ХъахӀабросо

ХъахІабросо» гьумералдаса гьанибе буссинабуна)
Росу
ХъахІабросо
Пачалихъ Россия
Жумгьурият Дагъистан
Муниципалияб мухъ Унсоколо мухъ
Координатал 42°44′20″ ш. гӀ. 46°42′20″ бб. х.HGЯO
Расмияб мацІ магIарул ва гІурус мацIал
Халкъалъул къадар 703[1] чи (2002)
Гъунки 840 чи/km²
Миллатал магІарулал
Этнохороним хъахІабросулъев, хъахІабросулъей, хъахІабросулъел
СагІтил рачел UTC+4
Телефоналъул код 87257
Почалъул индекс 368940
[[{{{идентификаторалъул тайпа}}}]] 82253835001
ХъахІабросо (Россия)
ТӀанкӀ
ХъахІабросо

ХъахІабросо (гІур. [Ашильта] Error: {{Lang}}: text has italic markup (help)), ккола Дагъистан жумгьурияталъул Унсоколо мухъалъул росу.

Бекьилъ росугун цадахъ гьеб гъорлъе уна ХъахІабросо росдал администрациялде[2].

Гьеб ккола росдал советалъул центрлъун 1921[1][3]) соналдасан байбихьун.

Дагъистаналда бищунго цӀикӀкӀун лъалеб бакӀлъун лъугьун буго ХъахӀабросу. Гьенив гьавуна ва гӀуна магӀарул адабияталъул классик рокьул гӀащикъ МахӀмуд. Гьениб буго цоцазде шапаниги кӀиго гӀишкъул тӀегь данде щвечӀеб некӀсияб Бекьилъ – пачаясул полковник ХӀассан-Ханил нус Муил ватӀан, гьелда цун аскӀоб буго гӀарацгӀан бацӀцӀадаб лъим бецӀцӀулеб ва кӀиго иццул лъим тӀатӀала чваханиги гъорлъе жубачӀеб, Муил чилайдул гъалал чанги гъорлъ ччурал росдал лъар.

Ракьхъвай хисизабизе

Росо ккола районалъул центр Унсоколо росдадаса шималиябгун-бакътІерхьул рахъалдехун 18 км рикІкІад ва 1 750 м борхатлъуда.

Население хисизабизе

  • Халкъалъул къадар 0,7 азрго чи (2002)[1] соналъ.
  • МагІарулазул росо.

Тарих хисизабизе

Гьеб букІана (ХIХ гІасруялъ) росдал жамгІияталъул центрлъун.

Жидерго росдада гьединаб цӀар лъеялъул хӀакъалъулъ хъахӀабросдерица бицала гьадинаб къиса. Гьанже росу бугеб бакӀалда рукӀун руго гӀатӀидал ва ризал рохьал. Гьенив вачӀарав ХъахӀавилан абулев чияс жиндирго кули гьабун буго. Гьелда ХъахӀасул кули абун абулаанила. Хадуб гьениб гӀагардехун рукӀарал Щулалъул гохӀ абулеб росулъа гӀадамалги гочун, рачӀун гьез гьениб жидеего росу барабила. Гьелда цӀарги ХъахӀабросуйилан тун буго.

ТӀоцебе росу ккураб заманги гьелъие кьучӀ тӀамурал гӀадамалги лъазе кӀолеб гьечӀо. Амма росулъ ратулел археологиялъулал лъалкӀаз бицуна росу цӀакъго некӀсияб заманалда ккураб букӀин. ТӀоцебе росу букӀун буго Шулалъул гохӀ абулеб бакӀалда. Унго-унголъунги тӀаде кӀанцӀулездаса цӀунизе щулалъаби ругеб бакӀ букӀун буго гьеб, гьабсагӀаталдаги гьеб гьединаб буго. ТӀабигӀат берцинаб расалъиялда гӀумру гьабулезул цебегоялдаса нахъего аслияб магӀишат гӀи-боцӀухъанлъи ва хурухъанлъи букӀана. Доб заманаялда гьезул рукӀа-рахъин ва культура цӀакъго нахъе ккараб букӀун буго.

