Халип:Портал:Дин/ТӀасабищараб макъала
Зна́менский килиса (Мукъадасатай Богородицалъул Знамениялъул цӀаралда) — Шималияб Кавказалда бищунго кӀудияб килиса ва ХХ гӀасруялъул маданияталъул зани. Архитектураялда неовизантий къагӀидаялъ бараб килиса буго.
Гьелъул приход ГӀурус православияб гьатӀаналъул МахӀачхъалаялъул епархиялъул МахӀачхъалаялъул благочиниялда гъорлъе уна. Килисаялъул настоятель вуго иерей Валерий Галкин.
Килиса буго Дагъистан Жумгьурияталъул Хасавюрт шагьаралъул бакьулъ Орджоникидзеил къватӀалда, 121 рукъ. Гьеб ккола шагьаралъул архитектураялъул доминанта. Килисаялъул къубал ва хъанчал рихьула шагьаралъул сверухълъиялдасан цин. (жеги цӀализе…)