ЦӀунтӀал: Версиязда гьоркьор батӀалъиял

Контент гилдана Контент жубана
Нет описания правки
Нет описания правки
Мухъ 1:
'''ЦӀунтӀал''' яги '''Цезал''' (цӀун. ''цIунтIал'') — [[Дагъистан]]алда ва [[Гуржия]]лда бугеб [[миллат]]. Къадар — 28 азарго чи.
 
Гьединаб лъабго цӀар буго гьеб халкъалъул. Гьезие бищунго бокьулеб бугоан гуржияз жидеего кьураб дидоял абураб цӀар. Гьелъги батила ЦӀунтӀа районалъул газеталда цӀар «Дидоязул харбал» абун бугебги. Дидояз рикӀкӀунеб буго жидер некӀсияб тарих бугилан. Советияб властьги цӀунтӀадерица рокьукъго къабул гьабун буго. 1920 соналдаги дидоязе Гуржиялде гьоркьоре лъугьине бокьун букӀун буго, амма гьел Дагъистаналдаса ратӀатӀезе тун гьечӀо.
 
Дагъистаналъул ЦИКалъул хӀукмуялдалъун ЦӀунтӀа район гӀуцӀана 1930 соналъул декабралда. Араб соналъул риидал цӀунтӀадерил жамагӀаталъ кӀодо гьабуна район гӀуцӀаралдаса 80 сон тӀубай. Гьеб рохалилаб тадбиралде рачӀун рукӀана ДРялъул хӀукуматалъул вице-премьер, районазул ва шагьаразул бутӀрул. Районалъ бараб 80 соналъул 13 сон гьелъул гӀадамазе талихӀкъосараб букӀанилан абизе ккола. Баянаб букӀахъе, 1944 соналъул 9 марталда СССРалъул Халкъиял Комиссаразул Советалъул (СНК) хӀукмуялда рекъон, ЦӀунтӀа районалъул 46 росдал 1514 цӀараки хӀал гьабун гочинабуна Чачаналде, Ведено районалде. Дидоязул ракьал кьуна Грузия ССРалъул анкьго районалъул магӀишатазул гӀиял хьихьизе риидалилал мучӀдуллъун. ТӀолабго Дагъистаналъул 21 районалдаса Чачаналде битӀун букӀана 5000 цӀараки. Ведено районалда ракъун, къечон, квачан, гьава-бакъалъул ва тӀабигӀиял шартӀал рекъечӀого Аллагьасул къадаралде щвана 3857 чи. Гьедин цезазул миллат мигьлъана 50 проценталъ. Жакъа цӀунтӀадерица рикӀкӀунеб буго республикаялъул цогидал миллатаздаса жал 50 соналъ нахъа хутӀанилан.
Босараб бакӀ — «https://av.wikipedia.org/wiki/ЦӀунтӀал»