Жиндир кутакал рагъал ккечӀониги ва бодулъ цӀар тӀибитӀарал гӀадамал жаниса рахъинчӀониги Кавказалъул рагъул соназда цо рахъалда хутӀичӀо ХъахӀабросуги. Дагъистаналъул цогидал росабазулго гӀадаб рагъулги кьалулги махӀ бахъараб букӀана гьеб росдалги къисмат. Амма доб заманалъул хъвай-хъвагӀаязда, гӀелмиял хӀалтӀабазулъ, ракӀалде щвеязулъ ХъахӀабросдалги цӀар батулеб букӀинчӀо. Киса-кибего дандчӀвалеб букӀана Ахкент абун. ЛъарагӀ мацӀалда гьеб рагӀул магӀнаги ккола «ХъахӀабросу» абураб. Буго жакъаги Буйнакск районалда Ахкент (ХъахӀабросу) росу. Дол церегосел хъвай-хъвагӀаяздаги киса-кибего рехсолеб буго Ахкент росу. Гьеб букӀине ккола нилъер ХъахӀабросу, чияр цӀаралде гъоркье ккараб.

Амма ХъахӀабросдерил гӀадамаз гӀахьаллъи гьабуна 1914 соналда букӀараб ТӀоцебесеб дунялалъулаб рагъда. ГӀурус пачаяс армиялда хъулухъ гьабулезе цӀикӀкӀараб гӀарац кьолеб бугиланги рагӀун, гьенире Россия цӀунун рагъизе ун руго ГӀабдулвахӀид, ХӀанза, ИсхӀакъ абулел гӀадамал, гьезда цадахъго поэт МахӀмудги. Армиялда хъулухъ гьабулел соназда хъварал ругин абулеб бугелъулха МахӀмудица «Почтовой кагътиде керенги чучун», «Марям» гӀадал гӀатӀидго магӀарулазда гьоркьор машгьурал асарал. ХъахӀабросдерица бицуна пачаясул армиялда хъулухъ гьабунилан къавулъ батӀияб хис-бас ккечӀин гьезул абун.

Совет власталъе гӀоло къеркьолел соназда ва къватӀисел улкабазул интервентазде данде рагъ гьабулеб заманалда хъахӀабросдерил гӀадамазги щулаго рахъ ккун букӀана большевиказул. Гьеб заманалда МахӀач Дахадаевасул отрядалда гьоркьор рагъулел рукӀана багӀарал партизанал ХӀасанханов Ражаб, ХӀажиев ГӀалихӀажи, ХӀусейнов ГӀабдула ва МахӀмудги. МахӀмуд вукӀана МахӀачил бухьенчи. Гьев МахӀачил тӀадкъаял тӀуразарулаго цо нухалъ ХӀоцоса Нажмудинил бандаз ккунгицин вукӀана. ХъахӀабросулъ букӀун буго МахӀачил цо отрядалъул рагъулаб штабги.

ХъахӀабросдал тарихалда бакӀ ккола ва гьеб бечед гьабула магӀарулазул цӀар рагӀарав поэт МахӀмудил творчествоялъ. МахӀмудил кучӀдул лъала ва рокьула гӀицӀго магӀарулазе гуребги Дагъистаналъул цогидал миллатазеги. ГӀурусазул кӀудияв гӀалимчи профессор Жирковас гьадин хъвалеб буго МахӀмудил ХӀакъалъулъ: «ГӀурус поэзиялда жаниб Пушкиница кинаб бакӀ кколеб букӀараб батаниги, гьединаб бакӀ ккола Дагъистаналъул поэзиялда жаниб МахӀмудицаги»,- абун. Поэт Н. Тихоновас абуна МахӀмуд Кавказалъул Блок вугилан. МахӀмудил кучӀдул гӀурус мацӀалда руссинарун къватӀире риччана Э. Капиевас.

