"Аллагь тун батIияв жиндие лагълъи гьабулеб жо гьечIо ва МухІаммад ﷺcode: ar is deprecated Аллагьасул авараг вуго".
"Аллагь тун батIияв жиндие лагълъи гьабулеб жо гьечIо ва МухІаммад Аллагьасул авараг вуго".

Ислам (гӀар. الإسلام‎‎ - Аль-Ислам; [al-ɪsˈlæːm]) - монотеизмалъулаб, ибрагьимияб гӀаламалъул дин. «Ислам»-абураб рагӀиялъул таржама гьабизе бегьула «мунго Аллагьасе мутӀигӀав гьави», «мутӀигӀлъи», (Аллагьасул къануназухъ) «гӀенекки». ГӀараб мацӀалда "ислам"-абураб рагӀи буго «сах-саламатго вукӀине», «хвасарлъизе», «цӀунун хутӀизе», «эркенав вукӀизе»-абурал рагӀабазул магӀна кьолеб "سلم" глаголалдасан лъугӀараб предметияб цӀар. ШаргӀияб терминологиялда ислам буго цохӀого-цо вугев Аллагьасда иман лъей, Гьесие мутӀигӀлъи, Гьес хӀарам гьабуралдаса инкар гьаби, Гьес хӀалал гьабураб -къабул гьаби; гьединго политеизмалдаса ва ширкалдаса камилаб инкар гьаби.

Тарихалда Исламалъе кьучӀ лъураб заман рикӀкӀуна VII гӀасру, МухӀаммад аварагас дагӀват гьабизе байбихьараб заман. Амма Исламалъул гӀакъидаялда рекъон киналго цере рукӀарал аварагзаби ва расулал, Муса авараг вукӀа, (Моисей), ГӀиса авараг вукӀа (Иисус Христос), рукӀана батӀи-батӀиял миллатазул, халкъазул гӀадамазухъе хӀакъаб дин - Исламги босун рачӀун, гьезда тавхӀид малъизе рачӀун. Амма заман унщинахъе, гӀадамаца жедехъе щвараб дин хисизабулеб букӀана, гӀемерал бидгӀаби журан, гьитӀинабги, кӀудиябги ширк гьабун, цӀидасан хъанчазе гьабулеб букӀараб лъагълъи-гӀибадат гьабизе лъугьун, тӀадежоялъе Мукъадасал тӀахьазда хиса-баси гьабун. МухӀаммадин абуни , гьев вуго Исламалъул ахирисев авараг, жиндихъ ТӀадегӀанас Къуръан вахӀью гьабурав.