Халип:Портал:Къуръан/ЦеберагІи

Къуръа́н (гӀар. اَلْقُرآن‎‎ [qurˈʔaːn] — аль-К̣ъур’а̄н ) — ккола ТIадегIанав Аллагьасул калам, жиндилъ мугIжизат бугеб, ва жибги рещтIараб жиндир лагъ ва аварагзабазул бищунго ахирисев МухIаммад аварагасда ( жинда Аллагьасул цIоб рахIмат лъеяв).

Ва гьеб Къуръанги жиб Аллагьас цIунараб буго хисизабиялдаса, тIадцIикIизабиялдаса ва камизабиялдаса. Аллагьас абулеб буго хирияб Къуръаналда(Къуръан, 15:9):

« ХIакълъунго, дица рещтIана гьеб Къуръан. Ва дун вуго гьеб цIунулев »