МахӀмудил творчествоялда аслияб бакӀ ккола лирикаялъ, дол соназдаго гьес тӀадегӀанаб къимат кьун кӀодо гьаюлей йикӀана магӀарул чӀужугӀадан. БичӀчӀулеб жо, сверухъ кколел ругел лъугьа-бахъиназги поэтасе асар гьабичӀого толароан. Дагъистаналъул мугӀрузда гьес хъвана «Гьаб бурангун лъугьа, дунял лъухъазе» абураб кечӀ. Гьениб МахӀмудица магӀарулал ахӀулел рукӀана бечедазде данде жидерго талихӀаб ва эркенаб гӀумроялъе гӀоло къеркьезе. ХъахӀабросдерица кӀодо гьавуна жидерго вас. Росулъ гьесие лъун буго памятник, хабада абуни зонода къвалги бан, чӀарай магӀарулалъул образалда скульптор А. Сариджаца гьабураб зани, жидерго колхозалда лъун буго гьесул цӀар, зама-заманалда ХъахӀабросулъ тӀоритӀула МахӀмудил къоял.

Жеги къоабилел соназул ахиралдаго ХъахӀабросулъ рагьун букӀана медпункт. Гьенив тӀоцевесев учительлъун хӀалтӀулев вукӀана ХӀариколоса Сулейманов Наби. Гьелдаса хадуб 1934 соналда гӀаммаб лъай кьеялъул школаги рагьана.

1936 соналда байбихьана ХъахӀабросулъ колхозияб багъа-бачари. Байбихьуда коллективияб магӀишат цӀакъго мискинаб букӀана. Абизе бегьула дол соназда гьезул букӀарабгӀанасеб бечелъи жакъа ХъахӀабросдерил щивасул азбаралда батулин. Амма дагь-дагьккун сонал анагӀан цебетӀей лъугьана колхозалда, киналго гьелда сверухъ гъункана ва гъеж гурун хӀалтӀана производство щула гьабизелъун. ХӀалтӀул гуреб мацӀ лъаларел чагӀи ругилан абула хъахӀабросдерида. ГӀемерал рукӀана дол соназда росулъ колхозиял церехъаби. Масала: гьединавлъун вукӀана 1937 соналда ДАССралъул Верховный Советалде районалдасан тӀоцевесев депутатлъун вищун вукӀарав Зубаиров Муса, Ленинил орден босарай ва гӀемерал соназ гӀачиязе хъулухъ гьабун фермаялда хӀалтӀарай доярка Лабазанова Зугьра ва гӀемерал цогидалги. Жакъасеб гьаб захӀматияб ахӀвал-хӀалалдаги колхозчагӀаз жидерго коллективияб магӀишат цӀунун буго ва ракьалъеги гӀи-боцӀиялъеги хъулухъ гьабула киналго цадахъ рахъун.

ВатӀаналде тӀаде хӀинхъи ккарал 1941-1945 рагъул соназда ХъахӀабросулъа фронталде ана 42 гӀолохъанчи. Гьезул ичӀгояв гурони тӀад руссинчӀо. Берлиналде щвезегӀан рагъулаб нух нахъа тана Чупанов МухӀамадица. Гьесул бахӀарчиялъе нугӀлъи гьабулел чанго орденги ва медалги рукӀана гьесул. Тушманасда тӀад бергьенлъиги босун росулъе тӀад руссана Ражабов Лабазан, ГӀалиев ГӀумар, ГӀабдулаев ХӀасан гӀадал рагъухъаби.

Дол соназда хъахӀабросдерица тылалдаги рукӀун кумек гьабулеб букӀана фронталъе. Гьез кьуна гӀарацги, хинаб ретӀел-хьитги, росдал магӀишаталъул продуктабиги, гьел ана оборонаялъул щулалъаби гьаризе республикаялъул батӀи-батӀиял бакӀазде хӀалтӀизе.

