես. — 2005-12-25. — С. 208–226. — ISSN 0135-0536. Error in Webarchive template: Empty url.
- ^ Цитатинабиялъул гъалатӀ: Мекъаб тег
<ref>
; мурад баян гьабун хъвалебKim
-лъе текст бихьизабун гьечІо - ^ Дьяконов И. М. . — Т. Глава III. Образование армянского народа - 3. Образование армянского народа. Компоненты армянского народа.
- ^ гӀур. клинописный
- ^ Дьяконов И.М., Старостин С.А. Хуррито-урартские и восточнокавказские языки // Древний Восток: этнокультурные связи. — Москва: Наука, 1988.
- ^ Иоганнес Фридрих. . — ISBN 5-354-00045-9.
- ^ Дьяконов И.М. .
- ^ Халип:Книга:Lehmann-Haupt: Armenien