Цицерон
Марк Ту́ллий Цицеро́н (Латин: Marcus Tullius Cicero; гьавуна н. щ. 106 соналъул 3 январалда, Арпинум, Румалъул республика — чӀвана н.щ. 43 соналъул 7 декабералда, Формия, Румалъул республика) — НекӀсияб Румалъул сиясия жигарчи, оратор ва философ. Аристократияб хъизаналдаса вукэинчӀониги, гьес, жиндир ораторлъиялъул пагьмуялдалъун, гьабуна лъикӀаб карьера: н. щ. 73 соналдаса кватӀичӀого гьев вачӀана сенаталде ва лъугьана консуллъун н. щ. 63 соналда. Гьес хӀана аслияб роль Катилинал хилиплъи ургъи тӀатинабиялда ва хвезабиялда. Хадув, ватӀанчилъиялъул рагъулъ, гьев вукӀана жумгьурияб низам цӀуниялъул бишун машгьурав хӀаракатчилъун. Гьев чӀвана жидее гӀурхъи гьечӀеб хӀакимлъи къваригӀун рукӀарал кӀиабилеб триумвираталъул гӀахьалчагӀаз.
Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо. Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай. |