Улкаялъ рагъуца лъурал ругънал сах гьарулел соназда хъахӀабросдерицаги хӀаракатаб хӀалтӀи гьабуна жидерго росу гӀуцӀиялъе, росдал гӀадамал кинабго рахъалъ хьараллъун рукӀинариялъе, рукӀарахъиналъул культура берцин гьабиялъе. Общественнияб производствоялъулаб гӀуцӀарухъанлъиялда хъахӀабросдерица церехун галаби тӀамуна.

ГӀемерал соназ росдаеги ва росдал магӀишат цебетӀеялъеги бетӀерлъи гьабуна Дадаев ДарбишмухӀамад, Сулейманов МухӀамад, Лабазанов ГӀабдула гӀадал гӀуцӀарихъанлъиялъул ишалъе гьунарги махшелги бугел гьалмагъзабаз. Ункъоабилел соназда МахӀмудил цӀар лъураб колхоз республикаялъул церетӀурал магӀишатазул кьерда чӀезабун букӀана гьелъул председатель ХӀажиева Разиятица. Гьей йикӀана Дагъистаналда колхозалъе бетӀерлъи гьабулей кӀиабилей чӀужугӀадан.

Гьанже ХъахӀабросдерил жидерго руго гӀалимзабиги, республикаялъул батӀи-батӀиял бакӀазда хӀалтӀулел махщел бугел специалисталги. Дагъистаналъул медицинаялъул институталда кӀудияв преподовательлъун вуго гӀелмабазул кандидат ГӀалискандиев ГӀабдурахӀман. Экономистасул тӀадегӀанаб лъай буго ХӀасанов МухӀамадил. Амма магӀарулазда гьев лъала МахӀмудил творчествоялъул хӀасратав пропагандист хӀисабалда. Гьев кколаМахӀмудил фондалъул правлениялъул председатель. Гьесул битӀахъегояб жигаралдалъун къватӀире риччана МахӀмудил кучӀдузул ва гьев лъалезул ракӀалде щвеязул тӀахьал, кибего рагӀизабун кӀодо гьабуна ХъахӀабросулъа МахӀмуд гьавуралдаса 120 сон тӀубай, росулъ цӀи гьабуна поэтасул музей.

ХъахӀабросдерил бицунеб бугелъул, бицен гьабизе ккола гьелда цун аскӀобехун бугеб Бекьилъ росдалги. МахӀмудил хӀасраталда рокьи ккарай Муил ватӀанин аби гуреб, гьеб росдал хӀакъалъулъ нахъе цӀунараб тарих гьечӀо, жакъа гьениб цо чанго мина гуреб хутӀунги гьечӀо. гьеб росу цӀунун хутӀунгутӀиялъе аслияб гӀиллалъун ккола 1944 соналда бекь Чачаналде хӀалалъ гочинари. 1956 соналда Чачаналдаса нахъе рачӀунаго гьел умумузул некӀсияб бакӀалдеги тӀад руссинчӀого Хасавюрт шагьаралда чӀана ва жакъаги гьентр руго. НекӀсияб Бекьилъ хутӀана гӀицӀго умумазул хабалаби. Гьениб буго МахӀмудил йокьулей Муил хабалги. Зама-заманалда ХъахӀабросулъе – МахӀмудил ВатӀаналде щварал гьалбал щвезе уна Муил хабадеги.

Лъабкъоабилел соназул ахиралда чӀаго вукӀана Муил гӀагарав чи Бекьилъа Албуриев ИсупхӀажияв. ГӀумруялъул ригь арав чи вукӀаниги ИсупхӀажияв вукӀана МахӀмудил творчествоги бокьулев, хӀал кӀун гӀадамазда гьоркьор гьесул кучӀдулги тӀоритӀизарулев ва гьел кучӀдул жиндицагоги ахӀулев чи. ИсупхӀажияс жинцагоги гьарулаан кучӀдул. Гьес абулаан жиндир заманалда рукӀарал чагӀи МахӀмудги Муиги рукӀаралани, жинца гьей Муи къан ккун гъежгун МахӀмудие кьелаанилан.

Цо нухалъ гьалбалгун цадахъ Бекьилъе щвараб мехалда ИсупхӀажияв вукӀана нижеда цадахъ бекьдерил хабалалъе Муил хоб бихьизабизе вилълъунев чи. Нижеда цадахъ гьениве унилан бекьдерил руччабаз гьесде рикӀкӀунареб чӀегӀераб-хъахӀаб жо толеб букӀинчӀо. «Кин мун, яцалъул вас, нечоларев МахӀмутӀил чукъа-рахханги бачун Муил хабатӀе ине» абулеб букӀана гьез. Гьезухъ гӀенеккулев вукӀинчӀо ИсупхӀажияв. «ХвезегӀан МахӀмутӀицаги течин, хабалалъ хӀалхьи нужецаги тоге гьелъие» абулеб букӀана бекьдерил руччабаз нижедеги семулаго. ИсупхӀажияс абуна бекьдерие гьабсагӀаталдаги бокьуларила МахӀмутӀилги Муилги гьоркьоблъиялъул бицине абун.

Нижгун цадахъ сапаралда вукӀарав магӀарулазул цо цевегосев поэтас ИсупхӀажиясда щибго ургъичӀого абуна МахӀмуд чӀвараб мехалда Муица гьабураб магӀуцин гьечӀодайин хутӀун абун. «Бекьилъ гӀадат гьечӀо чӀагояз хваразухъ гурони, хвараз чӀагоязухъ магӀу гьабулеб» - ян абуна ИсупхӀажияс. Киналго цадахъ рукӀаразе кеп щвана. Дов поэтаста лъалеб гьечӀоан Бекьилъа МахӀмутӀил йокьулей ХӀасанова Муи 1917 соналда хварайлъи. Гьелъул кӀиго васасги ясалъги гӀумру гьабулеб буго Хасавюрт шагьаралда. Муил вакьадасде абулеб букӀун буго Кудали ХӀасан абун. Гьедин абиялъе гӀилла букӀун буго ХӀасан гьанжесеб Гъуниб районалъул Кудали росулъ гӀараб гӀелмуялъе цӀалулев вукӀин.

ХъахӀабросулъ вуго гӀемерал соназ жив росдал культура-лъай кьеялъул учреждениябазда хӀалтӀарав, гьанже хӀалхьуда вугев, ГӀисаев МухӀамад. Гьес гӀемераб хӀалтӀи гьабуна росулъ ва районалда культура – лъай кьеялъул хӀалтӀи цебетӀезабиялъе. БитӀахъего гьеб ишалъе вижарав гӀадав чи вукӀана гьев жиндирго заманаялда. Гьанже жиндирго махщел гьес лъималазухъеги кьун буго. Дагъистаналъул культпросвет училище лъугӀарай яс Кавсарат хӀалтӀулей йиго росдал библиотекаялда, вас МухӀамадрасул абуни культураялъулгун рекӀелгъей гӀуцӀиялъул централда заведуюшийлъун[4].

Машгуьрал росолъасел хисизабизе

Росдал тарихиял бакІал хисизабизе

МахІмудие памятник.

КІиго хоб:

  • ТІасияб (Шариф Устарасул хоб).
  • Гъоркьияб (МахІмудил хоб).

ХIужаби хисизабизе

  1. 1,0 1,1 1,2 ЕДИНЫЙ РЕЕСТР АДМИНИСТРАТИВНО-ТЕРРИТОРИАЛЬНЫХ ЕДИНИЦ РЕСПУБЛИКИ ДАГЕСТАН. 2007
  2. Кахабросинский сельский округ (сельсовет)* (Унцукульский район)
  3. Историко-архивный справочник административно-территориального деления Дагестана за 1920—2000 гг. Махачкала, 2003. — 399 с.
  4. МухIамад СагIадулаев (10.12.2021). "ХъахIабросу -Рокьул хъала". «Ансадерил сверабазда». dagistan.ru. Архивация оригинал (2021-06-25). Халагьи 2022-02-24. {{cite web}}: Check date values in: |date= (квеки); Invalid |url-status=хвараб (квеки)
  1. перенаправление Шаблон:Унсоколо мухъ


  Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо.
Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай.